Дагъистан – чIел босаразда гьоркьоб

Улкаялда исана ичIабилеб нухалда тIобитIулеб буго «ЧIагояб классика» абураб пасихIго кечI ри­кIкIиналъул къец.Бищунго жигараб гIахьаллъи гьабурал регионазул сияхIалда буго Дагъистанги. Ахирал соназда рехсараб къецалъул финал тIобитIула Москваялъул БагIараб майданалда. Марталъул ахиралда гьабизе буго къецалъул хIасилги. 
 
Жюриялда цадахъго, къецалъул хIасил гьабиялъулъ гIахьаллъизе руго Москваялъул Борис Щукинил цIаралда бугеб Театралияб институталъул педагогалги. Экспертаз бищунго пагьмуялин цIар чIварал финалистал росизе руго рехсараб институталде цIализе. 
 
Проекталъул сайталда гIуцIа­раб онлайн-гьаракь кьеялъу­л хIа­си­лалда церехъабилъун ри­кIкIана 30 регион. Гьезда гьоркьоб буго ни­лъер республикаги. «Гьел регионазда гIуцIизе руго 11-абилел классазул цIалдохъабаз кучIдул ри­кIкIиналъухъ гIенеккиял. Экспертаз тIадегIанаб къимат кьурал цIалдохъабазе рес щвезе буго Б. Щукинил цIаралда бу­геб Театралияб институталда цIа­лизе хIалбихьиялъул къецалда гIа­хьаллъизе – гьел рачIинахъего росула кIиабилеб туралде», — ян баян гьабуна ДРялъул Лъай кьеялъул ва гIелмуялъул министерствоялъул хIалтIухъан Лейла Арсланбеговалъ.