Машгьурлъиялъулги къадруялъулги къуватаб кунчIи

Жиндирго мугIалималъе, Бике ГъазимухIамаевалъе, Руслан Салим­гереевас сайгъат гьабураб кочIолъ руго гьадинал мухъал:

 

Мукъадасаб буго, Бикеша,

                                           дур цIар,

ТIокIцIар батилилан

                                          ккун букIаниги.

Гьелъулъ цо хIикматаб

                                            хIеренлъи буго,

КъвакIи-кьвариялъул кьер

                                                 бугониги.

 

– КIикъогоялдасаги цIикIкIун со­налъ цебе лъугIизабуна Русланица нижер школа, — ян бицана физика­ялъул ва математикаялъул мугIалим Бике Измутовна ГъазимухIамаевалъ жиндирго цIалдохъанасул хIа- къалъулъ.

 

ХIакъикъаталдаги гьелъ тарбия- лъай кьуралдаса гIемерал сонал ани­ги, гьелъие баркала кьурал кагътал рачIуна улкаялъул батIи-батIиял бакIаздаса. Масала, Валера Янибе­говас школалда цIалулеб мехалдаго ургъун букIана жиндирго класса- лъул нухмалъулелда цIалул сон байбихьулеб къо лъилниги пикру хадуб гIунтIулареб къагIидаялъ бар­кизе. ЦIулакьодул гъотIол тIанхида хъван рукIана баркиялъул рагIаби. КIикъоялда щуго соналъ цIунун буго Бике Измутовнаялъ гьеб тIамах.

 

 

Гьадин бицана жиндирго гIум- руялъулги хIаракатчилъиялъулги хIакъалъулъ Бике Измутовнаялъ:

 

– Дун гьаюна 1936 соналъул 1 январалда Индиралдаса гочараб хъизамалда. Дир кьолбол кIудиял рукIун руго некIсияб ЧIикIаб росу гIуцIаразда гьоркьор. Дир кIудияв эмен ЧIикIаса ГъазимухIама гIемерал соназ Индиралда мажги­талъул имамлъун вукIун вуго. Гье­сул лъади Аминат, кIиго лъимерги нахъе тун, гIолохъанго хун йиго. Ин­диралъул жамагIаталъ гьесда гьарун буго, мун гIадинав лъикIав имамги нижер мажгиталъе щвезе гьечIин, цоги лъадиги ячун, гьанив чIайилан. Гьез малъухъе, гьес гьений лъади ячун йиго. Гьей дир кIодода цIар букIана Анав. Эмен Измудин, жин­дирго щуябго лъимергун, 1929 со­налъ Хасавюрталде гочана. Гьений гьаюна дун. Педагогасул захIматаб хIалтIуде дир рекIелъ рокьи бижана кIудияв вац Насрудинидаса мисал босун. Гьес МахIачхъалаялда раб­фак лъугIизабуна ва шагьаралъул № 4 гьоркьохъеб школалда тари­халъул мугIалимлъун хIалтIана. Гьеб школалда цIалана дунги 7 класс лъугIизегIан. Гьелдаса ха­дуй цIализе лъугьун йикIана Ве­дено школалде, вацас кьуна дун гьение магIарул ясазул интерна­талде. Гьев вукIана къвакIараб гIамал-хасияталъул чи. 1938 соналъ ана БагIараб Армиялда хъулухъ гьабизе. Рагъ лъугIизегIан вагъа­на ВатIаналъул эркенлъи цIунун. Политрук вукIана гьев. ГIемерал соназ хIалтIана школалъул дирек­торлъун, районалъул лъай кьеялъул отделалъул заведующийлъун. Гье­сул мисал босун, 1955 соналда гьор­кьохъеб лъай щведал, дун цIализе лъугьана Дагъистаналъул ручча­базул педагогияб институталъул физикаялъул ва математикаялъул факультеталде. Гьале кIикъоялда анцIила щугоялдасаги цIикIкIун со­налъ хиси гьечIого хIалтIулей йиго цин тIоцебесеб школалда, цинги — гIемеррахъазулаб лицеялда. ЦIалун яхъиндал дица мугIалимлъи гьабу­на дирго эбел-инсул гIагараб росулъ Индиралдаги.

 

Гьедин халатбахъараб гара- чIвариялдаса хадуб Бике Изму­товнаялъ дида цере столалда тIад тIиритIана жиндирго рукIарал цIалдохъабаз батIи-батIиял соназ ва батIи-батIиял бакIаздаса рачIарал баркиялъулал кагътал, телеграмма­би, жиндир хIакъалъулъ газетазда рахъарал макъалаби.

 

Шагьаралъул «Гьудуллъи» га­зеталъул 1968 соналъул 16 ма­ялда къватIибе биччараб номе­ралда бугеб «Нижер гьудул ва насихIатчIужу» абураб макъала­ялда 8 «а» классалъул цIалдохъаби Д. АхIмаджановалъ ва Т. Мичула­ялъ хъвалеб буго: «Бике Измутов­на ГъазимухIамаева йиго нижер классалъул нухмалъулей. Рогьа­ралдаса рукIкIинегIан гьей шко­лалда йикIуна, дарсаздаса хадурги нижее тIадеги занятиял гьарула, классалъулал сагIтал тIоритIула, яги цо цIалдохъанасулгун тарбия кьеялъулаб гара-чIвари гьабула. Цо сундениги машгъуллъичIеб лахIзат гьелъул букIунаро. Ина сонал, ни­жецаги гали лъела гIумруялъул нухде. Амма гьаб школалда цIаларал сонал киданиги кIочене гьечIо. Щиб лъалеб, ниж гьанир чанго соналдасан нахъеги данде- лъизе бегьула. Гьеб мехалъ аваданго ина нижер халатаб жанахIалъусан, бигьагьабун рагьила нижее хирияб кабинеталъул нуцIа. Гьений доска­ялда цее яхъун чIун нижеда йихьи­ла Бике Измутовна, цогидал лъима­лазда математикаялъул къанунал ричIчIизарулей».

 

 

– Дина АхIмаджанова гьанже ни­жер шагьаралъул больницаялда не­вропатологлъун хIалтIулей йиго, — ян бицана Бикеца, гьеб макъала цIалун хадуб.

 

Гьелъ бихьизабуна РФялъул Па­чалихъияб Думаялъул депутат, КПРФялъул фракциялъул нухмалъ­улесул тIоцевесев заместитель Сер­гей Решульскияс Москваялдаса битIун бачIараб телеграмма: «Кида­го рекIелъ хинлъигун ва баркалагун ракIалде щола дида дирго цIалул сонал. Дурго рекIел хинлъигун, лъикIлъигун ва кIвар кьун, Дуца хIаракат бахъана нижер щивасулъ лъугьинабизе лъикIлъиялъул ва жа­вабчилъиялъул, жиндирго ишалъе, жиндирго халкъалъе ва улкаялъе ритIухълъиялъул асар. Гьелъухъ нижер щивасул рахъалдасан бар­кала буго Дуе тIолабго гIумруялъ. РакI-ракIалъ гьарула Дуе щулияб сахлъи, халатаб гIумру, талихI ва лъикIабщинаб дур гIагарлъиялъе».

 

«РакI-ракIалъ баркула лъабкъо­ялда анцIго сон тIубаялъул юбилей машгьурай, хIаракатай педагог, бо­жарай гьудул ва тIалаб бугей эбел Бике Измутовнаялда», — ян хъва­леб буго РФялъул мустахIикъай мугIалим, Экологиялъул акаде­миялъул академик, Москваялъул хIукуматалъул премиялъул лауре­ат Инна Дмитриевна Евграфовалъ. «КIудияб хIарпалдасан хъвазе мустахIикъай МугIалим», — абун къимат кьолеб буго гьелъие жидер­го телеграммабазда Москваялдаса ХIусен Мухтаровас ва Краснодар краялъул Гулькевичи шагьаралдаса Катя Бурьяновалъ.

 

 

Цо открыткаги дихъе бегьун, Бике Измутовнаялъ абуна:

 

– Гьаб буго дие хирияй цIалдохъан Анисатица, гьелъул эбелалъ ва яцалъ баркун бачIараб. Гьелъ дун йохи­заюна, лъилниги кумек гьечIого, гъоркьиса гьей Москваялъул меди­цинаялъулаб академиялде цIализе лъугьиналъ, — ян кIалъана Бике.

 

Гьаб макъала ахиралде щвеза­бизе бокьун буго лицеялъул ди­ректор, ДРялъул мустахIикъай мугIалим, РФялъул лъай кьеялъул отличник Татьяна Голощаповалъул рагIабаздалъун: «Бике Измутовна йиго Хасавюрт шагьаралъул гу­ребги, тIолабго республикаялъулго мугIалимзабазда гьоркьой машгьур­лъиялъул ва къадруялъул къуватаб кунчIилъун».