Классалищ дагьлъизарилел?

2019 соналъул хасалихъе хIукму гьабуна лъай кьеялъул идарабазул хал гьабиялъулъ хисабасиял гьаризе. Гьелда бан хIадурун буго цо чанго нормативияб документ. Гьезул цоялъул проект лъун буго нор­мативияб правоялъул актазул порталалда. Кинал хисабасиялха гьа­ризехъин ругел гьеб документалда рекъон?

 

 

Бицен гьабулеб документ кко­ла «Байбихьул гIаммабги, аслияб гIаммабги ва гьоркьохъеб гIаммабги лъай кьеялъул аслиял програм­мабазда рекъон лъай кьеялъу­лаб хIаракат гIуцIиялъулгун гьеб гIумруялде бахъинабиялъул низам тасдикъ гьабиялъул хIакъалъулъ» абураб РФялъул Лъай кьеялъул ми­нистерствоялъул приказ. Рехсараб приказалдалъун хIакъикъияб гу­реблъун рикIкIуна 2013 соналъул 30 августалда къуватаблъун лъугьараб приказги хадубккун гьелда гьарун рукIарал хиса-басиялги.

 

РФялъул Лъай кьеялъул мини­стерствоялъ тIибитIизабулеб бугеб цIияб приказалда бицунеб буго цIали гIуцIулел къагIидабазулги, дарсазда кьезе кколеб материалалъ­улги, лъай кьеялъул программаба­зулгун хIалтIизаризе бегьулел тех­нологиязулги хIакъалъулъ. Рехсон буго гьелда классалда гIодор чIезе ругел лъималазул къадарги, рокъ­обе кьезе кколеб тIадкъаялъул нор­мативги ва цогидабги.

 

 

Цебеккунисеб приказалдаса абизегIанасеб батIалъиго гьечIо цIиялъул. Хиса-баси гьабун буго гIицIго 18-абилеб пункталда — гьелда би­цунеб буго классалда чан чи гIодов чIезе бегьулебали. 2013 соналъул приказалда хъван букIана гьадин: «Унтарал яги цIалуда хадур гъоларел лъимал цIалулеб класс батичIони, дарсида гIодов чIезе бегьуларо 25-ялдаса цIикIкIун цIалдохъан», — абун. ЦIияб приказалда хъван буго: «Классалда (группаялда) гIодор чIолел цIалдохъабазул къадар чIезабула санитариялгун эпидемиялъ­улал къануназдаги СанПиналъул нормативаздаги рекъон», — абун. Гьелде тIадеги, цебеккунисеб доку­менталда букIана пункт 18.1. Гьелда рекъон, «санагIатал шартIал ругони, цо-цо дарсазда, курсазда, модулазда класс бикьизе бегьулаан группабаз­де». ЦIияб документалдаса гьединаб пункт тIубанго нахъе бахъун буго.

Щиб гьелъие гIилла? Хал гьаби­лин СанПиналъул. Приказалда абу­леб буго, классалда 25-ялдаса гIемер цIалдохъан вукIине бегьуларин абун. Гьелдаго цадахъ рехсон руго нормативалда рекъон кабинеталъул рукIине кколел квадратиял метраби­ги: тIолабго классалъе цадахъго дарс кьолеб бугони, цо цIалдохъанасе букIине ккола кIигогун бащдаб ква­дратияб метра ва группаялъе дарс кьолеб бугони — лъабгогун бащдаб квадратияб метра. Гьелде тIадеги, нормативазда хIисабалде босун гьечIо кабинеталда жанир рукIунел шкафаз ва цогидаб къайиялъ кколеб бакI. ТIоцебесеб партаялдаги клас­салъул хъорщодаги гьоркьоб тезе ккола кIиго метрагун кIикъого сан­тиметралъул манзил.

 

ЦIияб приказалда рекъон классалда вукIине бегьула 25 цIалдохъан, амма кабинеталъул гIатIилъи букIине ккола лъабкъоялда кIигогун бащдаб квадратияб метраялда­са дагь гуреб. Кабинеталда лъолеб къайи хIисабалде босани — гьелда­саги гIатIидаб.

 

 

Гьанже ургъеха, Дагъистаналъ­ул чан школалда ругел цIияб при­казалда рекъон цIали гIуцIизе санагIатал шартIал? Кин цIунилел СанПиналъул тIалабал гIемер цIалдохъаби ругеб школалда? МахIачхъалаялда гIезегIан руго 35-40 цIалдохъан вугел классал. Кин рекъезабилеб гьезул цIали цIиял тIалабазде? РекъезабичIони, шко­лалъул администрациялъухъа гIакIа бахъила. ШартIал гьечIони, цIалдохъаби рокъорейищха ритIилел, кабинетал гIоларинги абун? 2013 соналъул приказалъ школалъ­ул директорал дагьалниги цIунулел рукIана Роспотребнадзоралъ гIакIа бахъиялдаса. Гьанже, ай цIияб про­ект къабул гьабун хадуб, гьелъие рес хутIулебго гьечIо.

 

ЦIияб приказалда гьечIо пункт 18.1 — гьелъ ихтияр кьолаан класс группабазде бикьизе. Щибаб классалда 25 цIалдохъан таниги, гIеладай кабинетал школалда? Пандемиялда бан Роспотребнадзоралъ тасдикъ гьарурал нормативаздаги абулеб буго цо классалда 15-ялда­са гIемер цIалдохъан вукIине бегьуларин абун. Гьедин гьабуни, кабинеталги гIоларо, ралагьизе ккола учительзабиги. Класс-комплектазул къадар гIемерлъараб ме­халда цадахъго гIемерлъула дарсал- сагIтазул къадарги. Гьел дарсал кьезе тIадеги учительзаби ралагьани, школалъул моцIрол харжазул фондалде кисан бачIине бугеб тIадеги гIарац?

 

Гьединал захIматал суалалгун хIадурлъулел руго республикаялъул школал цIияб цIалул соналде.