ЛъикIаб хIасилалде ишанги босун

Школалда учительлъун хIалтIун гIемер гIарац щоларо, гьединлъидал батила гьеб махщел машгьураблъунги рикIкIунареб. Гьедин букIаго, захIматаб суал буго нужерго цебетIеялда тIадчIаян абун учительзаба­зухъа тIалаб гьаби. ЦебетIеялде гъирабазабулеб далиллъун букIине бе­гьула хIалтIудехун бугеб учителасул хасаб бербалагьи, репетиторлъун хIалтIунниги, щолеб гIарац цIикIкIиналде хьул щулалъи. Махщел чIобого камил гьабизе ресги буго. Гьелъул хIакъалъулъ нижее бицана Дагъистаналъул лъай кьей цебетIезабиялъул институталъул ректорасул хъулухъ тIубалев ХIамзат Жамалудиновас.

 

 

ХIамзат Жамалудинов гьавуна 1960 соналъул 15 июналда Гумбет районалъул Аргъвани росулъ. 1983 соналда лъугIизабуна Ломоносо­васул цIаралда бугеб Москваялъул пачалихъияб университеталъул философияб факультет. Гьев вуго философиял гIелмабазул кандидат, социологиял гIелмабазул доктор. Гьесие щварал шапакъатазда гьор­кьор руго: ДРялъул лъай кьеялъул мустахIикъав хIалтIухъан, ДРялъ­ул ХIурматалъул грамота, «Элита образования» абураб халкъазда гьоркьосеб каранда балеб гIаламат.

19832013 соназда хIалтIана Дагъистаналъул пачалихъияб педаго­гияб университеталда, 20042013 соназда вукIана проректорлъун. 2017 соналъул апрелалдаса августалде щвезегIан хIалтIана ДРялъул лъай кьеялъул министрасул кумекчилъунги ГIалибег ТахоГодил цIаралда бугеб Дагъистаналъул педагогикаялъул гIелмиял цIехрехазул ин­ституталъул директорлъун. Гьебго соналъул октябралдаса нахъе хIалтIулев вуго ДИРОялъул ректорлъун.

 

 

 

 

-Кинал масъалаби тIуразарулел жакъа ДИРОялъ?

— Дагъистаналъул лъай кьей цебетIезабиялъул институт буго ре­спубликаялда цохIо бугеб ва чIобого лъай камил гьабизе педагогазе рес кьолеб бюджетияб идара. РакIчIун абила: рищватчилъи нижер гьаниб гьечIо. Гьелъие нугIзалги руго – ин­ституталъул курсазда цIаларал лъай кьеялъул идарабазул нухмалъулел, учительзаби, лъималазул ахазул тарбиячагIи.

Лъай камил гьабизе рачIарал пе­дагогазухъа низам цIуни тIалаб гьа­була нижеца. КIигоялдаса цIикIкIун къоялъ дарсазде вачIинчIев педаго­гасул цIар хъвагIала сияхIалдаса. ЧанцIулго гьабизе ккана гьедин: лъагIалида жаниб азаргоялдаса цIикIкIун чи нахъе витIиялъул хIужаги ккола мех-мехалда. Курсаздей­ин абуни, лъагIалида жанив вачIуна 10 азаргониги педагог.

 

 

-Курсазде хьвадунгутIиялъе гIилла щиб?

— Аслияб гIилла ккола МахIачхъалаялда рукIине санагIат гьечIолъи. Учительзаби рачIуна районаздаса, институталъул гьечIо общежитие. Бегьулаан гьеб базе ДИРОялъул аз­баралда, амма гьеб суал дир кверща­ликье кколаро.

ХIакъикъаталдаги махщел камил гьабизе гъира бугев учителасе ку­мек гьабизе ккола нижеца. Гьедин­лъидал нижеца дарсал гIуцIула за­очнияб къагIидаялдаги. ДИРОялда цебечIараб аслияб масъала бугелъ­улха учителасе бищун лъикIавлъун вукIине кумек гьаби.

 

 

-Кин гьеб гьабун бажарулеб?

— Лъай камил гьабиялъул кур­сазул программаби малъула ка­лендарияб планалда рекъон, пача­лихъалъ чIезабурал къагIидабиги кьочIое росун – очно ва заочно. Исана марталъул ахиралдаса кур­сал гIуцIун рукIана дистанциялъул къагIидаялда. Гьелъул мурадалда хIалтIизабуна институталъул сайт. Дарсал кьолел рукIана онлайналда ва жалго жидедаго чIун (теория лъа­забизе). Хадуб гьабуна гьоркьосеб­гун хIасилияб аттестацияги – гьеб гIуцIана тестаздалъун.

 

ДИРОялъул аслияб хIалтIи буго цIалулгун методикияб хIаракат. Ме­тодикияб рахъалъул бицани, гьеб буго цIалулгун методикиял доку­ментал хIадуриялъул рахъалъ лъай кьеялъул идарабазе кумек гьаби, ДИ­РОялъул преподавательзабазул мах­щелгун гьунар камил гьаби, цIали гIуцIиялъулгун курсазде рачIунел учительзабазулгун гьабулеб хIалтIул къагIидаби лъикIлъизари. Методи­кияб хIалтIул аслияб мурад ккола цIалул качество камиллъизабиялъе санагIатал шартIал гIуцIи.

 

ДИРОялъул хIаракаталда аслияб бакI ккола, гьанжезаманалъул лъай кьеялъулъ регионалияб лъай кьеялъ мустахIикъаб бакI кквеялъул му­радалда, школаздагун лъималазул ахазда инновациялъул къагIидаби хIалтIизаризе кумек гьабиялъги. Гьелъие хIажатал педагогалги лъай кьеялъул идарабазул нухмалъулелги хIадуриги нижеда тIадаб иш ккола. Институталъул кафедрабазулги цо­гидал гIуцIабазулги хIалтIи буссина­бун буго пачалихъияб стратегиялде рекъонкколел проектал, программа­би, батIи-батIияб даражаялъул моде­лал хIадуриялде ва гьел гIумруялде рахъинариялде.

 

 

-Кинал тIалабал ругел педаго­гасде гьанже заманалда?

— Квалификация камил гьабизе ккола чара гьечIого, амма гьеб щи­васда гуро бичIчIулеб бугеб. Педа­гогасул букIине ккола ункъо компе­тенция. Предметияб — гьесда лъазе ккола жинца кьолеб дарсил хIасил; методикияб — лъазе ккола, кин дарс кьелебали; психологиябгун педаго­гияб — щивав цIалдохъанасул хас­лъи хIисабалде босизе лъазе ккола; коммуникативияб — коллективалда гьоркьов вукIа-вахъине лъазе ккола. Нижер «цIалдохъабазда» гьоркьор бищунго машгьураллъун лъугьун руго психологиялъул курсал.

 

Нижеца хIадурун буго лъай камил гьабиялъул курсазул нусгониги про­грамма. Гьелъул мурад буго щива­се рекъонкколеб программа батизе рес кьей, гIаммал курсазул рукIарал гIунгутIаби тIагIинари. Кинаб курс щивасе дандекколебали халгьабула хасаб анкетаялъул кьучIалда. Гьеб цIезабизе кьола нижехъе цIализе рачIарал педагогазухъе.

 

 

-10 азаргониги чиясе дарсал кьей бигьаяб иш гуро. Лъица гьел кьолел?

— ГIицIго ДИРОялъул преподава­телал хIалтIун тIубаларо. Нижеца ахIула ДГПУялъулги, ДГУялъулги преподавателалги, республикаялъул бищун лъикIал учительзабиги, Крас­нодаралъул, Москваялъул, Тамбо­валъул, Доналда бугеб Ростовалъул, учительзабазул лъай камил гьаби­ялъул институтазул хIалтIухъабиги, «Просвещение», «Российский учеб­ник», «Русское слово» абурал басма­ханабазул методисталги ва гь.ц.

 

Гьелде тIадеги, «БукIинеселъул учитель» абураб федералияб про­екталда рекъон ва ДРялъул Лъай кьеялъул ва гIелмуялъул ми­нистерствоялъул нухмалъиял­да гъоркь ДИРОялъул кьучIалда гIуцIулеб буго кIиго центр: Педа­гогиял хIалтIухъабазул гьоркьо­са къотIичIого махщеллъи камил гьабиялъулги Педагогазул профес­сионалияб махщелалъегун квали­фикациялъе къимат кьеялъулги. КIиабилеб централда букIине буго учительзабазул лъай камил гьаби­ялъул ишги. Хьул буго гьелдаса учи­тельзабазе пайда цIикIкIиналде.

 

Чара гьечIого кумек гьабизе ккола учительзабазе, пачалихъалъги квер­бакъизе ккола гьезие моралиябгун материалияб рахъалъги. Лъай ка­мил гьабиялъул мурадалда цIализе вачIарав учителасе гIуцIизе ккола киналго ресалги шартIалги. Цоца­зул дарсазде хьвади гуребги, батIияб регионалъул ишцоясул мисалалда рекъон, музеяздегун миллиял теа­тразде инеги гьезие санагIат гьабизе хIаракат гьабула дица. Республика­ялъул культураялъул министралъ­ухъе кагъатцин битIун букIана дица гьелъул хIакъалъулъ, хьул буго къотIи гьабиялде.

 

 

-ДИРОялъ рес кьолищ учитела­се, цIидасанги цIалун, цIияб дарс кьезе ихтияр щвезе?

— Гьайгьай, руго нижер гьеди­нал курсалги. Официалиял ба­яназда рекъон, республикаялда гьабсагIаталда гIолев гьечIо 600 учитель. Хасго хIажат руго ингилис мацIалъул учительзаби. ДРялъул Лъай кьеялъул ва гIелмуялъул мини­стерствоялъул сайталда руго кинаб муниципалитеталда кинал учитель­заби хIажат ругелали бицунел бая­нал.

 

БатIияб махщелалъе цIидасан цIализе ккей — гьеб буго Дагъи­станалъул педагогияб лъай кье­ялъул масъалабазул аслияблъун. Гьединлъидал, лъикI букIинаан ДИ­РОялъулги, педагогал хIадурулел вузазулгун колледжазулги цадахъаб хIаракат гьелде буссинабуни. ДГПУ­ялъулгун гьединаб хIалтIи гIуцIун буго: нижеца цадахъ гIумруялде бахъинабулеб буго «Дагьал ком­плектазул школа» абураб проект.

 

 

-Лъица халгьабулеб ДИРОялъ­ул хIалтIул?

— Нижер учредитель ккола Дагъ­истаналъул Лъай кьеялъул ва гIелмуялъул министерство. Инсти­туталъул хIалтIи камил гьабиялъул ва малъа-хъваял гьариялъул рахъ­алъ кIудияб кумек буго министр Уммупазил ГIумаровалъул. Гьелъул бихьизабиялда рекъон, тIоритIула гIемерал тадбирал. Масала, Дагъи­станалъул лъай кьеялда инновациял гIумруялде рахъинариялъул рахъалъ батIи-батIиял идарабазул бухьенал гIуцIи.

 

ХIалтIул пайдаяб хIасилалъе нугIлъи гьабула ЕГЭ хашго кьу­рал цIалдохъабазул школазулгун гIуцIарал тадбираз. Щибаб соналда гьарула нижеца ЕГЭялъул хIасилал. Муниципалитеталъул щивав ункъабилев цIалдохъанасухъа бищун дагьал баллазде ЕГЭ кьун бажа­рун гьечIони, гьеб муниципали­тет «багIараб зоналъун» лъазабула. АхIула нижехъего муниципалите­талъул нухмалъулев ва гьесулгун дандги бан, хIадурула лъагIалида жанир гьенир тIоритIизе ругел тад­биразул программа. Анкьидасан гьенире ритIула нижер хIалтIухъаби ва гьез лъай кьеялъул управлени­ялда цадахъ, гIуцIула учительзаба­зул мониторинг, ай учительзабаз хъвазе ккола ЕГЭялда релълъараб тIадкъаялъе жавабал. Хадубккун гьабула щибаб дарсил хIасил: учите­лас кинал гъалатIал риччан ругела­ли.