«Намусалъул» чирахъ къалъ-къалъун буго

Намус. Гьеб рагIи рагIарабго, щаялиго цебечIола гIагараб магIаруллъи. Намусалъул чирахъалъ гвангъизабун бугеб.

Гьале гьал рорхатал мугIруз ватIаналъе кьунщинал гьелъул рокьуе мустахIикъал васалгун ясал. Гьал согIал кьурабазда дандерижилъун багъана гьеб рокьул гуч. Гьале гьал кьураби-парсазда гьез ракана цIаял, жал даим свине гьечIел. Гьел цIадул хIенхIаллъун жакъаги руго нилъее умумузул цIаразе мустахIикъал ирсилаллъун ругел миллаталъул вакилзаби. Гьезул цояйги ккола гьаб макъалаялда бицен гьабулей ПарсихIат МуртазагIалиева. Гьей гьайбатай магIарулалъул хIакъалъулъ некIого рагIун букIана. Амма хъвазе ракIалде ккана гьабсагIаталда. Щайгурелъул гье­лъул нух­малъиялда гъоркь Москваялда Расул ХIамзатовасул цIаралда бу­геб дагъистаниязул «Намус» централда гьабулеб бугеб хIалтIул хIа­къалъулъ рагIидал, гъира ккана дир. Жакъа рахьдал мацIазул рухI ра­гIалде бакIарун бугилан киналго нилъ ахIдолел ругебгIан заманалда, Пар­сихIатица жигар бахъулеб буго гьезие кIиабилеб хIухьел кьезе. РакI хIайран гьабулеб берцинлъиялъул ЧIарада районалда тIирщана гьелъул намусалъул кьалбал. ГIатIиракьалда гьаюрай ва гIурай магIарулай абадиялъего ритIухъайлъун хутIулей йиго гIагарал мугIрузул ахIиялъе. Гьеб ахIулъ гьелда батана гIумруялъул магIна – цогидазе пайдаяйлъун йикIине, сверухъ ругезе лъикIлъи бикьизе, гьаги балаго, рещтIана гьей ракьалде, миллаталъул бакъул кунчIарал чIоразул цояйлъун яхъине йигей магIарулай.

Щваралда гIей гьабун
чIезе бокьуларо

Гьадинаб буго ПарсихIатил къисматалъул ахIи. Гьеб ахIиялъул асир­лъун йигей магIарулалъ ре­кIел тIиндасан гьулчун бачIунеб гIищ­къуялъ бицана дие телефоналдасан жакъа «Намусалда» бугеб ахIвал-хIалалъул, гьелъул тIоцересел галабазул ва жакъа гьелъ бакун бугеб чирахъалъ къалъизарун ругел Мос­кваялдаса дагъистаниязул хIакъа­лъулъ.
ГIемерал соназ нухмалъи гьабулеб буго ПарсихIатица «Намус» гIуцIиялъе. ГIуцIиялъул аслияб мурад – ватIаналдаса рикIкIад ругел дагъистаниял цолъизари. Ва гьел унго-унголъунги цолъизарулел руго «Намусалъ» — ватIаналъул махIги, яхIги, цIарги, цIваги… Гьеб кинабго цолъун лъугьараб квацIиялъулъ гIажаибаб берцинлъиялъул тIугь­дул­лъун руго Дагъистаналъул миллатал. Щибаб тIогьол жиндирго тIан­хал. Гьениб бугеб магIарул тIо­гьол цо тIамахлъун йиго жакъа Пар­сихIат. Жиндирго ахIигун, бу­хIигун, рухIелгун жуяна гьей гьеб гваялъулъе. Ва ПарсихIатица гьаб­сагIаталда гьабулеб бугеб хIалтIи цIакъго пайдаяб буго, рахьдал ма­цIазда сверухъ къобахъанагIан ахIвал-хIал хIалуцунеб гьаб зама­нал­­да. ЧIегIераб хьухьикье ккун унеб бугеб бакъ нахъги буссун диего гьимараб гIадаб асар гьабуна дие ПарсихIатил гьаракьалъ.
«Намусалда» цебе рагьун буго гьатIан къоялъ лъимал цIализарулеб школаги. Гьенир малъула Дагъистаналъул киналго мацIал, ватIаналъул букIинесеб кодоб бугел гIисинал ирсилазул лъай-хъвай гьабула Дагъистаналъул халкъазул маданиятгун адабияталъул, тарихалъулгун, гIадаталгун гIамалазул. Малъула централда гIараб мацIги.
— Ниж урхъун рукIуна ВатIаналъул хIакъалъулъ рагIулел лъикIал харбазухъ. Бокьула лъималазда рихьизаризе щибаб милаталъул вакилзаби. Гьеб мурадалда ахIула нижехъего гьоболлъухъ шагIирзаби-хъвадарухъаби, гIа­лим­заби, гIадатиял гIадамал. Гье­динго тIоритIула онлайн-данд­чIваял. Щибаб дандчIваялъ нижее гьа­була кIудияб асар.
Амма шагIир ТубхIат Зургьаловалъулгун букIараб дандчIваялъ киналго пана гьаруна. Миллаталде буго жиндирго рокьул цIурал хулжазухъ магIаруллъиялъул тIагIамги лъун, ячIун йикIана гьей нижехъе. Щивасде кьолеб кIварги, щивасда абизе батулеб недегьаб рагIиги, киназего бикьанагIан, гIемерлъун бачIунеб гьимиги — гьеб букIана гIагараб Да­гъистаналдаса гьелъ нижее бачIараб урхъараб боркьараб салам, — илан ракIалде щвезабуна ПарсихIатица дагьаб цебегIан шагIиралъулгун букIараб дандчIвай. Москваялдаса дагъистаниязе Дагъистаналъул рекIел кIутIилъун лъугьинабун буго ПарсихIатица жакъа «Намус».
Гьенибго лъималазда малъула Дагъистаналъул халкъазул кьурдабиги. Гьел лъазаризе хьвадулезул къадарги цIикIкIунеб буго. Гъираялда рачIунел руго лъимал рахьдал мацIазул дарсаздеги. Гьединал миллаталъул бакъул чIоразе канлъи кьолел ирсилал миллаталда ругебгIан мехалда, божизего бокьизехъин гьечIо мацIазул букIинесеб къисмат къваридаб бугин абураб жоялдаги.
ПарсихIатица гьединго бицана лъималаз гIахьаллъи гьабулел тадбиразул хIакъалъулъги. Киса-кирего гьел цере рахъуна, москваялъулазе Дагъистаналъул хIакъалъулъги бицунаго. Гьеб бихьизабула ретIараб ратIлицаги, рикIкIунел ва ахIулел миллиял кучIдузги, хIатта кьурдабигицин гаргадула миллиял мацIазда.
Кинха йохиларей, гьединал хар­бал рагIидал. ГьедигIан нилъ хIи­н­къизе ккараб къимат гьечIин ккола рикIкIада Москваялдагицин рахьдал мацIазул.
ГIагараб миллаталъул бакъуе хин­лъи кьолеб гьелъул чIорлъунги, гье­лъул цIвабзазе цIики кьолеб хIик­матаб нурлъунги, гьеб нуралдагицин нур базабулеб кунчIилъунги йиго жакъа ПарсихIат «намусалъулазе». Гьелъул рекIел кIутIиялъгицин Дагъистанилан ахIулеб бугин ккана дида, гьелъухъ гIенеккидал. Бигьаяб иш гуро чIужугIаданалъе рухIияб рахъ загIиплъулеб, гIадамазул ракIал чIунтулеб, кинабго жо бихха-хочараб гьаб заманалда ресалги ратун, «Намус» цIуни.
Гьелъги гьелъул нухмалъиялда гъоркь централъул коллективалъ гьабулеб хIалтIи цIакъго тIадегIанаб буго. ПарсихIатица ракIалде щвезавуна централъул цеве вукIарав нухмалъулев МухIамадрасулги. Бицана гьес «Намусалда» тун батараб бечедаб рухIияб ирсалъул хIакъалъулъги.

ГIумрудул сухъмахъаздасан

ПарсихIат МуртазагIалиева гьаюна ва гIуна Хасавюрт районалъул Кокрек росулъ. ГIагараб росулъ школа лъугIун хадуб гьей цIализе лъугьана Избербашалъул музыкалияб училищеялде. Гьелда гIей гьабун чIечIо гIолилай. ЦIалана ДГПИялъул филологияб факультеталда. Къисматалъ гьей ячана Москваялде. Москваялъул №1057 школалда хIалтIана гIурус мацIалъул ва адабияталъул учительлъун. Гьелда лъазе байбихьана тахшагьаралда ругел ракьцоял. Гьелъ цIакъго кIудияб гъираялда къабул гьабуна Россиялъул президентасда цебе бугеб Дагъистаналъул вакиллъиялъ «Дагъистан» центр рагьизе бугилан абураб хабарги. Ва заманалдасан гьений хIалтIизе ахIула ПарсихIат. 1997 соналда гьей хIалтIизе лъугьана централда методистлъун. Ва дагьабги заманалдасан, 2006 соналда – «Намус» централъул нухмалъулей, жакъа къоялде щвезеги. Руго ПарсихIатил шапакъаталги. Масала, Россиялъул Лъай кьеялъул министерствоялъул ХIурматалъул грамота. МустахIикълъана гьей Централъул «За верность Дагестану» медалалъеги. Амма къисматалъулго бищунго кIудияб ва тIадегIанаб шапакъатлъун гьелъие буго жиндирго кумекалдалъун кунчIараб миллаталъул бакъул цо-цо чIоралги, гьел чIоразул канлъухъе кенчIелел ругел гIисинал магIарулазул талихIалъул цIурал бералги. Гьез ПарсихIатил цIар хъвалеб буго миллаталъул тарихалъул тIехьалда.
Гьединго ПарсихIатица лъугIи­забуна Россиялъул президентасда цебе бугеб РАНХалъул (Российская академия народного хозяйства) магистратура. Гьей ккола Москваялда учительзабазда гьоркьоб тIобитIараб конкурсалъул «Содружество» номинациялъул финалистги.
Гьале гьадинаб буго Дагъистаналдаса ПарсихIат МуртазагIалиевалъул къисматалъул къиса.