Лаборанталдаса бетIерай гIелмияй хIалтIухъаналде щвезегIан

ТIоцебесеб нухалда Мисай Халидова йихьана дида ИЯЛИялъул аспирантураялда цIалулеб заманалда. ГIодое йиччарай, сабурай, хIеренаб каламалъул, гIелмияб цIех-рехалда хурхараб суалалъе мухIканаб жаваб кьезе бажарулей…

 

М. Халидова хIалтIудаса нахъе анилан бицаралдаса нахъе букIана гьей йихьизе гъира. Дагьалъ цее дун ана гьелъухъе гьоболлъухъ. ГIумруялъулгун гIелмуялъулги хъизамалъулгун рукъалъулги бицун, таманаб заман бана гьелъулгун накъиталда.
Мисай Халидова гьаюна 1936 соналда Хунзахъ росулъ. ЦIалана МахIачхъалаялъул №4 школалда ва 1961 соналда лъугIизабуна ДГУя-лъул филологияб факультет. Гьебго соналъул декабралдаса нахъе хIалтIана ДФИЦалъул МацIалъул-гун адабияталъул ва искусствоя-
лъул институталда (ИЯЛИ). ЙикIана ИЯЛИялъул гIелмиябги диссертациялъулабги советазул членлъунги.
1973 соналда цIунана «МагIарул фольклоралъул гIисинал дидактикиял жанрал» абураб темаялда филологиял гIелмабазул кандидатлъиялъе диссертация; 1997 соналда – «Дагъистаналъул халкъазул мифазулаб ва тарихияб эпос» абураб темаялда докторлъиялъул диссертация.
«Дие кидаго бокьулаан художествиял асарал цIализе. Дир эмен, Расул Халидов, вукIана разведчик, рагъул гIахьалчи, хадувккун КГБя-
лъул хIалтIухъан. Инсуе бокьун букIана дун тохтурлъун яхъине, амма дир ракIалъ тIаса бищана ДГУялъул филологияб факультет. Яц ана медицинаялде – гьелъ тIубазабуна инсул анищ.
Университет лъугIидал, хIал-тIизе байбихьана РАНалъул филиаллъун букIараб ГIелмияб Централда. Байбихьана лаборанталъул хъулухъалдаса. Пенсиялде иналде дун яхъана бетIерай гIелмияй хIалтIухъаналъул даражаялде», — ян бицана гIалимчIужуялъ.
Гьелъул тIоцебесеб гIелмияб цIех-рехалъе нухмалъи гьабулеб букIана ГIали-ХIажи Ахлакъовас. Амма, диссертация хъван бахъиналдего, Аллагьасул къадаралде щвана гьев.
«ГIажаибаб хасияталъул инсанги пагьму камилав гIалимчиги вукIана гьев. ЧIаго хутIаравани, нилъер гIелмудулъ гIемерго цебетIей лъугьинаан. Амма, гьев хванилан абун, дица цIияв гIелмияв нухмалъулев кьеян тIалаб гьабичIо. Диссертациялдаги гьевго вихьизавун вуго, нухмалъулев хIисабалда», — ян ракIалде щвезабуна Мисай Халидовалъ.
Кицабазулгун абиязул, бицан-кIабазулгун гьара-рахьиязул, ай гIисинал жанразул цIех-рех гьабулаго, Мисай Халидовалъул пикру тIаде цIана мифаз. Гьеб букIана жеги абизегIан гIелмияб цIех-рехги гьабичIеб, рикIкIадал районазда цIунун хутIараб кIалзул гьунара-лъул жанр. Гьелъ байбихьана цIияб гIелмияб цIех-рех. Ва тIолабго гIумруялъул аслияб ишлъунги лъугьана мифазул анализ гьаби.
«Дие ккараб икъбаллъун дица рикIкIуна инсул гIемерал гьудулзаби рукIин. Гьел рачIунаан нижехъе гьоболлъухъ. Дир гIелмияб хIалтIул бицен ккараб мехалда, гьез ракIалде щвезарулаан жидерго бакIазда машгьурал биценал, гIажаибал лъугьа-бахъинал. Дица гьел хъвалаан. Хадубккун унаан гIелмиял экспедициязде. ГIемерал биценал хъвана дица ЛъаратIа, ЦIунтIа, ЦIумада, ГIахьвахъ ва цогидал районазда. МоцIалги ралаан гьединал сапаразда. Гьениса бакIарараб материал кьолаан Квералъ хъварал хIалтIабазул фондалде. БатIи-батIиял бакIазда ратулаан цоцазда релълъен-хъвай бугел асарал. Гьеб мехалда байбихьулаан гьезул мухIканаб цIех-рех гьабизе», — ян бицана гIалимчIужуялъ.
Пуланаб бакIалда батараб мифологияб бицен кин бижараб, щиб гьелъие кьучIлъун ккараб? Кинаб бухьен бугеб гьелъулги халкъалъул хIакъикъияб тарихалъулги? Цогидал дагъистаниязул мифологиялда ругищ гьединаб магIнаялъул асарги гьенир рехсолел багьадурзабиги? Гьел ва цогидал суалазе жавабал ралагьулаго, рижулел рукIана цIи-цIиял гIелмиял хIалтIаби.
М. Халидовалъул къалмикьа къватIибе бачIана 140-гIанасеб гIелмияб хIалтIи. Гьелъул берзукье ккана поэзиягун прозаялъул киналниги жанразда хъварал мифал. Яккана гьей нартазул эпосалъулгун Кавказалъул рагъул замана-лъул халкъиял асаразул гъварилъу-деги. ЦIех-рехалъул хIасилалда якъинлъарал цIиял хIужабазул хIакъалъулъ Мисай Халидовалъ бицана гIелмиял дандеруссиназдаги, халкъазда гьоркьосел данделъа-баздаги, хадур къватIире рахъарал мажмугIаздаги. Гьей гIахьаллъана МахIачхъалаялда, Грозныялда, Тбилисиялда, Элистаялда ва цогидал бакIазда тIоритIарал гIелмиял данделъабазда. Басмаялде рахъана жинцаго ва цогидал гIалимзабигун цадахъ хъварал монографиял.
М. Халидова мустахIикълъана пачалихъиял шапакъатазеги. Гьей ккола ДРялъул гIелмуялъул мустахIикъай хIаракатчIужу. 1995 соналда гьелъие кьуна ДРялъул Пачалихъияб премияги.
ГьабсагIаталда Мисай Халидова йиго мустахIикъаб хIалхьиялда. Гьелъул ракIгъезабула лъималазул лъималаз. Вас Камил вуго биологиял гIелмабазул доктор, гьев ккола ДФИЦалъул Каспиялда цебе бугеб биологиял сурсатазул института-лъул директор. Яс Динара йиго тохтур-педиатр.
Эбелалъул хIакъалъулъ гьадинаб пикру загьир гьабуна гьез: «ГьатIанкъоялги байрамкъоялги рокьулароан гьелъие киданиги. Цогидал хIалхьиялда рокъор чIараб заманалдаги унаан хIалтIуде. ТIехь цIалулареб заман гIадада арабин абула гьелъ жакъаги. ЛъагIалидасаги цIикIкIун мех бана эбел хIалтIудаса нахъе аралдаса. Ниж хIинкъун рукIана, гьелъухъа рокъой чIун бажариларин абун. Амма дагь-дагьккун ругьунлъана. Мех-мехалда гьелъухъе рачIуна ишцоялги».
Гьайгьай, жеги бокьилаан хIалтIизе, амма чорхол хIалги бичIчIун, Мисай Халидовалъ хIукму гьабуна хIалхьиялда чIезе. «Аллагьас сахлъиялда таги мун, Мисай Расуловна», — янги гьарун, рекIелъ адабалъул асаргун къо-лъикI гьабуна нижеца.