«ХIакъикъаталъул» гъасда ЛЪАРАТIА

ГIужий босараб гьунар

 

Ахирал соназда республикаялъул щибаб районалда гIуцIун рукIана пагьму-лъай цIикIкIарал, гьунар тIокIал цIалдохъаби цIалулел хасал группаби (центры для особо одаренных детей). Гьел рукIана муниципалиял лъай кьеялъул идарабазда гъорлъ, хасав нухмалъулевги вихьизавун. РукIана гьезул жидерго программаги, тартибги, цере лъурал масъалабиги. КIигогIан соналъ цебе ЛъаратIа гьединаб центр тIубанго къана. Щиб гIиллаха гьелъие ккараб?
Гьеб суалалъе мухIканлъи щвана районалъул лъай кьеялъул идараялдаса. Гьезул баяналда рекъон, цере тIурал лъималазул центр къан буго райцентралда жанир гьединаб лъаялъул цIалдохъаби гIураб къадаралда гьечIолъиялда бан. ЛъаратIаса гурони цогидал росабалъа лъимал гьенире дарсазде хьвадизе хIукуматалъги шартIал чIезарулел гьечIила. Районалъул лъай кьеялъул идараялъул нухмалъулев Сулейман Мажидовас рикIкIунеб буго, гьеб центр къазе течIого цIунизе кIварабани, районалда лъай кьеялъул даража гIемерго цебе тIезе букIанилан: «ГьабсагIаталда райцентралда цIалулел лъикIаб пагьму-гьунаралъул лъималазул лъай борхизабиялъе хасал шартIал гьечIо. ЛъаратIа жаниса гурелги района­лъул росабалъа ракIаризе бегьилаан лъай камилал цIалдохъаби. Гьезие шартIал чIезаризе районалъул бюджеталъул гIарац гIуни, гьеб кIудияб лъикIлъи букIинаан тIолабго районалъул лъайкьеялъул даража борхизабиялъе. Гьелдалъунго лъикIлъизе рукIана ЕГЭялъул ва ОГЭялъул хIасилалги. Къокъго абуни, гьеб центр къай кIудияб камилъун буго».
Гьаниб гIадатиял гIадамазулги суал бачIунеб буго цебеккун кин гьелъие гIарац щолеб букIараб ва лъица гьеб ишалъе квербакъи гьабулеб букIарабин абураб.
Гьеб центр къаялъ жидер лъималазул гьунар ва лъай це­бе­тIеялъе кIудияб ками кколеб бугин рикIкIунеб буго гIемерисел цIал­дохъабазул эбел-инсуцаги.
Масала, гIицIго щуйил къиматазда цIалулев ункъабилеб классалъул цIалдохъанасул эбел МухIамадова Саниятица рикIкIунеб буго хIу­куматалъ жиндир васасул лъай цебетIеялъе зарал гьабулеб бугин: «Централъул кIудияб кумек букIана лъималазул цIали тIадегIанаб даражаялда цебехун бачиналъе. Росабалъ ругел лъикIаб лъаялъул цIалдохъабиги махIрумлъун руго гьеб ресалдаса. МагIарухъ рукIунин абун шартIал гьечIого тезе кколищ нижер лъимал? Дица рикIкIуна лъай кьеялъул идараялъ хIаракат бахъизе кколин гьеб центр нилъер гьаниб цIидасанги хIалтIизабиялъе».
Гьеб рахъалъ районалъул нухмалъулез загьир гьабураб пикру­ялда рекъон, гIураб къадар цIал­дохъабазул чIезабизе кIвани, ха­дусеб цIалул соналда ЛъаратIа цIи­дасан рагьизеги рес буго гьунар тIокIал лъималазе лъай кьолеб группа.