ХIалуцин цIикIкIараб заман бачIана

Дагъистаналъул лъай кьей цебетIезабиялъул институталъул (ДИРО) гIаммаб ва хасаб педагогикаялъулгун психологиялъул кафедраялъул заведующая, психологиял гIелмабазул кандидат Гулжан Тажудиновалъ «ХIакъикъаталъе» бицана аслиял масъалабазулги гьел тIуразариялъе гьарулел тадбиразулги хIакъалъулъ.
 
 
Нижер баян:
Гулжан Тажудиновалъ лъугIизабуна ДГПУялъул биологиялъулгун химиялъул факультет. 1997-2001 соназда цIалана Москваялъул пачалихъияб педагогияб университеталъул аспирантураялда. ЦIунана психологиял гIелмабазул кандидатлъиялъе диссертация. 1994 соналдаса нахъе хIалтIулей йиго ДГПУялда, 2006 соналдаса нахъе – ДИРОялда доцентлъун. 2018 соналда йикIана профессионалиябгун тIадеги лъай кьей цебетIезабиялъул кафедраялъул нухмалъулейлъун ва 2020 соналъул июналдаса нахъе хIалтIулей йиго гIаммаб ва хасаб педагогикаялъулгун психологиялъул кафедраялъул нухмалъулейлъун.
 
– Гулжан, дуца нухмалъи гьабулеб кафедраялъул аслияб хIалтIи щиб кколеб?
– Кафедраялъе нухмалъи гьабун гIемер заман инчIониги, гьелъул хIалтIи дие цIияб кколаро. Аслияб иш ккола проектал гIумруялде рахъинари, программаби хIадур гьари, лъай кьеялъул идарабазе гIелмиябгун методикияб кумек гьаби.
Учительзабазе кумек гьабула лъай камил гьабиялъул курсазда. Гьел гIуцIула очно ва заочно. Учительзаби рачуна хIалбихьи цIикIкIарал психологазул дарсазде. Кафедраялъ тIоритIула мастер-классалгун тренингал. Курсазда рес щола ишцоязул хIалбихьиялъулгун лъай-хъвай гьабизеги.
Кафедраялда буго социалиялгун психологиял цIех-рехал гьарулеб лаборатория. Гьелъие нухмалъи гьабула психологиял гIелмабазул доктор Анжела Дамадановалъ. Лабораториялъ цIех-рехал гIуцIула федералиял проектазда рекъон. Гьезул кьучIалда чIезабула цIалдохъабазул психикаялъул ахIвал-хIал ва хал гьабула наркотиказде бугеб бербалагьиялъул.
Кафедра гIахьаллъула федералиялгун регионалиял проектал гIумруялде рахъинариялъулъ. Гье-лъул буго учительзабазул, ай педагогал-психологазул лъай камил гьабиялъул 30 батIияб программа. Буго цIияб махщалие педагогал куцазе рес кьолеб щуго программаги (логопед, педагог-психолог, социалияв педагог, дефектолог, библиотекарь). Программаби цIи гьарула, камуларо тIадежураялги. Календарияб планалда рекъон гIумруялде бахъинабула 13 программа.
ДРялъул Лъай кьеялъул ва гIелмуялъул министерствоялъул тIадкъаялда рекъон, кафедраялда тIоритIула батIи-батIиял курсал: медитациялъул, скулшутингалъул (къватIиса чияс яги пуланав цIалдохъанас классалда яги школалда ругел цIалдохъабазде кодоб ярагъгун гьужум гьабуни, щиб гьабизе кколебали малъулеб курс), суицидалъукьа цIуниялъул, рагъулал лъугьа-бахъинал ккарал бакIаздаса тIад руссарал лъималазул реабилитация гьабиялъул. Масала, хIадурун ва цIалулгун методикияб советалда цебелъезе къачIан буго «Школа приемных родителей» абураб программа. Гьелъул кьучIалда кумек гьабизе буго бесдалал яги лъимерлъудасаго сакъатал лъимал хьихьизе рачарал хъизамазе.
ХIалтIул чара гьечIеб бутIа ккола лъай кьеялъул идарабазе хIажатаб литература басмаялде бахъиги психологиялъулгун педагогикаялъул конкурсал гIуцIиги.
 
– Масала?
– Масала, «Дагъистаналъул бищун лъикIав педагог-психолог», «Дагъистаналъул бищун лъикIав социалияв педагог», «Бищун лъикIав педагог-библиотекарь» ва «Бищун лъикIаб библиотека». РакIалда буго дефектологазда гьоркьобги къец тIобитIизе. ХIадурун буго гьелъул проект.
 
– ДГПУялдаги ДИРОялдаги хIалтIула мун. Кинаб батIалъи бугеб гьезда гьоркьоб?
– 2006 соналдаса нахъе хIалтIула дун гьаний. ДИРО дида бихьула «гьалдолеб росдал хьаглъун». Гьаниб кидаго гьабулеб букIуна цо щибниги жо: конкурсал, командировкаби, планалда ругел ва планалда гьечIел курсал, «БагIараб зонаялде» яги «Точка роста» абураб тарихазулаб централде сапарал, дандчIваял… Карантин сабаблъун хIалтIи гIуцIизе ккана рикIкIадасан, амма планалда букIахъе – онлайн-дарсал, малъа-хъваял, ай бухьен тIезе течIо.
ДИРОялъул нухмалъиялъ гIуцIула киналго хIажатал шартIал. Дир пикруялда, ХIамзат Жамалудинов ректорасул хъулухъалде ккеялъул пайда гIемерлъана – педагогияб хIалтIул кIудияб хIалбихьи букIин гуребги, гьанжезаманалъул тIалабазда ре-
къон хIалтIизеги бажари буго гье-сул. Жиндаго сверухъ ишцоязул гъункараб къокъа цолъизабизе бажариялъги хIалтIи цебе туркIизабула.
– Кафедраялъул «къуват» гIолищ цIиял тIалабазда рекъон хIалтIизе?
– Нижер хIалтIухъаби руго гIемерал соназул хIалбихьи бугел, гIелмабазул кандидаталги докто-ралги. Цо-цо курсазе махщелчагIи ахIула цогидал бакIаздаса. Масала, нижер гьечIо дефектолог, логопед, медитациялъул рахъалъ махщелчи, лагералъул вожатый.
 
– ГIумруялда хIалтIизабизе кканищ психологияб лъай, масала, дурго мурад тIубазабизе?
– Киданиги, хасго цебеккунго гьелда тIадги ургъун, я гIадамазул хIукмуялде, я гьезул рекIел асаралде психологияб тIадецуй гьабичIо дица. Гьеб буго цIакъ бегьулареб, хIатта хIинкъи цIикIкIараб иш.
– ГIемер чияс кумек гьарулеб батила…
– Камуларо гьединал. Кумекги гьабула. Амма захIмалъула дирго рекIее асар гьабулел гIадамазе кумек гьаби. Масала, дир лъималазе, дие хириял чагIазе. Психологасул хIалтIи букIине ккола рекIел асараздаса эркенаблъун. Лъималазул яги яц-вацасул масъала дирго рекIелъе биччангутIизе бажаруларо. Гьединлъидал гIагарал чагIазе кумекалъе яхъине рес букIунаро.
Психологияб кумек гьабиялъухъ гIарацги босуларо дица. Гьединаб буго дир принцип.
 
– Кинаб гIакълу кьелеб цIалдолезе?
– Психологас киданиги кьоларо гIакълу. Гьес гIицIго кумек гьабула цебечIараб масъалаялъухъ батIияб рахъалдасан балагьизе ва бугеб ахIвал-хIал хисизабиялъе ресал ратизе.