Редакторасул калам

МагIарул районазул нухмалъулезда ракI-ракIалъ баркула тIаде щвараб 2021 сон.
Баракатаб ва икъбалаб батаги нужее ва нужеца нухмалъи гьабулел районазул жамагIатазе
ЦIияб сон.

Ассаламу гIалайкум, хIурматиял магIарулал!

Гьале ахиралде щвана кигIанги бакIаб, рекIкIаб, рикIкIен гIемерал гIадамазул лъикIалщинал пикраби­гун къасдал рукъараб, гъанкъараб сон.

ГIумруялдаса ватIалъана аза- азар чи — дир инсудаса байбихьун, дунялалдаго машгьурав тренер ГIабдулманап НурмухIамадовасде щвезегIан. Коронавирусилан цIар чIвараб балагьаб унтуца цIогьохъе ва цIоб тун бецана халкъ.

 

Ана, талихIалъ, тIолабго гIаламалда тIад кверщел гьабураб, щибаб рокъобе къварилъи-балагь­гун рещтIараб, календаралда высо­коснийилан абулеб, 2020 сон.

Хваразул гIагарлъиялъе иман бу­геб сабру кьеги, унтарал киназулго, Аллагьасул кумекалдалъун, сах­лъи щулалъаги ва нилъер щивасул рекIелъ кантIи рещтIаги…

 

Къаси-къад батIалъи гьечIого, ун­таразул къаданир бахIарчиго къер­кьарал тохтурзабазул хIакъалъулъ нижеца хъвана щибаб номералда.

«БагIараб зонаялда» хIалтIулаго, жалгоги вирусалъ унтарал, Рос­сиялдаса 523 медхIалтIухъанасе жиндирго «Къункъраби» абураб ГIелмиябгун сах гьариялъулаб ком­плексалда реабилитация гьабурав сахав магIарулав, МГУялъул про­фессор МухIамад МухIамадовасеги сайгъат гьабуна нижер журнали­стаз чанго гьумер.

 

ГIемераб бицана газеталъ гIагараб Дагъистан дарабаздалъунги, маскабаздалъунги, кинабго хIажатабщиналдалъунги хьезабурал: бизнесмен Сулей­ман Керимовасул, Дербенталъ­ул чогърол заводалъул директор МухIамад СагIадулаевасул, дуня­лалдаго цIар рагIарав спортсмен ХIабиб НурмухIамадовасул, авар миллаталъул цевехъан Сайгид­паша ГIумахановасул, ДРялъ­ул вице-спикер СайгидахIмад АхIмадовасул ва цогидалги саха­ватал гIадамазул хIакъалъулъ.

ВахIшияб унтуца кинабго жо кIоченабуниги, гьайгьай, рукIана улкаялда, республикаялда ва райо­назда лъикIал ишалгун рохалилал лъугьа-бахъиналги.

 

Нилъ рохизе ккола власталде иш лъалел, ракIбацIцIадал нилъер миллатцоял рачIунел рукIиналдаса.

Мисалалъе, восе, къокъабго за­маналда жаниб лъаларедухъ Дер­бент шагьаралъул гьумер хисизаби­зе кIварав Хизри Абакаров.

 

— Дун гьаниве вачIана цохIо ка­кикьжогун, гьебги босун нахъеги ине вуго, — ян абурал рагIабазул хважаинас ДРялъул Пачалихъалъулав секретарасул хъулухъал­даги халкъалъе пайдаяб хIалтIи гьабизе букIиналда щибго щаклъи гьечIо нилъер.

КIудияб божиги хьулги буго ХIукуматалъул бетIер, магIарулав ГIабдулпатахI ГIамирхановасдаги.

 

Республикаялъул БетIерасул гIакълучилъун тIамурав Сайгид­паша ГIумахановасги абила жеги жиндирго рагIи, гьарила чанги миллаталъе кIвар бугел ишал.

Халкъалде гьумер буссарал рата­ги цIи рищарал хIакимзаби.

 

МагIарулазул ва тIолалго бу­сурбабазул кIудияб талихIлъун рикIкIуна дица шайих АхIмад- хIажи афанди гIадав динияв це­вехъан нилъер вукIин.

РакIалде щвезабе, вирусалъ битIахъе халкъ бецун унеб зама­налда, улкаялъул Президентасде хитIабгун муфти цеве вахъараб куц ва гьес рагьун хIакъикъат цебе лъеялъул хIасилалда республика­ялда ккараб хиса-баси. АхIмад- хIажил бихьинаб кIалъаялъ ва къвакIараб позициялъ кIудияб асар гьабурав дица доб мехалда хъван букIана «Муфти — чода, чиновни­кал — гIодор» абураб макъала. Щу­лияб сахлъиги халатаб гIумруги кьеги нилъер рухIияв цевехъанасе. Гьесулги тIолалго устарзабазулги баракат камун тогеги нилъ Алла­гьас…

 

Гьайгьай, нижер коллективалъеги гIезегIан захIматаб, квалква­лал, квекIенал гьарзаяб сон букIана гьаб. ГIемералго гIадин, нижги ун­тана, цо-цоял жеги унтунги руго.

Амма цохIо чIегIераб кьералъ белъун букIунарелъул гIумру ва къварилъиялда хадуб гIатIилъиги камуларелъул, рукIана унеб сона­лъулъги ниж рохизе ва чIухIизе рес кьолел ишал.

 

Подпискаялъул рахъалъ тIолалго миллиял газетазда гьоркьоб «ХIакъикъат» бачIана тIоцебесеб бакIалде.

ЦIи гьабуна, цо чанго соналъ гьоркьоб къотIун букIараб, журнал биччаялъул хIалтIи ва ПатIимат ГьитIиновалъул хIаракаталдалъун къватIибе бачIана тIоцебесеб номер.

Интернационалияб темаялда тIасан Миннацалъ лъазабураб са­ламатаб конкурсалда тIоцебесеб бакI ккуна ва 60 азарго гъурщил къадаралда премия щвана информотделалъул редактор Зульфия ХIажиевалъе. Гьелъго лъабабилеб бакI ккуна антитерроралъул тема­ялда хурхун нижерго министер­ствоялъ лъазабураб конкурсалдаги.

 

Филологиял гIелмабазул канди­дат, лъай кьеялъул отделалъул ре­дактор Кавсарат Сулеймановалъул жигаралдалъун, школлъималазда гьоркьоб тIобитIана «Ниж рагъул лъимал» абураб конкурс. Гьеб би­кьун букIана лъабго ригьалъул къокъаялде. Щибаб номинациял­да тIоцебесеб лъабго бакI ккурал цIалдохъабазегун конкурсалде гьел хIадур гьарурал мугIалимзабазе кьуна дипломал ва сайгъатал.

Гьединго, лъазабун букIана маш­гьурав хъвадарухъан, гIемерал со­наз миллияб газеталъе нухмалъи гьабурав журналист МухIамад Шамхаловасул цIаралда бугеб пре­миялъе гIоло конкурсги.

 

Бергьарав лъабго чиясе кьезе буго 15, 10 ва 5 азарго гъурущалъул къадаралда премиягун дипломал.

Газета цохIо нижеца гьабула­ро, гьеб гьабула миллатги бокьу­лел, газетаги цIалулел тIолалго магIарулаз. ЦIалдолез бакIаздаса ритIун рачIарал макъалабаз, лъа­забияз, цIиял харбаз чIаго гьабула гьеб.

 

Хьул буго, хIурматиял магIарулал, цIияб соналдаги нужеца нилъер миллаталъул цохIо бугеб газеталъулгун гьоркьоблъи хвезе теларилан ва подписка гьабилилан.

Баркула киназдаго ЦIияб 2021 сон!

 

Гьарула щивасе щулияб сахлъи, халатаб гIумру ва кидагосеб икъ­балги баракатги!