«Бесдал эбел гуро дун»

 
Гъуниб районалъул Ругъжаб росулъа Зада Макъсудовалъе, школалда цIалулеб заманалдаго, бокьун букIана учительлъун яхъине. Микьго классги лъугIун хадуб цIализе ине йигин абидал, инсул яцгIалалъ абун буго: «КъантIа ГIисал рокъов шайих вахъараб гIадаб жо ккелин, нилъер цIаларав чиги вукIинчIин, гьелда ракIалде ккараб жо щиб?» — ан абун. Амма гIолилалъул рекIел хIалги бичIчIун, эбелалъ ихтияр кьуна.
 «Бищун кIудияй мунги цIализе ани, рокъоб дие кумек лъица гьабизе бугебилан къварилъахъдулаан гьей. Гьеб соналъ гьавурав гьитIинав васги вукIана гьелъул. Дица абуна, харил гьадаб цо бакI цIезабилин дицайилан абун. ХъахIлъи барабго яхъун унаан харибакIалде. Хъандироялъ бецун, баччун чIезабуна эбелалъе хасалие гIураб хер. Рохел бихьарал чагIи рукIинчIо дир эбел-эмен. Бесдаллъи бихьана кIияздаго. Дун бищун кIудияй йикIиналъги батила, дидехун ракI бан рукIунаан гьел», – ан бицана Задаца.
 
Бищунго захIматаб дарс
 
Ана цIализе. Байбихьуда цIакъ захIмат букIана. «Дида бичIчIана, гIурус мацI лъазе кколеблъи. Пед-училищалда хIалтIулев вукIана Загьид ГIумарович абун Лак районалдаса преподаватель. Гьес дида малъана гIурус мацI бигьаго лъазабулеб къагIида. Гьес абуна, классиказул тIахьалги цIалун, гьел тет-радалда хъвайилан. Гьабуна гьес малъухъе ва лъикIал къиматал щвезе байбихьана», — ан ракIалде щвезабуна Задаца.
Педучилище лъугIидал, хIалтIизе йитIана Унсоколо районалде. Гьел соналго гIадин, хинаб асаргун ракIалде щвезавула Задаца хехго гIумруялдаса ватIалъарав росги. ИштIибури-Колоб хIалтIулеб заманалда, цадахъ довеги ви-лълъун, рукъалъул тIалаб гьабулаан ГIабдулагьица. Лъабго сон индал, Макъсудовал тIадруссана гIагараб районалде. ХIалтIизе байбихьана Гъоркь КIогьориб росулъ. Гьениб букIана байбихьул школа. Гьеб букIана 1976 сон. Гьебго соналда Макъсудовалда тIадкъана школалъе нухмалъи гьабиялъул ишги. Гьелдаса нахъе йиго Зада рехсараб школалъул директорлъун. 
Школа букIана пихъил консерваби гьарулеб заводалъул хIалтIухъабазул общежитиялъул кIиго рокъоб хIебтIун. Гьелъул цIалдохъабилъун рукIана заводалъул хIалтIухъабазул лъимал. Задаца районалъулги заводалъулги нухмалъиялда цебелъуна школалъе цIияб мина баялъул масъала. Гьелъул бицун хъвадарана республикаялъул идарабаздеги. Ахирги совхозалъул директорлъун вукIарав Гумбет районалдаса ГIарипов МухIмадил квербакъиялдалъун бана школалъе минаги.
 
ЦIияб школа бана – улка биххана
 
Школа хIалтIизабиги кIудияб улка биххиги цадахъ ккана. Чанги гьабун рагIалде бахъинчIеб хIалтIи хутIун бугониги, къабул гьабуна Зада Макъсудовалъ школалъул мина. «РукIинчIо гордал, нуцIби, классал хинлъизаризе рес. Росас къачIана гордал, кумек гьабуна чIарбида ва мокърукь хъарщи кьабизеги», — ан бицана гьелъ.
1996 соналда байбихьул школа-лъул гьабуна аслияб лъай кьеялъул школа ва 2000 соналда – гьоркьо-хъеб. Школалъе кьуна Афгъанистаналда хварав, БагIараб Байрахъалъул орденалъе мустахIикълъарав Ибрагьим Ибрагьимовасул цIарги. 
ГьабсагIаталда школалда вуго 67 цIалдохъан. «Школа рагьулеб къоялъги районалъул администрациялъул бетIерас абулеб букIана, цебетIеялъе ресго бугодай гьелъулилан абун. Дицаги гьесие рагIи кьуна божударекIкI гьабиларин. ЯхI бахъана лъикI хIалтIизе. Районалъул пуланаб школалда лъикIав учитель вугин рагIарабго, хIаракат бахъулаан гьев гьанивги хIалтIулеб къагIида батизе. Гьедин гьанир хIалтIулел руго Хьиндахъа, ХIотIочIиса, Ругъжаса, ТIаса Гъуниса ва цогидал бакIаздаса учительзаби. Музыкаялъул учитель вачана, масала, музыкалияб алаталда бакънал рачине махщел бугев вукIун – лъималазда чIагояб бакъан рагIизе. Рисованиеги кьола художникас. Рамазан ГъазимухIамадов вачана ХIутниса. Гьев вуго республикаялъул учительзабазул къецазул гIахьалчи. Гьединайго пагьмуяй, хасаб методикаялда рекъон хIалтIулей филолог йиго Мадина Шагьоваги – гьей хIалтIулей йикIана Гъуниб росдал школалда. Щибаб дарсил махщелчи вугони, лъималазе щола камилаб лъай. Гьеб буго нижер коллетивалъул аслияб масъала», — ян бицана Зада Макъсудовалъ.
 
Интернат гьечIониги…
 
Гьелъул рокъоб гьабсагIаталда буго 22 лъимер. ГIемерисезда ракIалде кколеб буго Гъоркь КIогьориб росулъ гIадатияб школа гуреб, школа-интернат бугин абун. Амма интернат гьениб гьечIо. ГIумруялъул захIматал шартIазде ккарал хъизамаздаса лъимал рачуна Задаца хьихьизе. «Цояз босула, мисалалъе кредит. Гьеб бецIизе бажаруларого, хIажаталлъун ккола рикIкIаде хIалтIизе ине. Цогидазухъа бажаруларо лъимер хьихьун – ресукълъиялъ, школалде унаго, лъимадуе ретIел-хьит босизе киса гурин, кваниецин гIарац гIоларел хъизамал гIемер руго нилъер. Лъаб-абилезе, жидеца гIумру гьабулеб бакIалда школа гьечIолъиялъ яги гьеб гIицIго байбихьул лъай кьолеб букIиналъ, рес кколеб гьечIо лъимер цIализабизе. Ункъабилел рачIуна, жидехъ гIенеккуларин, малъараб босуларин абун. Щибаб хъизамалъул буго батIи-батIияб гIилла. Дида кIоларо гьедин рачIарал гIадамазул лъимал къабул гьаричIого чIезе», — ян бицана директоралъ.
Гьедин рачIа-рачIарал къабул гьарун ва сакъатаб лъабго лъимерги хьихьизе бачун, гIуна 22 лъимер. Гьезие квенги хIажатабщинабги чIезабула Задаца. Камуларо кумек гьабулел гIадамалги. Жиндир цIар загьир гьабизе бокьичIев цо дагъистанияс, масала, кумек гьабуна лъимал жанир рукIунел рукъзал къачIазеги, кроватал росизеги. Босана гьесул гIарцухъ ретIел чурулеб машинагун телевизорги. Къурбан моцIалда росдал мажгиталъул имамас бачIана лъималазе гьанал 100 кг. Лъималазул тIалаб гьабизе кумекалъе росун руго хIалтIухъабиги. 
Гьединаб къагIидаялда лъимал хьихьизе ихтияр кьолеб букIун гьечIо РФялъул законаз. КIудияб хъизамалъухъ халгьабизе ячIараб мехалда, ДРялъул бетIерасда цебе Эбеллъиялъулгун лъималазул ихтияразул рахъалъ вакил Марина Ежовалъ Зада Макъсудовалда малъана законалде рекъонкколедухъ документал хIадуризе. Гьанже гьеб хъизамалда официалияб къагIидаялда абула «КIудияб хъизам» абураб коммерциялъулаб гуреб жамгIияб гIуцIийилан абун. Гьелъул ихтиярги буго ресукъал хъизамаздасаги бесдаллъуда хутIаралги лъимал хьихьизе рачине. Амма гьелъие букIунаро финансазул рахъалъан кинабгIаги кумек-квербакъи.
Школалъулги халгьабун, ниж рилълъана рокъоре. «Зада-эбел!» — анги ахIулаго, данде рекерун рачIана васал. Гьел хурхана Задада, моцIалъ йихьичIей эбелалда гIадин. Рана къвалал дидаги. Щивасул ботIрода кверги бахъулаго, ракIбатулеб рагIи абуна гьелъ. Рокъор ругоан жинцаго хьихьарал лъималазул суратазул альбомал, гьез рачIарал кагъталгун баркиял. «Баркала, Зада-эбел! Дир гIумруялда мун дандчIвачIейани, гьелъул магIна дида бичIчIилароан», — ин хъван буго гьел кагътазул гIемерисел автораз. Чан лъимер хьихьарабилан гьикъидал, Задаца кьуна гьадинаб жаваб: «Азаргоян абуниги, лъабнусго-щунусгоян абуниги, мекъи ккеларо. Дица гьел рикIкIинчIо. Цояз гьаниб бана кIиго-лъабго моцI, цогидал рукIана лъагIелалъ, лъабабилел – школа лъугIизегIан. РукIинчIо гьел эбел-инсуца тIубанго рехун тарал. Дица гIицIго кумек гьабуна захIматаб хIалалде ккарал хъизамазе. СанагIалъи ккарабго, лъимал нахъе рачун унаан», — ян.