Гьудуллъиялъул кьалбазда кьаву чIваларо

14 сентябралда МахIачхъалаялъул №9 школалда данделъун рукIана Дагъистаналъул халкъазул цолъиялъул байрам кIодо гьабизе.
 
ЦIалдохъабигун дандчIвазе рачIун рукIана Дагъистаналъул ЖамгIияб палатаялъул председателасул заместитель, республикаялъул «Дагъистан» басмаханаялъул директор ГIумаргIусман ХIажиев, «Россиялъул халкъазул ассамблея» гIуцIиялъул Дагъистаналда бугеб отделениялъул нухмалъулев, «ХIакъикъат» газеталъул бетIерав редакторасул заместитель Зикрула Ильясов ва «ХIакъикъат» газеталъул мухбир Шамай Хъазанбиева.
 
Байрамалъул тарихалъул хIакъалъулъ бицана школалъул директор Шамсигат Насрулаевалъ.
 
— Жакъа нилъеца бицине буго Да-гъистаналъул халкъазул гьудуллъиялъулги цолъиялъулги хIакъалъулъ. Гьелъулъ буго нилъер къуват. Гьеб нилъеца ракIалде щвезабула сана-йил, 15 сентябралда. Гьеб байрам дандеккезабун буго Дагъистаналъул халкъалъ Надир-шагьасда тIад бергьенлъи босараб къоялде. Нилъеда бихьулеб буго киналго заманабаз халкъазул букIараб гьудуллъи, — ян бицана Ш. Насрулаевалъ.
 
КIалъазе вахъарав ГI. ХIажиевас цIалдохъабазе бицана дагъистаниязул цолъиялъул хIакъалъулъ:
— Цолъиялъги гьудуллъиялъги ккун руго нилъер халкъал. Миллат цIехечIого, гIасрабаз гьудуллъиялда гIумру гьабулеб буго нилъеца. Дир кIудияб гьари буго нужеде, лъимал. ЦIуне нилъее умумуз ирсалъе тараб гьудуллъи. Гьеб загIиплъани, загIиплъула Дагъистан, — илан абуна гьес ва школалъе сайгъат гьаруна «Дагъистан» басмаханаялъ къватIире риччарал тIахьалги.
 
З. Ильясовас цIалдохъабазе бицана Россиялъул халкъазул ассамблеялъул ва гьелда цере чIарал масъалабазул хIакъалъулъ.
— ЦIуне мацI, цIуне миллат, миллаталъул гIадаталги гIамалалги. Дунялалъего мисаллъун буго Дагъистанги Дагъистаналъул халкъазул гьудуллъиги. МустахIикъаллъун рукIа гьединаб гьудуллъиялъе. Гьудуллъиялъул кьалбазда кьаву чIвазе тоге, — ян абуна гьес.
 
Ш. Хъазанбиевалъги бицана рахьдал мацIазул бугеб кIваралъул.
— Дида гьикъани ватIан сундаса байбихьулебилан, дица абилаан рахьдал мацIалдасайилан. Гьеб мацIалда ахIараб кечIалъ нухарегIула нилъ кIудияб дунялалде. Гьеб мацIалъул адаб тани, рилула нилъ, билула нилъее гIагараб Дагъистан. Дагъистаналъул халкъазул цолъи жакъаги буго дунялалъе кIудияб мисаллъун. Дагъистаналъул гьудуллъиялъул ва букIинеселъул кIул нужехъ буго. Тоге гьеб билизе, — ян бицана гьелъ.
 
Гьединго кIалъазе рахъана школалъул учительзабиги. Гьезги загьир гьаруна байрамалъул хIакъалъулъ жидерго пикраби.