ТIоцебесеб сентябрь, мун хIалуцунге

ЦIияб цIалул соналда сверухъ рагъа-рашари ва улбузул рахIатхвей

 

 

Исана нилъер республикаялда школалде ине вуго 427000 цIалдохъан. Гьезда гьоркьоса 55600 лъимер ине буго тIоцебесеб классалде.

 Улбул хIадурлъулел руго лъимал цIияб цIалул сонал­де ретIа-къан, къваригIарабщинабги босун, нухарегIизе. Амма кIиязулго, учительзабазулги эбел-инсулги, буго гIаммаб рахIатхвей. Коронавирус.

 

 Гьеб киналдаго сверухъ республикаялда бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ цIех-рех гьабизе ният ккана нижер.

 Щибаб соналъ 1 сентябрь тIаде щолелъул, эбел-инсул рахIатги макьуги бикъараб суал буго лъимал цIияб цIалул соналде къачIалаго дандчIвалел захIмалъабазда хурхараб.

 

 

ХIатIидаса бахъараб бетIералде щвезегIан, бахIарал гIадин, къачIазе ккола гьез жидерго лъимал. Жакъа цо лъимер школалде хIадуризе гъа­римай эбелалъул унеб буго, гьор­кьохъеб куцалда, 10000 гъурущ. ЦIикIкIун бугел бакIалги ратила, амма гьеб ккола гьоркьохъеб та­рих. КIигоялдаса цIикIкIун лъимер бугеб хъизамазул унеб буго 20000 гъурущ. Нижеца цIех-рех гьабу­раз бицана бищунго захIмалъулин тIоцебесеб классалде унеб лъимер къачIазе.

 

ТIоцебесеб иргаялда, гьелъие бо­сизе ккола лъикIаб, 3000 гъурщида­са гъоркье гьечIеб портфель, хадур хьитал, тIажу, гурде, ясазе — бантик, васазе — галстук, чIегIараб кьера- лъул костюм. ХIасил-калам, хIокI гIадин къачIала анкьго сон бараб лъимер. Гьевги чIухIун вукIуна, ко­доб понцIораб шарги ккун, дунял- гIалам жиндие гьимулеб гIадин вукIуна вохун 1 сентябралда шко­лалъул азбаралъув эхетун.

 

 

Хадусеб иргаялда, хIажалъула цIалуе хIажатаб къайи-цIа: ручка- къаламалдаса байбихьун, тIахьазде щвезегIан. Амма тIахьазул рахъ­алъ исана дагьаб бигьалъи бугин бицана улбуз. Щайин абуни, ре­спубликаялде 119000 цIалул тIехь бачIиналъул баян кьун букIана ав­густалъул байбихьуда ДРялъул Лъай кьеялъулгун гIелмуялъул министер­ствоялъ. Амма цебеккун гьединаб хабар тIибитIизабун букIаниги, МахIачхъалаялъул цо-цо школазда тIахьал кьолел гьечIин ракIхун би­цана цо-цо эбел-инсуца.

 

 

Ноутбукго учузго чIезехъин буго

ЦIалуе хIажатаб къайи-цIа босу­лаго гIага-шагарго 3000 гъурущ ун бугоан школалъул къайи-цIа бичу­леб тукада ятарай цо гIаданалъул. РетIел-хьит босизе гьелъ харж гьа­бун буго 12000 гъурущ.

 

«ТIахьал, гъоркьисаго гIадин, исанаги росизе ккечIо. Гьеб рахъ­алъ дагьаб бигьалъи ккана. Буго­ниги, 15000 гъурущги дагьаб жо гурелъулха. Гьелъулни бицинароан, цо чIара-хьараб низамалда школал хIалтIизе ратани. Пандемиялъул кIиабилебги карачел бачIине буги­лан тIиритIизарулел харбаз рахIат хвезабичIого толеб гьечIо дирги цо­гидал улбузулги. Гьеб къагIидаялде иш бачIани, гIадада ккезехъин буго гьабулеб хIадурлъи. Рокъосанго цIалулеб низамалде рачIунел руго­ни, гьабщинаб жо босулеб бакIалда васасе ноутбукго босилаан дица. ГIадада рокъоб шкафалъуб бан букIине цIияб ретIел щиб гьабизе­ха босилеб?» — ан ургъел бикьана гьелъ.

 

 

ТIоцебесеб классалде вас къачIалел гIолохъанал эбел-эмен­ги ратана гьебго тукада. 3000 гъурщидаса гъоркье багьа гьечIеб портфелазда гьоркьоса кинабдай босун лъикIилан ургъулей йигоан эбел.

 

«2000 гъурщиде хьитал, 1500 гъур­щиде тIажу, 2500 гъурщиде костюм, хъахIаб гурде, галстук ва гьеб гуреб цогидабги — бищун дагьаб 10000 гъу­рущ инехъин буго ратIлихъ», — илан бицана гьелъ.

 

«Гьелда чIечIони», — ян, велъулаго, тIаде жубана инсуцаги.

 

Дагьаб чIахIияб гIелалъул лъимал жалго ругоан ручка-къаламалдаса байбихьун хIажатаб цIалул алат бо­сулел.

 

 

 

Цоязе щолел, цогидазе щоларел тIахьал

Амма махIниги бигьаго гьечIоан, рукъалъул бетIергьанчиги камун, жиндаго тIаде кинабго ургъел бе­гарал улбузе. Гьединазул цояй кко­ла МахIачхъалаялдаса Райгьанат МухIамадрасулова.

 

— Лъабго лъимадул эбел хIисабалда, дие расги бигьаго гьечIо щибаб соналъ лъимал школалде хIадуризе. 20-30 азаргониги гъурущ инехъин буго. Амма гьелдасаги дун рекIекълъулеб жо буго хIукуматалъ гьабулеб кумекцин кидаго щолареб мехалъ. Мисалалъе, цIалул тIахьал. Исана Москваялъ нилъер школазе 100000 тIехь кьун бугилан рагIана ин­формалатаздасан. Амма дир лъимал унеб школалде гьел тIахьал щвечIеб къагIида. ГьечIин тIахьалилан абу­леб буго нижеда. Лъаларо, Москва­ялъ ритIарал гьел тIахьал киналго школазе гIечIогойищ хутIараб яги батIияб гIиллайищ гьениб бугебали, — ян бицана Р. МухIамадрасуловалъ.

 

 

Депутатазул намус борчIана

Лъимал школалде хIадуризе ул­бузе кумек хIисабалда, щибаб хъи­замалъе 10000 гъурущ гIарац кье­ялъул суал борхана гьал къоязда Пачалихъияб Думаялъул цо-цо де­путаз ва Федерациялъул Советалъул сенаторал Сергей Леоновасги Иван Абрамовасги. ТIоцебесеб классалде лъимер битIулаго эбел-инсуца 20000 гъурущниги харж гьабизе кколеб бу­гин, пандемиялъул заманалда абуни гIемерисел гIадамазе щолеб мухьги цIакъ дагьлъанилан, халкъалъул ур­гъел гьабун кIалъана депутатал.

 

Гьеб суалалда хурхун законалъул проект гьоркьоб лъезе босун буго Пачалихъияб Думаялде. Гьелъул ав­торазул хьул буго тIасияб соналъул 1 январалде гьеб къабул гьабилилан.

 

Гьединго, Пачалихъияб Дума­ялъул депутаз гьал къоязда загьир гьабуна коронавирусалда сверухъ ахIвал-хIал цIидасан хIалуцунеб бугелъул, школазда дарсал 1 октябралделъагIан нахъе рахъун лъикI букIинилан абураб пикруги. Амма РФялъул Лъай кьеялъул мини­стерствоялъул нухмалъулев Сергей Кравцов депутатазул гьеб пикруялда тIад рекъечIо.