Жакъасев цIалдохъанасул тIалабазда рекъон

Гьанжесеб Россиялъул лъай кьеялда лъугьун буго хадургъезе захIматаб хIал. Сон байбихьарал реформаби мекъал рукIанин мукIурлъулеб гIадатги гьечIо, амма реформаби цIигьарун хисизариялъул ахирги гьечIо. Реформаторазул пикрабиги батIи-батIиял руго. Масала, гIемер бицунаан, сон-церекъад, ай советияб заманалда школаздагун вузазда лъай щварав учителасухъа жакъасев цIалдохъанасе дарс кьун бажаризе рес гьечIин абун. Щай гьеб бажарулареб? ГIасраби хисаниги, хисун гьечIелъул методикиял къагIидабиги педагогикияб гIелмуялъул кьучIалгиян кколаан ракIалде. Дир пикру хисана дагьалъ цебе Гъуниб районалъул Гъоркь КIогьориб росдал гьоркьохъеб школалде гьабураб сапаралдаса хадуб.

 

Гьеб школалъ гьабулеб буго кIудияб хIалтIи. Школалда вуго 60-ялдаса цIикIкIун цIалдохъан. ГьитIинабго школалъе ругел хIалтIухъаби гIун ругин абун чIечIого, гьелъул директор Зада Макъсудовалъ хIаракат бахъулеб буго районалъул школазда хIалтIулел ругел бищун лъикIал учительзаби, махщел гIахьал гьабизе, пикраби дандразе, гьенире ракIаризе. Масала, гьенив хIалтIулев ватана гъоркьиса «Рахьдал мацIалъул бищун лъикIав учитель» абураб къецалъул гIахьалчи, ХIутниб росдал школалъул магIарул мацIалъул учитель Рамазан ГъазимухIамадовги. Гьедин гьение хIалтIизе ячIана гIурус мацIалъулгун адабияталъул учительница Мадина Шагьоваги.
Мадинал буго хасаб методика. Абизе бегьила, гьелда гъорлъе журан ругин батIи-батIиял методикиял рахъазул лъикIаллъун рихьарал бутIабиян. «Советиябги гьелдаса хадусебги заманалъул цIалдохъаби рукIана жидее кьураб лъайги босулел, гьеб камилги гьабулел лъимал. Нилъ школалда цIалулеб мехалда дарсил аслияб ва цIикIкIарасеб заман унеб букIана цIияб тема малъиялда. Учителас бицунаан цIияб дарс ва цIалдохъаби гьесухъ гIенеккун рукIунаан. Гьанжесев цIалдохъанасул сабру гIоларо кIиго минуталдаса цIикIкIараб заманалъ цо чиясухъ гIенеккизе. Учителас бицунеб жо гьес бигьаго балагьула Интернеталдаса, рес буго цIалул тIехьалдаса цIализеги. Гьединлъидал ратизе ккола батIиял къагIидаби. Дир пикруялда, жакъасев учителасе чарагьечIеблъун ккола психологиялъул лъай. ЦIалдохъанасул пикруялъухъ халкквезеги, гьесул жанисел сурсатал битIараб рахънире ккезаризеги, цIалул программаялъул тIалабал тIуразаризеги кумек гьабула психология лъаялъ. Технологиязул рахъалъги цIалдохъанасдаса нахъе хутIун вуго жакъа учитель», — ан бицана Мадина Шагьовалъ.
Гьелъ абуна, учителасда цебе чIараб аслияб масъала бугила живго хисизавизе, ай цеветIезе, хIадурго вукIин. ЦIалдохъанасул пикруги жигарги берзукь кквезе гьелъие кумек гьабула цIияб лъай балагьизе тIамулел методиказ. «Дица цIалдохъабазда киданиги бицунаро цIияб дарсил тема. Дарсги байбихьула цIалдохъабаз – щибаб къоялъ батIияв «учитель» вукIуна. Гьедин гьезда бичIчIула учителасул захIматалъул къимат. Дарсида такрар гьарула ва лъазарула цIиял рагIаби – гьелги ралагьула «учительзабаз». Гьезие бищунго захIмалъулеб жо ккана кьериласул жавабалъе къимат кьей. Гьайгьай, гьеб методалда хIалтIизе байбихьараб мехалда дарсие заман къокълъулаан. Амма дагь-дагьккун ругьунлъана гьелде. Ва дида ракIалде ккола гьебги бугин цIалдохъабазе дарслъун. Нилъеца лъай гуреб тарбияги кьезе кколелъул гьезие. Дарсил ахиралда цIалдохъабаз жидецаго хIасилги гьабун, чIезабула, кинаб темаялда рекъон дарс гIуцIун букIарабали», — ян бицана Мадинаца.
Мадинал хIалтIул ккарал хIасилал рехсана Зада Макъсудовалъ. «Цо цIалдохъан вукIана, ичIго класс лъугIизегIан, лъабилалги лъун, хадув вехъерхъун. Щивав учитель ва гьесул эбел-эменцин мукIурлъана гьесухъа цIали бажарунгутIиялъе. Мадина ячIараб мехалда гьев тIуванго хисун ккана. Гьелъу-хъа бажарана цIалдохъанасул рекIеде нух батизе. ЛъикIал къиматазда гьоркьохъеб школаги лъугIизабун, вузалдаги цIалана гьев хадувккун», — ан бицана директоралъ.
ГIажаиблъана дун цоги хIужа халлъидал. Гъоркь КIогьориб росдал школалъул цIалдохъабаз цIалулел руго художествиял асарал! Гьебги ккола Мадина Шагьова-лъул хIаракаталъул хIасил. Гьелъул дарсида гIуцIула адабияталъул асаралда тIасан гургинал столал, бахIсал. Цо цIалдохъанас абуна, бахIсалда гIахьаллъулеб мехалда мекъи ккезе гурин абураб пикруялъ цIаланила жинца тIоцебесеб тIехь ва дагь-дагьккун ругьунлъанила гьел цIализе. «ТIахьазулъ батана дида гIажаибаб ва нилъер жакъасеб гIумруялдаса тIубанго батIияб дунял», — ан абуна гьес.