Исанаги бергьенлъи магIарулалъ босана

18-20 марталда МахIачхъалаялда, №28 гимназиялда тIобитIана «Рахьдал мацIалъул бищун лъикIав учитель» абураб конкурс. Гьенив гIахьаллъана республикаялъул шагьаразул ва школазул рахьдал мацIазул 35 учитель. Гьезда гьоркьоса – авар мацIалъул анкьго учительги. Конкурс халатбахъана лъабго къоялъ. ТIоцебесеб ва кIиабилеб къояз кьуна учительзабаз дарсал. Дие рес ккана анкьайго учителалъул дарсиде ине. Гьел киналгоги мустахIикъал руго рецц-бакъалъе.

 

ТIоцебе дарс 9 классалда кьуна Хунзахъ районалъул Уздалросулъа Саида ХIусеновалъ. Гье-лъул дарсил байбихьиялъго пана гьаруна жюриялъул членал, Дагъистаналъул ГI. Тахо-Годил цIаралда бугеб педагогикаялъул институталъул гIелмияв хIалтIухъан ХIайбула Вакилов, республикаялъул авар мацIалъул учительзабазул ассоциациялъул нухмалъулей Баху МухIидинова, Каспийск шагьаралъул №2 школалъул авар мацIалъул учитель ПатIимат Зургьалова ва Гъизилюрт шагьаралъул №7 школалъул авар мацIалъул учитель Сарат МухIумаева.

Саидаца цIалдохъаби рачана Сингапуралде «гьоболлъухъ». Гьелъ дарс кьуна, гьеб пачали-хъалъул лъай кьеялъул къагIидаги хIалтIизабун. Дарсил темаги букIана Хизгил Авшалумовасул «Дир мадугьал – дир тушман» абураб. ТIоцере рихьулел ругел цIалдохъабазул ракIазулъе «биун тIуна» учителалъ тема.
Саида ХIусеновалъул кIалдисан рагIана дида тIоцебе «Мадугьал лъикIасул ражи-хоногицин росасе арабила, мадугьал квешасул лъикIай ясгицин рокъой хутIарайила» абураб кициги. Гьелъул дарсалъ лъимал куцалел рукIана мадугьалзабазул къимат гьабизе. Амма бищунго цIакъ киназего кIудияб асар гьабуна Саидал хIеренаб каламалъги гьурмада бессараб гьединабго гьуинаб гьимиялъги.
КIиабилеб дарс кьуна Хасавюрт райналъул Къарланюрталдаса Зарема МухIамадовалъ.
Гьелъ цIалдохъабазе бицана ГIарип Расуловасул «Хазина» абураб хабаралъул хIакъалъулъ. Дарсил ахиралда лъималазда бичIчIана инсанасул гIумруялъулъ унго-унгояб хазиналъун щиб жо кколебали.
КIиабилеб къоялъ тIоцебесеб дарс кьуна МахIачхъала шагьаралъул кадетазул корпусалъул учитель Лайла НурхIажиевалъ. Гьелъул дарсил тема букIана «РикIкIен». Дарс кьуна анцIабилеб классалда.
Лъималазе гьелъ бицана КIудияб ВатIанияб рагъул хIакъалъулъги. Гьелъ рес кьолеб букIана лъималазе рикIкIенал хIалтIизаризе. Бицана Лайлаца жиндирго проекталъул хIакъалъулъги. Гьелъ цIалдохъабазе рикьана фронталдаса рачIунел рукIарал лъаббокIонал конвертал. Щибалда жанир рукIана Совет Союзалъул бахIарзал-дагъистаниязул суратал. ЦIалдохъабаз рокъоб хъвазе кколаан гьел бахIарзазул хIакъалъулъ хIалтIи.
КIиабилеб дарс кьуна Гъизилюрт районалъул ЦIияб ЧIикIаб росдал школалъул учитель Мадина Хайрулаевалъ. Поэт-фронтовик ГIабдулмажид Хачаловасул «Лъукъараб кечIгун» цадахъ гьелъ цIидасанги дарсил гIахьалчагIи рачана КIудияб ВатIанияб рагъул гъугъаялъухъ гIенеккизе. ШагIирасул кечIги гIодана, гIенеккаразул магIуги бецIцIана. Гьединго Мадинаца бицана рагъдаса руссинчIел росуцоязул хIакъалъулъ ва лъималаздаги гьарана жидерго росуцоязул хIакъалъулъ лъазабейилан.
Лъабабилеб дарс кьуна Шамил районалъул ХIебда росдал школалъул учитель ПатIина ГIалиевалъ. «Такрарлъи гьечIев шагIир» абураб темаялда кьураб дарс гьелъ сайгъат гьабуна ХIамзатил Расулие.
Ункъабилеб дарс кьуна Унсоколо районалъул Шамилхъала поселокалъул школалъул учитель ПатIимат ГIабдулхIамидовалъ.
Гьелъул дарсил темаги букIана «РикIкIен». Гьеб темаялда анцIабилеб классалда дарс кьуна лъабго учителас. Щиялъул букIана жиндирго къагIида, жиндирго хаслъи.
ПатIиматицаги хIайран гьаруна цIалдохъаби. Гьелгун гьей гаргадана, кидаго гьезие дарс кьолей йикIарай гIадин. Учителалъ гIемерго хIалтIизаруна рикIкIенал гъорлъ ругел авар кицаби ва бицанкIаби, цIалдохъабиги тIамуна творческиял хIалтIаби гьаризеги.
Щуабилеб дарс кьуна Гъизилюрт шагьаралъул №3 школалъул учитель Загьра АхIмадовалъ. Гьелъул темаги букIана «РикIкIен».
ГIажаибал хIаял хIазеги тIамуна гьелъ цIалдохъаби, масала, «Зенеро».
Нусго гъурущалдаса нусго гьудул лъикI — абураб кициялда сверухъ кьураб дарсалъ хIикмалъизаруна гьелъул киналго гIахьалчагIи. Маргьабазул багьадур ЧIилбикIги вачIун вукIана «гьоболлъухъ». Рукъги гьечIого хутIарав гьесие рукъ базе кумек гьабуна цIалдохъабаз. Гьелъул магIна тIадехун рехсараб кициялъулъ букIана.
Гьединго дарсида лъималаз ричIана хIикмалъабазул сандукIги…
Цинги гьаруна щибаб номинациялда кьурал дарсазул хIасилал.
«Авар мацIалъул учитель» номинациялда тIоцебесеб бакIалъе мустахIикълъана Загьра АхIмадова. КIиабилеб бакI щвана Саида ХIусеновалъе ва лъабабилеб бакIалде рачIана Мадина Хайрулаева ва Лайла НурхIажиева.
МацIазул номинациязда тIоцересел бакIал щварал учительзабаз лъабабилеб къоялъ кьуна классалъул сагIтал. Финалалде ворчIана щуго учитель. Кьураб темаялда рекъон, гьез бицине кколаан лъай кьеялъул проекталъул хIакъалъулъ.
Гьаруна хIасилал. Ва исанаги бергьенлъи магIарулалъ босана. Гьей ккола Гъизилюрт шагьаралъул №3 школалъул учитель Загьра АхIмадова.
«ХIакъикъат» газеталъул коллективалъги баркула Загьрада кIудияб бергьенлъи. Гьей гIахьаллъизе йиго исана ноябралда Москваялда тIобитIизе бугеб конкурсалдаги.