Директорасда барабги букIуна

ЛъикIаб букIинаан лъималазул ахаздаги факультатив хIисабалданиги рахьдал мацI малъулебани

 

Араб анкьалъ «ХIакъикъат» газеталде рачIун рукIана ДИРОялда лъай камил гьабиялъул курсазда цIалулел рукIарал магIарул мацIалъул учительзаби. Гьезие бокьун букIана жидерго школазда рахьдал мацI малъиялъул бугеб хIалалъулги гьелде школазул администрациязул бугеб бербалагьиялъулги хIакъалъулъ бицине. Хасаб баркала кьолеб букIана гьез ДИРОялъул педагогазеги пайдаял курсал гIуцIаралъухъ. Гьезулгун гара-чIвари гьабулеб заманалда, дида ракIалде бачIана школазул кIиго директорасда гьоркьоб ккараб гьадинаб хабар: пуланав директорас цогидав директорасда гьикъанила, дуца учительзабазул харжал дагь гьарунищан. Гьарунин жаваб кьунила дос. Гьезухъа сагIтал нахъе росанищан гьикъанила цоги нухалда. Росанин, жаваб кьунила. Гьедин батани, школалде рачIунел рукIиналъухъ гьезухъа мухьищха босилеб, дарсал кьезе рачIунищали бихьизеян абунила дов директорас. Гьединги чIезаризе кIоларо хIалтIиги цIалдохъабиги рокьулел учительзаби. Кьолеб мухьдахъ, гьелъул мукъсанлъиялъухъ балагьичIого, хIалтIулел руго магIарул росабазул школазул рахьдал мацIазул учительзаби, хасго нижехъе гьоболлъухъ рачIун рукIарал.

Марин Ризванова, Гъизилюрт шагьаралъул №7 гимназия: «Февраль моцIалда шагьаралъул библиотекаялдаги школаздаги тIоритIана гIемерал тадбирал, рахьдал мацI цIуниялъулги цебетIезабиялъулги мурадалда. Гьелдаса хадуй дун гIахьаллъана МагIарул миллияб театралда тIобитIараб рахьдал мацIалъул фестивалалда. ГьабсагIаталда йиго ДИРОялда дирго лъай камил гьабулей. Шагьаралъул школазда хIалтIизе захIмалъула. Классалъул нухмалъулейги ккола дун, гьеб классгун дун кIалъазе ккола гIурус мацIалда. Гьеб мацIалде ругьунлъун руго лъималги гьезул умумулги.

Щиб дие кьолеб рахьдал мацIалъ? 50 сонил ригьалде яхун йиго дун. Гьелда гьоркьоса 30 сон ана школалда дарсал кьолаго. КигIан лъикI гIурус мацI бицине бажараниги, дихъа жеги бажаричIо, рахьдал мацIалда гIадин, гьеб мацIалда пикру гьабунги, гьеб къватIибе загьир гьабунги. Телевизоралдасан бихьизабулеб жоялъул хIисаб гьабулеб мехалдаги, базаралдаса къайи босулагоги, пуланав чияс кьураб суалалъе жаваб балагьулагоги, дица киналъулго пикру гьабула дирго рахьдал мацIалда. Бокьилаан, лъималазда магIарул мацI лъалеб букIарабани. РукIуна хIалтIуде улбул хьвадуларел, рокъосанго школалде рачIарал лъимал. Гьезда лъикI лъала магIарул мацI. Амма лъималазул ахикье хьвадарал лъималазда цIакъ хехго кIочонеб буго рахьдал мацI. Дир пикруялда, лъикIаб букIинаан, лъималазул ахаздаги факультатив хIисабалданиги рахьдал мацI малъани.

Анкьида жаниб лъабцIул дарсги кьун, гьезда мацI малъизе цIакъ захIмалъулеб буго. Гьезухъа бажарила ункъилазда-щуйилазда диктантал хъвазеги рекIехъе кучIдул лъазаризеги, амма цоцазулгун хабар бицинеги магIнаяб текст гIуцIизеги захIмалъила. Школа лъугIарай дирго ясалъ дида гьадин абуна: «Баба, малъе дуца лъималазда мацI. Дуца кьурал дарсал гьанжего-гьанже руго дидаги ракIалде рачIунел. Дур ракI къварилъуге, цIалдохъабазда дуца бицараб жо лъаларин абун. ГIураб мехалда, жидеего хIажалъараб заманалда, гьезда батизе буго гьеб дарсил хIасил», — ан.

Эбелалъ рокъоб малъичIони, школалда мацI лъазабизе бигьалъуларо».

Аминат ТIайгибова, Унсоколо районалъул ГьаракIуни росдал школа: «ГьитIинго гьуинлъана дие рахьдал мацI – эбелалъ кьолаан гьелъул дарсалги гьелъул нухдасан ана дунгоги. Дир бищунго ракIунтизабулеб буго рокъоб эбел-инсуца лъималазда гIурус мацI бициналъ. Жидедаго лъалареб, гъура-чункараб гIурус мацIалда кIалъала жакъасел цIалдохъабазул эбел-эмен. Гьелдасаги ракIунтула, школалде щвараб мехалда, директорасдаса байбихьун, учительзаби-предметниказде гIунтIун абула, дур магIарул мацIалъул дарс сундуе хIажатаб жойилан, ЕГЭги ОГЭги кьолареб дарс бачине цIакъ бигьаяб бугилан.

Дие цIакъ бокьула магIарул мацI. Хъвадаризеги бицинеги санагIатаб, бечедаб мацI буго нилъер. Ахирал соназда, Учительзабазул ассоциацияги гIуцIун, рахьдал мацIалъул байрамалги тIоритIун, магIарул мацI чIагояб букIин лъазабулеб мехалда, жеги цIикIкIана гьелде рокьи.

Лъималазеги гьезул эбел-инсуеги рахьдал мацI гьуинлъизе ккани, учитель цIикIкIун хIалтIизе ккола, дарсида рекIелгъеялъул къагIидаби хIалтIизаризе ккола. гьединал дарсазда цIалдохъаби лъикI хIадурлъула. Гьезие бокьула сценкаби хIадурулеб, байрамазде тадбирал гIуцIулеб мехалдаги гьенир гIахьаллъизе. Гьелъие хIажатаб материал батула дида «ХIакъикъаталда».

Цоги абизе бокьун буго. «ХIакъикъат» газета хъвайилан абураб мехалда, цониги учителас, живго лъикIав лъугьун, гьеб хъвачIо. Гьеб рахъалъ бокьун буго кIудияб баркала кьезе почалъул начальник ГIайшат МухIамадовалъе. Гьелъ газетал хъвана киналго учительзабазеги пенсионеразеги. Щивасухъе рокъобеги щвезабула «ХIакъикът» газета».

Асият Абакарова, Лаваша районалъул Урма росдал школа: «Сиядат Насруллаевалъ, нижер школалъул директоралъ, кIудияб кIвар кьола магIарул мацIалде. Школаздаса тIахьал ракIарулел ругин хабар баккараб мехалдаги, гьелъ абуна, ругел тIахьазда рекъон хIалтIеян нуж, гьелъул жаваб жинца кьелин. Нижер гьитIинабго школа буго, техникаги гьечIо. Учителасухъ буго мелги хъарщиги.

МагIарул мацI лъаларев чи махIрумлъула халкъалъул гIаммаб бечелъиялдаса – маданияталдаса, адабияталдаса, тарихалдаса. Гьеб лъазе тIадаб буго щивасда. МагIарул мацIалъул дарсаз щибха дуе кьолебан гьикъарав чиясдаги абизе бокьилаан, гIурус адабияталъул дарсида малъун лъарав Пушкиница щибха дуе кьурабан, Расул ХIамзатовасул асарал малъунилан щибха духъа бахъарабан.

17 соналъ хIалтIулей йиго дун школалда. ЦIалдохъабазул мацI цIакъ мукъсанлъун, мискинлъун унеб буго. Школалъул азбаралдаги росдал къватIахъги бицунеб буго гIурусгун магIарул жубараб».

ПатIимат МухIамадова, ЧIарада районалъул Кьорош росдал школа-интернат: «Памятник базе мустахIикъавлъун рикIкIуна дица нижер росдал школалъул директор ХIасан Хизрибегов. Щибаб педсоветалдаги, пуланаб масъалаги цебелъун тIобитIулеб данделъиялдаги гьес аслияблъун гьабула магIарул мацI малъиялъул суал. Нижер, ай рахьдал мацIалъул дарсал кьолел учительзабазул рахъги ккола кидаго. ЦIалдохъабазе мацI бокьизабизелъун, нижецаги гIуцIула батIи-батIиял тадбирал. Масала, гъоркьиса Рахьдал мацIалъул къоялде классазда гьоркьоб къец лъазабуна къадал газетазул. ЦIалдохъабаз хIадурарал газетазда рукIана рагъул гIахьалчагIаз хъварал кучIдулги кагъталги, байрам тIобитIиялъул тарихги, жидецаго хъварал макъалабиги. Гьединал ишазде машгъуллъараб заманалда лъималазулъ куцала ватIаналде рокьи, бахIарзаздаса гьезул чIухIи, гьезда лъала миллияб тарих ва маданият.

Рахьдал мацIалъул тIахьал школалдаса нахъе ракIареян хабар бачIараб мехалдаги, ХIасан Хизрибеговас дида абуна: «Ругел тIахьазда рекъон хIалтIе. ГIолел гьечIони, рокъор тарал басриялги росеян абе лъималазда. ЧIарадисел руго гьалбал хириял магIарулал, амма, рахьдал мацIалъул тIахьал нахъе ракIареян, хабаргун нилъехъе вачIарав гьобол нахъе витIила нилъеца», — ян.

Школалда кружоказеян рукIарал сагIталги гьес кьуна рахьдал мацIалъул учительзабазухъе. ЕГЭ, ОГЭ бугин, жидехъе кье гьел сагIталин гьарулеб букIана математикаялъулги гIурус мацIалъулги учительзабаз. Амма гьел гьезухъе кьечIо».

Учительзабазулгун гьабураб накъиталдаса гьадинаб хIасил гьабуна дица: 1. Рахьдал мацI малъиялъул иш тIадегIанаб даражаялда букIуна, миллияб рухIияб бечелъиялъул адаб гьабулев директор вугеб школалда. 2. ЦIалул тIахьал, методикиял малъа-хъваял, берзулгун гIинзул алатал гьечIониги, учительзабазухъа бажарула рахьдал мацIалдеги адабияталдеги рокьи бидулъ бессарал цIалдохъаби куцазе. Гьелъие гIицIго хIажалъула учителасул жигарчилъиги хIалтIудегун цIалдохъабазде рокьиги.

Гара-чIвари гьабуна

Кавсарат Сулеймановалъ.