Лъай кьеялъул хIаракатчагIи

ЧIарада районалъул ЦIулда росдал аслияб лъай кьеялъул школа­лъул учительзабаз хIаракат бахъула цIалдохъабазе камилаб лъай кьезе.Гьединазул мухъилъ йиго Хадижат Бариеваги.
2004 соналда ДГПИялъул географиялъулгун туризмалъул факультетги лъугIизабун ячIарай гьелъ кIвар кьола цIалдохъабазул лъай камил гьабиялде, умумузулгун бухьен щулалъизабиялде. Щибаб соналда районалда тIоритIулел олимпиадабазда цересел бакIал ккола Хадижатил цIалдохъабаз. 
2016 соналда гьей гIахьаллъана «ЛъагIалил учитель» абураб районалъул конкурсалда ва гьениб ккуна кIиабилеб бакI. ГIахьаллъана «Самый классный классный» абураб конкурсалдаги – гьенийги мустахIикълъана кIиабилеб бакIалъе.
Хадижат йиго лъикIай гIуцIа­рухъанги – Магъар росдал школалда тIобитIулеб ОГЭялдагун ЕГЭялдаги гьелъ лъола жигараб бутIа. Школалда тIоритIула КВНал, «географиялъул анкьал» ва цогидалги тадбирал.
 
                * * *
ЦIулда росдал школалда хIал­тIулей йиго ингилис ма­цIалъул учительница Мадина ЖабрагIиловаги. 
ХIалтIулаго лъагIел гурого балеб гьечIониги, Мадинаца хIаракат бахъулеб буго лъималазда ингилис мацI малъизе.
Мадина йиго гIамал-хасият ре­къа­рай мугIалим, цIалдохъабазги гье­лъул хIурмат гьабула. Гьелъу­л цIал­дохъабаз районалда тIоритIулел ингилис ма­цIалъул олимпиадабазда цересел бакIалги ккола.