ЛъабцIул тезе ккана рижараб росу

Борхатаб магIарда буго Болъихъ районалъул ГIалахъ росу.

Гьениса балагьани, хъатиниб лъураб гIадин, цебелъун бихьула гIагараб район. ЦIорорал иццазул, гьайбатаб тIабигIаталъул, бацIцIадаб гьава-бакъалъул, беричал рохьаз сверун ккураб, гIажаибго берцинаб бакI буго ТIасияб ГIалахъ. Умумузул биценалда рекъон, гьеб росдае кьучI лъун буго Хунзахъ районалдаса бид виххун вачIарав кIиго вацас.

Гьез хIукму гьабунила батIа-батIаго чIезе: цояв чIвани, цоявгIаги чIаго хутIизе мурадалда. Халит абурав вац чIун вуго цо кьурда аскIов, хадуб гьениб лъугьараб росдада лъун буго Хелекьури абураб цIар. ГIали вахун вуго жеги эхедегIан. Гьес лъун бугила ГIалахъ абураб цIияб росдал кьучIалъе тIоцебесеб гамачI. «Гьеб букIана гIумру гьабизе цIакъ захIматаб бакI. Гьединаб бакIалда гIумру гьабулел гIадамазул букIуна кьварараб, согIаб гIамал. Амма гьел рукIуна цоцалъ гъункарал, ракI гIатIидал, гIаданлъи цIикIкIарал. Гьединал рукIана дир росуцоялги», — ян бицана ХIажимухIамадова Шумайсатица. Гьей лъикIай гIаданалъул хIакъалъулъ бицине бокьун буго дие.

 

Шумайсат гьаюна 1937 соналда ДибирхIажил вас ХIажимухIамадил ва ХIусенхIажил яс РабигIатил хъизамалда. «Дир кIудияв эмен ХIусенхIажил цIар рехсон буго Дагъистаналъул цIар арав гIалимзабазда гьоркьоб. Лъелго кIицIул хIеж борхарав чиги вукIун вуго гьев», — ан абуна Шумайсатица. Гьелъ бицана нижее рагъул соназда букIараб лъимерлъиялъул хIакъалъулъ. «КIудияб ВатIанияб рагъ байбихьараб мехалда дир букIана ункъо сон, яц Умайдатил – кIиго. Эмен ана рагъде. Колхозалъулги рукъалъулги хIалтIи баччизе ккана эбелалъ.

Нижер, гьитIинал чагIазул, щиб кумекха гьелъие бук1инеб? Цо заманалда баккана хабар, гIумру гьабизе захIматал росаби Чачаналъе гочинарулел ругин абун. Хадуб, школалда, училищеялда цIалулеб мехалда лъана дида, цо сордо-къоялда жаниб чачаналги Гьоркьохъеб Азиялде гочинарун, гьезул ракьазде ниж ритIараблъи. АскIоб бугеб Хелекьури росдал жамагIаталъ инкар гьабун буго чияр ракьалде ине, нижер росу абуни гочинабуна. 

 

Эбелги ниж кIиялго лъималги, чол гьакида рекIинарун, ГIанди магIарде щвезаруна яцалъул бетIергьанчияс. Гьениб цо боцIи хьихьулеб букIараб бокьоб сордоги бан, нахъисеб къоялъ ниж щвезаруна Ведено районалде. ГIумру гьабизе бихьизабуна гьеб районалъул Махкети абураб росу. Нижер хъизамалъе гьениб кьуна берцинаб мина.

Гьелда цебе букIана цIакъ бечедаб, батIи-батIиял пихъазул цIураб ах.

Куракул хутIизегIан, гьениб камураб гъветI букIинчIо. Минаялда жанире лъугьарабго бихьулеб букIана рукъалъул бетIергьаби цIакъ хIалтIулел, рацIцIадал, узданал гIадамал рукIин ва гьел циндаго, хехго къватIире рахъараблъи. Эбелалъ бищун цебе цо рокъобе бакIарана гьезул къай-къоно. КIулги бан, рукъ рахана ва тIокIалъ гьенире жанире лъугьинчIо.

Бакъанида эбелалъ кавуялъул кIалтIа чIараб гIакаги жанибе бачун, гьебги бечIчIун, нижее кваназе квен гьабуна. Бицунеб букIана, цоязул бокьоб, бухьаралъубго хутIараб боцIуца хъарсун, руссун тIагIинабун бугилан. Маххул рахасалъ рухьарал гьезда къватIире ине кIун гьечIо.

Эмен рагъда вукIана, нижеца цIияб бакIалда гIумру гьабизе байбихьараб мехалда. Гьава-бакъги рекъараб, бечедаб, цIакъ берцинаб бакI букIана гьеб. Школалдеги гьенийго ана. ТIоцевесев учителасда цIар букIана ЛатIипов Лабазан.

 

Бищун рохалилаблъун букIана эмен рагъдаса вуссараб къо. ГьитIинай яц нуцIида нахъа яхчун чIун йикIана, жаниве лъугьарав гьобол лъачIого. Дун инсуда кодой йихьараб мехалъ гурони гьей аскIое ячIинчIо. Ункъо сонги рагъда бан вачIарав гьес бицунеб букIана бихьараб къварилъиялъул, жиндирго гьалмагъзабазул, щварал ругъназул, бергьенлъиялъул хIакъалъулъ. Гьев вуссараб мехалда лъалаго бигьалъана нижер хъизамалъе гIумру гьабизе. 1946 соналда гьавуна вац Шамхал. (Шамхал Дибиров – хадувккун гьев вукIана цIар рагIарав поэт, журналист, хIалтIана батIи-батIиял жавабиял хъулухъазда). Школа лъугIигун, цIализе ана Хасавюрталде, медицинаялъул училищеялде. Гьениб лъана чачанал тIад руссун рачIунел ругеблъиги, нижер росдал гIадамал рукIахъего ГIалахъе гочинарулел рукIинги.

ГьитIинаб къоялдаса ватIанлъун лъугьараб росу рехун тезе бокьуларого йикIана дун. Пашманго хьвадулей йикIана эбелги. АнцIгоялдаса цIикIкIун соналъ гьабураб магIишатги тун, рахъине колел рукIана къватIире.

 

Цо къоялъ бакъанида нижеда лъаларел гIадамаз рагьана каву. Азбаралде лъугьарал бихьиназ, цере квералги ккун, гьабулеб букIана дугIа.

Гьезда цадахъ рачIарал руччабазул, лъималазул гIодиялъ ниж киналго рокъоса къватIире кIанцIизе ва хIинкъизе гьаруна. Киналго гIодоре риччараб мехалда лъана, гьел гьалбал рукъалъул бетIергьаби рукIин.

Эбелалъги, чачаназул руччабазда цадахъ лъугьун, киназего гIураб квен хIадурана. Гьеб сордоялъ ниж киналго цадахъ, цо гъанситохъ гIодорчIун, кванана. Сордо рогьинегIан эбелалъ нижерго ретIел, къайи-къоно бакIарун, тIатIала лъуна. Радал хехго вахъун, эмен ана нижерго къайи тIад лъезе машина балагьизе. Нижеда тIаса лъугьаян рукъалъул бетIергьабаздаги гьарун, къалъилелде къокъана ватIаналде.

Гьелгощинал соназ тIаса квер бахъун тун, ГIалахъ букIараб мина чIунтун, тIатIала ккун, жанире лъугьунеб куцалъ букIинчIо. Цониги тIох тIад бугеб рукъ хутIун гьечIеблъиги лъан, ниж рещтIана Хелекьури гIагарлъиялъухъ. Расги бигьаяб жо букIинчIо цIидасан магIишат гIуцIизе. Нижерго рокъоре хехго рахъине бугеб мурадалъ, ниж– гIолохъанал яцал, вац рукIунаан эбел-инсуе кIвараб кумек гьабулел: лъим баччулел, хIарщ багъарулел, бажарухъе гьеб къеда чIвалел.

 

ХарибакIазде сверун рукIарал хурзал рацIцIунаго, цIигьарулаго бихьана къварилъи. Доб заманалда росабалъ цIакъ къанагIат гурони букIунароан техника. Гьединлъидал кинабго гьабизе кколаан квераз. Гьанжего-гьанже гIолел ругел гIолохъабазе гьеб расги бигьаяб хIалтIи букIинчIо. Къасиялде, гIемер свакаялъ, кваназецин рахъине гьарулареланиян эбелалъин кколаан цо-цо мехалъ. Амма, гIарзал рахъизе, гьабиларилан абизе бегьулеб жоян лъиданиги кколароан. Гьеб къварилъи-зулму хIехьезе ккана гIадамаз, тIад ругез ургъичIого гьабураб гIантаб хIукму сабаблъун.

Лъабабизеги гочине ккана росдал гIадамал. Амма, гьаб нухалъ зулму гьабун гуреб, росдал жамагIаталъги районалъул нухмалъиялъги гьабураб хIукмуялда рекъон. Нижерго росдада гъоркь, ГIандигIурул рагIалда бугеб расалъи кьуна цIияб росу базе хIукуматалъ. Гьабуна гIарцудалъун, къваригIунел алатал чIезарун, кумек. Гьанже рахине кколаро кьуркьурарал свералабаздасан борхатаб магIарде тIаде. ЦIияб ГIалахъ буго гIурул рагIалда. Пихъил ахаз цIун буго росу. ГIумру гьабизеги гьаниб гIемерго бигьаяб буго. Амма, росдал гIадамазе хирияб буго умумузул ватIан. Цояз гьениб картошка бекьула, цогидаз чIунтун рукIарал минаби цIигьаруна, чанго хъизам басрияб росулъе тIадбуссана. Рахуна ТIад ГIалахъе хIухьбахъизе, умумузул хабалазде зияраталъе», — ян бицана Шумайсатица.

 

Шумайсат яхун йиго 83 сонил ригьалде. Гьелъул букIана гьайбатаб гIумру. 55 соналъ хIалтIана районалда, МахIачхъалаялда, МигIарсо росулъ фельдшерлъун. Гьелъие къимат кьолаго, росдал гIадамаз абула: «Цо сахав тохтурасда лъалеб жо нижер Шумайсатидаги лъала», — ян.

ХIехьезе ккана гьелъ гIезагIан къварилъи, раччизе ккана кIудиял камиял: къулизе ккана 16 сон барай ясалдеги, 20 сон барав васасдеги тIаде. ЛъикIабги, квешабги хIехьезе кумек гьабуна сабруялъин бицана хералъ. Шумайсат йиго «ЗахIматалъул ветеран». Гьанже гьелда сверухъ буго кIудияб тухум: лъабго васги, ясги, лъималазул анцIила анлъго лъимерги, гьезулги анцIила кIиго лъимер. КIудияб рохел букIуна гьелъул, гьел раккизе жиндихъе рачIараб мехалда. РекIелъ кьвариги бугел, яхI-намусги къадруялда цIунулел, гIаданлъиги бергьарал, сабурал гIадамал руго нилъер умумул – «рагъул заманалъул лъимал». Гьездаса мисал босани, нилъ кидаго мекъи ккеларо.