«Армиялъулаб чемодан»

5-21 февралалда Дагъистаналъул школазда тIобитIана «Армейский чемоданчик» абураб акция.Гьеб гIуцIун букIана ВатIан цIунулесул къоялъул хIурматалда. Гьелда гIахьаллъана 40 азаргоялдаса цIикIкIун цIалдохъан. Тадбиралъул гIуцIарухъабилъун ккола ДРялъул ГьитIинаб академияги Россиялъул цIалдохъабазул хIаракатчагIазул (РДШ) регионалияб отделениялъул Сурсатазул центрги.
 
РДШялъул жигарчагIаз школазда гIуцIана батIи-батIиял тадбирал, тематикиял выставкаби, ветераназулгун дандчIваял. Тадбиразул цояблъун букIана «Армейский чемоданчик» абураб акцияги. Гьениб цIалдохъабазда ветераназ бихьизабуна аскариясул чемоданалда жаниб букIунеб къайи: солдатасул альбом, рокъоре хъваралги рокъоса рачIаралги кагътал, батIи-батIиял орденалгун медалал ва цогидабги. Акциялда гIахьаллъана армиялда хъулухъ гьабурал бихьиналги. Гьез лъималазе бицана рагъулаб хъулухъ тIубаялъул хIакъалъулъ.