Лъимерлъиялъул рогьел гьимичIей

— Эбел, дун якъун йиго!

 

— Гьале, дир яс, чурпаги, гьале панкъалги, гIорцIизегIан кванай, дир яс! — анги абулаго, кIодоэбелалъ дида цебе лъуна гъадаро цIун багIаргьолоялъул чурпаги, бекун панкъил кесекги.

— ДахIабаба, дие гьаб бокьун гьечIо, дие роллал рокьун руго! — ян абуна дица. Гьей пашманго ялагьана дихъ. ДахIабабада щибха лъалеб багIаргьалил чурпаялдасаги гьанжесеб гIелалъе роллал рокьулеблъи. Жиндир кванда дун чIухIарайлъиги бичIчIун, бадиб магIуги хулун, гьелъ бицана дие, щиб жо кколеб ракъияли.

 

КIодол къисмат

— ХIажиев ХIасанхIосен (дир эмен) гьавуна 1905 соналда Хунзахъ райо­налъул ТIануси росулъ. Гьев вукIун вуго бажари бугев чи. Гьесул лъугIун буго росулъ 4 класс, хадуб ГIараниб курсалги. Гьелдаса хадуб батIи- батIиял росабалъ хIалтIун вуго учи­тельлъун: ГьацIалухъ, ЩулалъутIа, ГIебутIа. 1938 соналда ТIануси гIуцIун буго «БоцIул колхоз». Щибаб рокъоса хIайванги бачун, гIемер ру­гезул – гIемер, дагь ругезул – дагьал, гIуцIун буго колхоз. Колхозалъул председательлъун росдаца вищун вуго дир эмен.

Мунагьал чураяй ГIалил ПатIица гьадин бицунаан дир инсул хIакъалъулъ: «ХIасанхIосен вукIана дир гIел бащадав, гьев киназего во­кьулаан. Гьесул букIана росулъ тIоцебесеб патефон. Рукъалъул къе­даги бан, гьес биччан букIунаан гьеб, гIенеккизе нижги унаан. Доб мехалъ къаси-къаси клубалда гьабулаан «ччухI», ай кьурди-хъат. Ниж, ясал, эбел-инсуца гIемер риччалароан гьенире. Амма ХIасанхIосен хадув вачIани, гьесда божилъигун, рич­чалаан. Гьедин киназулго божилъи гIурав, ракIбацIцIадав чи вукIана гьев», — ан.

 

БацIцIунаго магIугун, хадубги би­цана дахIабабаца:

— Нижер йикIана ункъо яс: Равзат, Багисултан, Сапинат, ПатIимат. Хъизаналъул букIана сахаватаб магIишатги берцинаб гIумруги. 1939 соналда байбихьана Хунзахъ тIалъиялдаги «ракьул колхозал» гIуцIизе. Инсудаги, ай председате­ласда, лъазабун буго ТIануси росулъ­ги «ракьул колхоз» гIуцIизе кколин абун, — ан.

ДахIабабал кIудияй яц Равзатица бицана: Инсуда цIакъ ургъел чIван букIана росдал. Гьесухъе гIемерал росуцоял рачIунел рукIана рокъоре, колхоз гIуцIизе тогеян гьаризе. Гьез инсуда гьарулеб букIана «ракьул кол­хоз» гьабизе биччагейилан, гьеб гьа­буни нилъ ракъуца холилан.

 

 

Эмен ун вуго Хунзахъе, колхоз гIуцIиялъул данделъиялде ахIун. Гье­ниб гьес абун буго: «Дир росу буго тIалабазда тIад, гIадамазухъа ру­гел ракьалги нахъе росун, колхоз гIуцIани, росу бакъуца хола», — ян. Гьесие кьун буго лъабго сордо-къо, пикруги хисизе, росдал гIадамалги мукIур гьаризе, росулъ «ракьул кол­хозги» гIуцIизе», — ян.

 

КигIан гьел гаргаданиги, хIинкъи кьуниги, ХIасанхIосен разилъун гьечIо гьеб колхоз гIуцIизеги, рос­дал гIадамазухъа рекьулел ракьал нахъе росизеги. Ункъо сонги кьун, эмен туснахъ гьавуна. «Кутакалда захIмат букIана эбелалъе рукъалъул магIишат бачине. Амма гьелъ ниж киданиги ракъун толароан. Нижее цIакъ кумек гьабулаан кIодоэбел Мантагъицаги. Эмен жеги жанив вукIана. Ахирисеб гьесул кагъат бачIун буго, рокъове виччазе ункъо моцI хутIараб мехалда. Гьелда инсу­ца хъван буго, жив цIакъ унтун вугин абун, — ан бицана дахIабабаца.

 

 

— Дида кидаго кIоченаро доб къо – дида рихьана, гIодулаго, нижер доре унел руччаби. Дун гьезда хадуй екера­на. Гьеб къоялъ лъана нижеда эмен хваравлъи. Рагъида гIодулел кIодоги, эбелги, гIемерал гIадамалги рата­на. Эбелалъ цинги, кодое дунги ячун, ахIана гьадинал магIил рагIаби:

 

Маххул рачел къала

                          лочнол тIанчIазе,

Дуца бесдал гьарун,

                          къватIазда тарал.

Чармил тIукъби рала

                          дур бесдалазе,

Дуца чиякъ гьарун,

                         къватIир рехарал!

 

Рачел къазе ккана эбелалъ. ЦIакъ захIмат букIана гьелъие киналго ракъарал рагъул соназ ункъайго ясалъе ретIинеги квинеги балагьи­зе. Гьелъул эбелалъ гIумру гьабулеб букIун буго ЛъагIилухъ росулъ. Гьей цIадул унтуца унтун йигилан хабар­ги бачIун, эбел ун йиго жиндирго эбе­лалде щвезе ЛъагIилухъе. Гьениса тIадюссун ячIун йиго, гьебго цIадул унтуцаги унтун. ТIокIалъ тIаде яхъ­ине кIвечIо эбелалда. ГIемер заман иналде, гьей хвана. ХутIана гIисинал ясал ва херай кIодоэбел Мантагъ.

ЦIакъ захIматаб ва ракъараб за­ман букIана гьеб. Мантагъиеги кутакалда захIмалъулеб букIана согIаб рагъул соназда ункъалго бесдалал хьихьизе. Эбел хварайго, кIудияй яц Равзат ункъо классцин лъугIизегIанги течIого, Мантагъ­ица ячана колхозалда хIалтIизе. Равзат йилълъине кколей йикIун йиго рекьарулел оцазда хадуй, би­щизе кколеб букIун буго къвалиги, ракъичIого рукIине гIоло. Мантагъ­ие бигьалъиялъе абун, инсул вацгIал ГIалил ХIасаница ниж лъабалго гIисинал ясал щвезаруна ГIараниб букIараб лъималазул рокъоре. Жин­дир рухI кIалзухъ букIаго, васасул хIалае гIоло жинца лъимал гьенир толарин абун, Мантагъица рокъоре рачана нахъеги. Амма эмен хварал­даса гьелдаги унти ккун букIана, хадуйго цун эбелги хвараб мехалъ, кIодол цIакъ тату хун букIана. Дир лъабго класс росулъ лъугIарабго, хвана нижер кIодоэбел Мантагъги. Гьеб мехалъ кутакалда ракъи би­хьана нижеда, гурхIарас бачIараб ридиги тIаде щвараб тIахьдиги ква­налаан нижеца. Дида ракIалда буго, якъиялъ, кьогIаб гагаги бекун, гьеб кваналаан дица, цинги цо нухалъ гьелъ кIалдиб полопги базабун, ун­тунги йикIана дун. Дицаги яцгIал РапигIатицаги, бугIаялъухъ хиси­зеянги абун, росун рукIана гьелъул кIодоэбелалъ как базеян рахъарал щватаби. ГIанкизеги гIанкун, гьеб кваналаан нижеца. Нахъеги довго ГIалил ХIасаница ниж щвезаруна добго лъималазул рокъоре. Гьенив директорлъун вукIана нижер инсул вукIарав гьудул ХIажиев Шагьав. Гьев вукIана кутакалда лъикIав, гурхIел-рахIму бугев инсан…

 

ДахIабабал бадиса гирулеб букIана гьоло-гьологIанасеб магIу.

— ТIаса лъугьа, дахIабаба, — янги абун, бадиса магIуги бацIцIунаго, гъуд кодобе босана дица ва гьелъ тIураб чурпа кваназе лъугьана…

 

 

Наслабазул бухьен

Лъималазул рокъоб 10 классги лъугIизабун, дир дахIабаба Сапинат цIализе лъугьун йиго МахIачхъалаялъул медучилищеял­де. Гьебги лъугIизабун, гьей хIалтIун йиго акушеркалъун Унсоколо ва ГIараниб росабалъ. Гьанже гьелъул буго 82 сон. Ункъайго яцазда гьор­кьой бищунго къобихьарай йикIун йиго Равзат. Яц Багисултан цIалун йиго Буйнакскиялъул педучили­щеялда. ХIалтIана ТIануси рос­дал школалда учительлъун. Бищун гьитIинай яц ПатIиматги ккола учи­тель. ГIумру гьабун йиго ЦIада ро­сулъ.

Гьез нахъа тун буго кутакалда захIматаб гIумру. Биччагеги Алла­гьас нилъеде тIокIаб рагъги, ракъиги, пасалъиги! Гьанже гьезул щиялъул руго лъималги, гьезул лъималги, гьезулги лъималги.

 

Гьанжеги бокьула дие дахIабабаца бицунеб къваридаб къисаялъухъ гIенеккизе. ГIумруялъ еэдичIей, къисматалъул рагIдукь гьогьоми батичIей, лъимерлъиялъул рогьел гьимичIей гьелъухъ ялагьидал, ди­даги кIоларо магIу кквезе. Кинаб­го гьарзаяб гьаб заманалда, якъун йикIараб лъимерлъиги ракIалде щун, гьелъ цIидасанги регула жиндирго къисматалъул тIохьол тIанчал. Гье­ниб бугебщинаб рухIелги бухIиги…

Дицаги гIемер пикру гьабула – жакъасеб гIелалъ хIехьелаандай гьеб захIмалъи? Нилъеца аралде туманкI речIчIани, бачIунелъ гIарада балин абураб кициялъги кантIизарулел руго нилъ, гьелъул магIна босизе лъани.

 

Наслабазул бухьен щулалъизе лъураб кьолъун хутIизе буго дие дахIабаба Сапинатил къиса. Гьеб кьогIаб къисаялъ тIамула бугеб гьар­залъиялъул къимат гьабизе.