Кинабго иш школалде рехун тезеги бегьуларо

Хъумторхъала районалъул Темиргъое росдал школа бана 1975 со­налда. ГьабсагIаталда гьенив цIалулев вуго 340-ялдаса цIикIкIун цIалдохъан. Школалъул директор, математикаялъул учитель Умалат Хангишиевас бицухъе, школалда руго киналго хIажатал махщелчагIи.

 

 

Умалат, РФялъул Лъай кьея- лъул министерствоялъ хIукму гьабуна учителасул моцIрол харж кIиго бутIаялдаса гIуцIизе. Учи­тельзаби рази ругищ харж кьолеб къагIида хисизабиялдаса?

— Гъира базабиялъул бутIаялъул роцен мухIкан гьабураб мехалда, дагьлъана къваригIел гьечIел харбал. Гъира базабиялъул бутIаялъ кколаан моцIрол харжалъул фондалъул 15 процент. Гьеб бикьулаан муници­палиялги регионалиялги тадбира­зул гIахьалчагIи-цIалдохъаби хIа- дурарал учительзабазда гьоркьоб. Щолаан гьеб батIи-батIиял къецазда­гун данделъабазда гIахьаллъаразеги. Камулароан гIарац школалъул адми­нистрациялъ «берцин бихьухъе» би­кьулеб бугин абурал харбалги. Дун рази вуго харж кьолеб къагIида цIи гьабиялдаса.

— Бихьулеб буго школалъул мина басралъун букIин. Гьеб къачIазе рес кин батулеб?

— ГьабсагIаталда бищунго аслияб масъала буго гордал хиси. Капитали­яб ремонталъе проектгун докумен­тал хIадурун рукIана анлъго соналъ цере. Амма, гIарац гьечIолъиялда бан, иш рагIалдего бахъунеб гьечIо. Гъоркьисаги кьерцисаги докумен­тал хIадурун рукIана «150 школа» абураб проекталда гъорлъе ккезе. Гьелъулги хIасил ккечIо. Проек­талъул тIалабазда рекъон, ниже­ца валагьизе ккола 300 азаргониги гъурущ школалъе кьезе разилъулев спонсор. Нижер росулъ гьединав чиги гьечIо.

— ТIоцебесеб классалде рачIунел лъимал цIализариялъул масъала кин тIубалеб бугеб?

— Темиргъое росулъ гьечIо лъи­малазул ах. Цо-цо учительзабаз марталдаго байбихьула гьезулгун хIалтIи. Гьел ругьун гьарула клас­салда гIодор чIезе, цоцазе салам кьезе, ручка-къалам кодоб ккве­зе, рукIа-рахъине. Щибаб къоялъ цо-кIиго сагIаталъ кьола гьезие дарсал. Учителасе гьелъухъ кьо­леб жо букIунаро. Амма учителас­да бичIчIула сентябралда гьелго цIалдохъабигун хIалтIизе кколеб­лъи ва ФГОСазда рекъон гьезие дар­сал кьезе захIмалъизе бугеблъи.

— Рахьдал мацIазул дарсал кин гIуцIун ругел?

— Нижер школалда кьола магIарулги лъарагIги мацIазул дар­сал. ХутIарал миллатазул вакилзаби дагьал рукIиналда бан, гьезие гIурус мацIалда кьола Дагъистаналъул ада­бияталъул дарс.

ЦIиял ФГОСазда рекъон кколел рахьдал мацIазул цIалул тIахьалги чIорого щвана школалъе.

— ЦIалдохъабазул эбел-инсуца гIахьаллъиго гьабулищ школалъ гьабулеб хIалтIулъ?

— ГIолеб гIелалъе тарбиягун лъай кьолеб идара хIисабалда ни­жеда тIадаб буго хIажат гьечIел ишаздаса цIалдохъаби цIунизе, цIодорлъи гьабеян гьезда малъизе. Школалде рачIуна полициялъул хIалтIухъабиги, рухIиял церехъа- биги, наркотиказде данде къер­кьолеб комитеталъул вакилзабиги. Гьел дандчIвала цIалдохъабигун, тIоритIула бахIсал, тарбия кьея- лъул тадбирал. Гьеб ишалъулъ жигараб гIахьаллъи букIине кко­ла цIалдохъабазул эбел-инсулги. Амма цо-цоял рачIуна дарсиде­ги, гьабула школалъе жидехъа бажарараб кумекги, жигаралда гIахьаллъула гIуцIулел тадбира­зулъги. Руго сундего кIвар кьола­релги.