МугIалимзабазулги мугIалим

Исана сентябралда 42-абилеб цIалул сон байбихьизе буго ДРялъ­ул мустахIикъай мугIалим, РФялъул лъай кьеялъул хIурматияй хIалтIухъан, Хасавюрталъул педколледжалъул авар мацIалъул препо­даватель Написат Расуловалъ.

 

 

Гьей ккола Унсоколо районалъул ГIашилтIаса. 1975 соналда, росдал микьгосонилаб школаги лъугIизабун, цIализе лъугьана Ха­савюрталъул педучилищеялде. 1979 соналдаса нахъе хIалтIана Хасавюрт шагьаралъул № 13 школалда байбихьул классазул мугIалимлъун. 1983 соналда гьей цIализе лъугьана ДГУялъул фило­логияб факультеталде. 1986 сонал­даса нахъе хIалтIулей йиго Хаса­вюрталъул педколледжалда.

Колледжалда хIалтIулаго, гьелъие мисаллъунги хьвада-чIвадиялъулъ мугъчIвалел хIубаллъунги ратана цереккун жиндие дарсал кьурал ва хадурккун ишцояллъун лъугьарал гIурус мацIалъул мугIалимзаби: ГIалиева Неля ва Садикъова Наида. Гьез кIудияб кумек гьабулаан Напи­сатие щибаб дарсиде хIадурулаго.

Дагьал церегIан къоязда Н. Расу­ловагун дандчIвана дун ва нижеда гьоркьоб ккараб гара-чIвари бахъу­леб буго жакъасеб номералда.

 

— Написат, букIанищ цогIаги ракI бухIараб къого мугIалимлъиялъул махщел тIаса бищиялдаса?

— ГьитIинаб къоялдаса нахъего анищ букIана мугIалимлъун яхъи­не. Лъеберго соналъ цебе коллед­жги лъугIун арал дир цIалдохъабаз, жакъаги дие кьолеб баркалаялъул калам рагIидал, йохула ва кидагIаги ракI бухIичIо тIаса бищараб махща­лидаса.

 

— Авар мацIалъул дарсал кьеялъ­ул рахъалъ щиб хIал бугеб жакъа?

— Расги лъикIаб гьечIо. Цо-цо эбел- инсуе бокьулеб буго лъималазда, гIагараб рахьдал мацIги малъичIого, ингилис мацI малъизе. Гьединаз гIемер абула щиб пайдайила бугеб рахьдал мацIалдасайилан.

Чадил гурони мацI лъалареб агь­луялда рахьдал мацIалъул кIвар бичIчIизабизе цIакъ захIмалъулеб буго.

Дица гIемер пикру гьабула ша­гьаралда гIумру гьабун ругел магIарулазул. КъватIиб, базараз­да, тукабазда, идарабазда цо-цо магIарулазул калам рагIидал, гIундул ричIараб гIадаб хIал лъугьу­на — я рахьдалаб гуреб, я гIурус гу­реб, бичIчIулареб цо лугъат букIуна гьезул кIалдиса бачIунеб.

Хасго пашманлъизе бачIуна ша­гьаралда бугеб нилъер интеллиген­циялъул хIисаб гьабидал, рахьдал мацIалдехун гьелъул цо-цо вакилза­базул бугеб бербалагьиги гьоркьоб­лъиги бихьидал.

 

— 25 соналъ цебе дуца гIуцIун букIана рахьдал мацIалъул пред­метиябгун циклияб комиссия…

— Гьеб колледжалда хIалтIулеб буго. Дица гIуцIарабги кколаро. Дица 25 соналъ нухмалъи гьабулеб буго гьелъие.

 

— Гьаб заманалда авар мацI лъазабулел педколледжалъул сту­дентазул кинаб бербалагьи бугеб адабияталдехун, авар мацI лъаза­биялдехун?

— Дир хIисабалда, нилъеца на­хъаса къотIичIого бицинеги хъвазе­ги ккола мацIазул бугеб хIалалъул хIакъалъулъ. ТIадчIей гьабизе кко­ла мацI гьечIони, халкъ букIунарин абураб пикруялда. Гьедин щибаб дарсида дица хIаракат бахъула лъи­малазул адабияталде ва мацIалде рокьи бижизабизе. Школалда рахь­дал мацIалъул дарсазде хьвадаразда лъикI лъала ва гьез кIудияб рокьи­гун хIаракат бахъула гьелъул тIинде раккизе, амма школалда рахьдал мацIалъул дарсаздеги хьвадичIого рачIараз керен туризабулаха. Эбел- эмен рачIуна, бегьуларищила жидер лъимал гьеб рахьдал мацIаздаса эр­кен гьаризеян. Щибха гьединазда абилеб?

 

— БитIараб бугищ-гьечIищали лъаларо, амма хабар буго авар мацIалъул лъебералда ичIго па­деж гIун бугин абун…

— 2007 соналъ РАНалъул ДНЦялда тIобитIун букIана гIел- мияб конференция падежазул хIакъалъулъ бицараб. Аслияв до­кладчи вукIана ХIамзатов АхIмад. Гьес бичIчIизабулеб букIана авар мацIалда микьго падеж гурони букIине кколарилан. Амма гьенир рукIарал гIалимзаби гьесда тIад рекъечIо ва гьез чIезабуна анцIила ичIго падеж букIине кколилан. БитIараб бицани, ХIамзатовасул пикру диеги гIагараб букIана. Щу­абилеб сериялда предметиял цIарал кин сверизарилин дица суал кьедал, жавабги щвечIо.

 

— Написат, умумузухъа нилъее ирсалъе щвараб бечелъи — мацIги, адабиятги, маданиятги, тарихги цIуниялъе, дур пикруялда, щиб гьабизе кколеб?

— ТIоцебесеб иргаялда, рахьдал мацIазул закон тасдикъ гьабизе кко­ла. Гьединаб законалъ кумек гьаби­зе буго гIурус мацIалъулго гIадин, миллиял мацIазулги къадру борхи­забизе.

Гьеб законги цебего хIадурун буго. ХутIун буго ДРялъул бетIерас гъулбас гьабизе.