Бергьенлъиялде кIудияб хьулгун

— Жакъасеб дир бергьенлъиялъулъ кIудияб бутIа буго дица дирго гIумруялъулгицин мугIалимзабилъун рикIкIунел Зарият Базаевалъул ва Сиянат Саидовалъул.

Гьез бижизабуна дилъ рахьдал мацIалдеги гIагараб миллаталдеги кIудияб, даим рекIелъа ине гьечIеб гIищкъу.

Гьеб гIищкъул улкаялда тIегьалеб буго гIагараб Дагъистаналдеги, йижараб росдадеги, миллаталъул тарихалдеги, тарихлъун жидер цIарал кколел магIарулаздеги рокьи.

Зарият Базаева машгьурлъана Россиялдаго – гьей гIахьаллъана ТIолгороссиялъул рахьдал мацIазул учительзабазул конкурсалда ва цо номинациялда босана тIоцебесеб бакI, гьабсагIаталда гьей кола МахIачхъалаялъул школазул рахьдал мацIалъул бищунго лъикIал учительзабазул цояйги. Гьелъ республикаялъул школазул авар мацIалъул учительзабазе кьола мастер-классалги. Гьединго магIарул мацIалъул учительзабазда лъала Сиянатил цIарги. Гьелъ нухмалъи гьабулеб буго республикаялъул авар мацIалъул учительзабазул ассоциациялъ гIуцIараб сайталъе. Гьеб сайталъул кIудияб кумек букIуна авар мацIалъул учительзабазе, — йилан байбихьана диргун гара-чIвари Загьратица.

Араб анкьалда газеталъул редакциялъ гьоболлъухъ ахIун йикIана 18-20 марталда МахIачхъалаялда тIобитIараб «Рахьдал мацIалъул бищун лъикIав учитель» конкурсалда бергьарай, Гъизилюрт шагьаралъул №3 школалъул авар мацIалъул учитель Загьрат АхIмадова.

Гьаюна ва гIуна Загьрат Казбек районалъул Дилим росулъ. ГIагараб росдал гьоркьохъеб школаги лъугIизабун, гьей цIализе лъугьана ДГПУялъул филологияб факультеталде.

 

Къисматалъ Загьрат ячана Гъизилюрт районалъул Бавтугъай поселокалде ва хIалтIизе лъугьана поселокалда бугеб, Гъизилюрт шагьаралъул лъай кьеялъул управлениялде гьоркьобе унеб №3 школалде. 2009 соналдаса нахъе гьений хIалтIулейги йиго.

Редакциялде ячIунелъул, Загьратихъ кодоб букIана, конкурсалде гIахьаллъулелъул, хIадур гьабураб папкаги. Гьеб бегулелъул, дир рекIее рохалилаб асар гьабуна учителалъул ва гьелъул цIалдохъабазул хIалтIул хIасилаз.

Гьел гIахьаллъулел руго Халкъазда гьоркьосел, ТIолгороссиялъул ва республикаялда тIоритIулел конкурсазда. Кколел руго цересел бакIал. Гьелъие нугIлъи гьабулеб буго гIемерал дипломаз ва грамотабаз. Гьединго гIемерал шапакъатал ругоан жийго Загьратилги.

 

Масала, исана республикаялъул лъай кьеялъул централда тIобитIараб (Каспийск) «Науки юношей питают» конкурсалъул диплом.

Загьрат АхIмадова чанго соналъ тIатIала гIахьаллъана шагьаралъул ва республикаялъул «Рахьдал мацIалъул бищун лъикIав учитель» абураб конкурсалда. Гъоркьисалаги бергьана гьей шагьаралъул конкурсалда ва республикаялъул конкурсалдаги гIахьаллъана. Гьеб тIобитIулеб букIана дун хIалтIулей йигеб №11 гимназиялда. Жакъаги ракIалда буго дида «Прилагательное» темаялда гьелъ кьураб дарс.

ТIоцере рихьулел лъималазе кьолеб дарс ана тIадегIанаб даражаялда.

«Авар мацI» номинациялда гьелъ ккуна лъабабилеб бакI. Гьелда гIей гьабун чIечIо гIолохъанай учитель.

Жегиги цIикIкIун тIадчIейги гьабун, хIадурлъана хадусеб конкурсалде.

 

 

ЦIидасанги – конкурс. Гьаб нухалда – бергьенлъиялде кIудияб ва щулияб хьулгун.

35 учителасда гьоркьой гьаб нухалда бищунго лъикIайлъун рикIкIана магIарулай Загьрат АхIмадова (гьелъул дарсил хIакъалъулъ хъван букIана цебесеб номералда).

 

Бихьулеб букIана учитель жиндирго махщел борхизабиялда тIад гIемер хIалтIулей йикIинги. Гьелъ жиндирго хIалбихьиялдаса цогидазе бицунеб буго «Инфоурок», «Мультиурок», «Педагоги» сайтаздасан. ГьабсагIаталда Загьрат хIалтIулей йиго «Академик» сайталда онлайн-тестал лъеялда тIад.

Гьелъул хIалбихьиялдаса ва методикияб материалалдаса пайда босулеб буго республикаялъул школазул авар мацIалъул учительзабаз.

Загьратил махщел буго кучIдул гьаризеги. Гьединго гьелъ кIудияб кIвар кьолеб буго пагьмуял цIалдохъабазул гьунар цебетIезабиялдеги. ГIемер ахIула Загьрат АхIмадова ДИРОялде махщел камил гьабизе ва лъай борхизабизе рачIарал учительзабазда мастер-классал рихьизаризеги.

 

Гьелъ гьанжеялдего байбихьун буго ноябралда Москваялда тIобитIизе бугеб рахьдал мацIалъул учительзабазул конкурсалда гIахьаллъиялъе хIадуризеги.                                                

Гара-чIвариялъул ахиралда Загьрат АхIмадовалъ кIудияб баркала загьир гьабуна №3 школалъул директор Загьид ХIажиевасе, завуч Нургьида ХIосеновалъе ва Гъизилюрталъул лъай кьеялъул управлениялъе жинде гьабун букIараб кIудияб ва жавабчилъи цIикIкIараб божилъиялъухъ.