Учителасда нахъа эхетараб кьуру

2017 соналда Ленинкенталъул №35 гимназиялде щвана РФялъул лъай кьеялъул министр Ольга Васильева. Гьениб гьабулеб хIалтIулгун лъай-хъвай гьабун хадуб гьелъ гьадин абуна: «Дагъистаналда буго улкаялдаго хIалбихьи тIибитIизабизе мустахIикъаб школа – гьеб ккола Ленинкенталъул №35 гимназия», — ян абун.

 

ДРялъул ва РФялъул мустахIикъай учитель, ЛъагIалил директор, РФялъул учитель-методист, «Россиялъул бищун лъикIал гIадамал» абураб медалалъе мустахIикълъарай Чакар Мажидова ккола гьеб гимназиялъул нухмалъулей. ГIахьвахъ районалъул ТIукитIаса гьей цIалана Буйнакскиялъул педучилищеялда ва Ленинкенталъул №35 школалда хIалтIулаго, лъугIизабуна ДГПУя­лъул филологияб факультет. 1990 соналдаса нахъе нухмалъи гьабулеб буго рехсараб школалъе. Гьелъул нухмалъиялда гъоркь школалъул гьабуна миллияб профилалъул №35 гимназия. Лъималазул эбел, росасул лъади ва школалъул директор. ТОКСалъул хIаракаталъул цебехъан, миллияб маданияталъулгун тарихалъул музей, суратазул галерея, рес­публикаялъул ва тIолгороссиялъул даражаялда тIоритIулел къецазул гIахьалчагIи — цIалдохъабигун учительзаби — ку­цалеб къебелъи. Кин гьебгощи­наб хIалтIи гьабун бажарулеб чIу­жу­гIаданалъухъа? Гьеб суалалъе жаваб балагьизелъун щвана Ленинкента­лъул №35 гимназиялде. 
 
Кинабго баччула 
учительзабазул гъуждузда
 
Цебегоялдаса нахъе ракIалда бу­кIа­на дур хIакъалъулъ хъвазеянги абун, аскIое щведал, Чакар Мажидовалъ абуна: «Кутакалда гьунар бугей директор дун йигин абун дуца хъвани, гьеб битIун букIинаро, щайгурелъул директорасул къадру-къимат кидаго бараб букIуна школалъул коллективалда. Гьеб цокIалго хIалтIулеб гьечIони, нухмалъулесул пикраби гIумруялде рахъинарун бажаруларо. Щибаб жоялъе икъбал ккола, гьелъие лъикIаб кьучI лъун бугони. Дир кIудияб талихIлъун ккана, Ленинкенталъул школалда хIалтIизе ячIараб мехалда, цо-цоязда гIанталиланцин ккезе бегьулел рукIарал дир пикрабазул рахъккуна гьелъул директорлъун вукIарав МухIамад Насрулаевас. Гьаб жо гьабизе ракIалда ккун бугин абун бицине аскIое араб мехалда, гьес дие нух рагьулаан, кумекалъе чагIи ралагьулаан. Школалъеги цIал­дохъабазеги пайдаял ишазулъе жубалаан коллективги. 
Нилъер хIалтIухъ чи валагьула къватIисеб рахъги школалъул жа­нахIалда бугеб рацIцIалъиги, цIал­дохъабазул хьвада-чIвадиги кьо­чIое босун. Гьединлъидал гIад­лу-низамалъул рахъалъ дир ру­кIу­на кьварарал тIалабал. Масала, къа­дадаса хIарщ тIун бачIанищ – гьеб­сагIатго къачIазе ккола. Школал­да жаниве лъугьарав чиясул берчIвазегIан тезе бегьуларо. Ки­са-кирго рукIине ккола чIагоял тIугь­дул – лъимал куцазе ккола берцинлъиялде, тIабигIаталъул хаслъиялде ругьунлъараллъун», — ан.
 
Кагътаз чIвала аслияб заман
 
Ленинкенталъул гимназиялъул «хIубилъун» гьелъул директоралъ рикIкIуна гьенир хIалтIулел учительзаби. Масала, завучал ХIайдарбегова ПатIимат ва ГIабдулаева Аминат.
35 соналъ хIалтIулей йиго гимназиялда Аминат ГIабдулаева. Гьей ккола ЧIарада районалъул ГIириб росулъа. «Дир кIудияв эмен вукIана школалъул директорлъун, эмен – учительлъун. КIудада вуссинчIо рагъдаса. 1985 соналда лъугIизабуна Буйнакскиялъул педучилище, хадуб – пединститут. ГьабсагIаталда дун йиго историялъулги обществознаниялъулги рахъалъ завуч. ХIалтIи бокьула дие – гIолохъанал махщелчагIазда дарс гIуцIулеб къагIида малъизеги, гьезул дарсазде хьвадизеги. Амма гьелдасаги гIемер букIуна кагътазул хIалтIи. Гьелъ чIвала заманги.
 
Нижеца учителасе ихтияр кьоларо интернеталдаса росарал дарсил планал хIалтIизаризе. Бокьараб бакIалдаса босараб букIине бегьула материал, амма гьеб рекъезабизе ккола пуланаб классалда ругел цIалдохъабазул даражаялде. Учительзабиги гьелда разилъула. Гьанже киназдаго тIадаблъун гьабулеб буго электронияб дневник ва журнал цIезаби. Амма гьединаб журналалде раккулел цIалдохъабазул эбел-эмен цIакъ дагьал руго. Гьединлъидал цIалдохъабазул эбел-инсулгун бухьен гьабулеб аслияб алатлъун хутIун буго гIадатияб дневник.
Дир пикруялда, учительлъун вахъине ракIалде ккарав чияс цин лъугIизабизе ккола педучилище. Гьанире хIалтIизе рачIунел учительзабазул хIисаб гьабидал, бихьулеб буго, педучилище лъугIизабуразул лъай университет лъугIизабураздаса гIемерго камилаб бугеблъи. 
БатIи-батIиял къецазда цIалдо­хъаби гIахьаллъула жидеего бокьун. Масала, пуланаб темаялда хIалтIи хъвазе бокьилаанин абула гьез. Гьеб мехалда гьезда малъула, кин гьеб хIалтIи гIуцIизе кколебали, киса материал балагьизе бегьулебали, кибе сапар бухьинебали. Лъималазул проектазда гьоркьоса бищунго лъикIал тIаса рищула ва жеги камилги гьарун, ритIула конкурсалде. Гьедин букIана дагьалъ цебе Сталинградалъул рагъул темаялда тIобитIараб конкурсалде битIараб хIалтIиги. ЦIалдохъангун цадахъ ниж ана Сталинградалъул рагъул гIахьалчиясухъеги».
 
Директоралъул хIакъалъулъги гьадин бицана Аминатица: «Чакар Мажидова кидаго йикIана школалъе гIоло рухI кьезеги учительзабазе кумекалъе яхъинеги хIадурай гIадан. ХIалтIизе бокьуларев чи гьелда аскIов хутIуларо. Цо дагьабниги школалъе пайдаяб пикру загьир гьабунищ – гьеб гIумруялде бахъинабиялъе киналго шартIал гIуцIизе къачIан йикIуна гьей. 
Цо нухалда дун гIахьаллъулей йикIана шагьаралъул конкурсалда. Гьениб дие бакIги щвечIого, ракIбекарай дун щвана директоралда аскIое. «Дуда ракIалда букIун батила, мунгIан цIакъав чиго гьечIин гьаниван абун. Йохъ, гьаб буго шагьаралъул къец. Щибаб школалдаса бищун лъикIал учительзаби руго гьанир. Амма, дир пикруялда ре­къон, гьезул цонигиясукьа къураб лъай гьечIо дур. Дур гьунаргун бажари бихьизабизе бокьун батани, кина­лъулго хIасилги гьабе, гъалатIазда тIадги хIалтIе ва тIасияб соналде хIадурлъе», — ян абуна гьелъ дида. Гьелъ малъухъеги гьабун, тIасияб соналда бергьенлъиги щвана дие. Гьебго къагIидаялда куцала къецазде унел цIалдохъабиги».
 
Гьелъ гъункизабуна коллектив
 
ПатIимат ХIайдарбегова ккола Шамил районалъул Гьоор росулъа. ЛъугIизабуна ДГУялъул филологияб факультет. Гьелъ бицана гимназиялда хIалтIулев щивав учителасда нахъа эхетарай кьуру йигин Чакар Мажидовайилан. П. МухIамадовалъ кьола магIарул мацIалъулги адабияталъулги дарсал. «Цебе гIадаб рокьи гьечIо миллиял мацIазде. Дица жеги цIунун руго 15-20 соналъ цере рукIарал цIалдохъабазул тетрадал. Мех-мехалда гьел росула дица дарсиде ва цIалула жакъасел цIалдохъабазе. Гьел гIажаиблъизарула дол соназда кочIодалъун хъвараб сочинение бихьараб мехалда. Гьанже гьединал цIалдохъаби къанагIат гурони рукIунаро.
Гьанже дарсил цIикIкIарасеб заман уна лъималазда мацI, рагIабазул дандраял гIуцIизе малъу­лаго, данд­чIварал рагIабазул магIна би­чIчIи­за­булаго. Цо цIалдохъаналъул эбел ячIана дида аскIое, жиндир яса­лъе рахьдал мацIалъул дарс захIмалъулебги бугин, гьей гьелдаса эркен гьаеянги абун гьарун. Аслияб гIилла букIана аттестаталда хашаб къимат щвезе бокьунгутIи. Дица гьелда абуна, цо-кIиго моцIалъ дир группаялда те ясин, дир тIадкъаязе жаваб кьун гьелъухъа бажаричIони, Дагъистаналъул адабият малъулеб группаялде ячине бегьилин абун. Дица гьей ясалъе кьола хасал тIадкъаял – гьелъул хIакъикъияб лъаялде ре­къонги ккезарун. Гьанже гьей яс берцинго хIалтIула дарсида. Гьаб буго цIалдохъабазеялдасаги гьезул эбел-инсуе бичIчIи кьезе кколеб заман», — ан бицана ПатIиматица.
 
Гьей ккола «Рахьдал мацIалъул бищун лъикIав учитель» абураб ва тIоцебесеб нухалда тIобитIараб Да­гъистаналъул къецалда чIел босарай магIарул мацIалъул учительница. Доб заманалда Россия­лъул даражаялда тIобитIулароан гье­динаб къец. «ПатIиматица ку­цана ТIолгороссиялъул къецалда тIо­це­ресел бакIазе мустахIикълъарал учи­тельзаби — Гулишат МухIамад­расуловаги Зайнаб Алхуватоваги. Гьезда цадахъ Москваялдеги ана гьей, гьезие сундулъго кумекалъеги чIана. ГьабсагIаталда ПатIимат ккола завуч ва гьеб ишги гьелъ тIубазабула ракIбацIцIадго», — ан бицана Чакарицаги.
Гимназиялде гIемер щвана дун, дандчIвана учительзабигун, гIодой чIана дарсазда, класстун къватIисел тадбиразда. Гьединлъидал, ракIчIун абизе кIола, гимназиялъул щивав учитель мустахIикъав вуго рецца­лъейилан.