Школалъул хIаракат

ЛъугIулеб буго 2017 сон

 

Щиб цIияб бачIараб гьелъ ва сунде кIвар кьураб нижеца газеталъул гьурмазда?

Республикаялдаги улкаялдаг­и гIемер рукIана лъайкьеялъе кIвар бугел лъугьа-бахъинал. Нижеца хIаракат гьабуна «Мактабалда­ги» «Лъайкьеялдаги» гьезул хIакъа­лъулъ бицине.
Аслияб темалъун, кидаго гIадин, букIана рахьдал мацI. Нижеца бицана, гьеб кIодогьабун, гьеб цIу­низелъун гIуцIарал мажлисазулги тIо­ритIарал къецазулги хIакъалъулъ. Масала, тIубараб лъагIелалъ газеталда рахъана «Бищун лъикIав рахьдал мацIалъул учитель» ва «Рахьдал мацIазе – кIиабилеб хIухьел» абурал къецазда гIахьаллъарал учительзабазул дарсил конспектал. Хьулги буго, росабазулги шагьаразулги учительзабаз гьездаса пайда босиялде. Методикиялги цIалулги тIахьал гьечIеб заманалда, гьединал конспектаз учительзабазе кумек гьабизе бугин абураб пикруялъ рахъунги рукIана гьел.
Рахьдал мацIалъул бечелъиги, кIо­долъиги, гьеб нилъее хIажатаб алат букIинги бицун рачIарал макъалаби рахъана газеталда. Амма рахь­дал мацIалъул учительзабазеги гьеб мацIалда рахъулел газетазулгун журналазул хIалтIухъабазеги хал­къалъул рухIияб бечелъи хIа­жатго гьечIин абураб пикру тIи­битIизабулел чагIазул хIал бергьиналъищали лъаларо, редакциялъул ахIи рагIулеб гьечIо нилъер халкъалда. ХIисаб гьабеха, магIарул райо­назул бутIруздаги, лъайкьеялъул управ­лениязул нухмалъулездаги, шко­лазул администрацияздаги кинго бичIчIулеб гьечIо, мацI гьечIеб ми­ллат букIунарин абураб пикру. Райо­назул бутIрузул хIалтIуе, ЕГЭялъул хIа­силалъухъ балагьун, къимат кьезе бугин бицаралдаса нахъе гьезулъеги ккана рахьдал мацIалде рокьукълъиялъул унти. Гуребани, миллаталъул хазина кколин мацIилан тIоритIулел кIудиял тадбиралги рукIаго, кин кIо­леб умумузул ирсалъул бищун аслияб бутIалъун кколеб мацI школалдаса бачахъизе? Гьединаб ккана мацI цIу­низе кколин балеб ахIул хIасил.
Улкаялъул лъайкьеялъул ва гIел­муялъул министр Ольга Васильева щвана Дагъистаналде. Гьелъ школазда гьарурал сапаразул хIакъалъулъги бицана нижеца. Учительзабигун ракIрагьараб гара-чIвариги гьабун, гьезул унтаби-гIузрабазухъги гIинтIамун, бецIлъукьан бакараб чирахъ киниги, школалъул хIалтIухъабазул ракIазулъ анищалъул хIенехIги кунчIизабун, тIадюссана гьей Москваялде. Гьанжениги нижер захIмалъабазул унти рагIана федералияй хIакималдаян рукIун ратила учительзабиги. Амма… Абизе бегьула, министралъул сапаралдаса хадуб байбихьанин рахьдал мацIалде данде унго-унгояб рагъ. МахIачхъалаялъул школазул учительзабаз бицана, дарсидеги рачIун, битIахъего цIалдохъабазда кодоса рахъун анила цIалул тIахьал. Эбел-инсуца жидерго гIарцухъ ричун росаралцин течIила. ТIехьги кодоб гьечIого, кинха кьелел дарсал? Ресал, шартIал ругел учительзабаз пайда босила интерактивияб хъорщодаса, Интернеталдаса. Гьеб гьечIез щиб гьабилеб?
ЛъагIалицаго бицана нижеца рахьдал мацI цIунизе кколин, гьеб гьечIони, миллат хутIуларин, мацIалъулъ цIунун букIунин халкъалъул рухIги, тарихги маданиятги. Амма «лъукъ-лъукъараб» хIанчIил къисмат жеги бигъинабуна ахираб заманалда улкаялдаго бахъараб ахIиялъ. Рахьдал мацIиланги абун, миллияб мацI малъизе бегьуларин, цIалдохъабазул эбел-инсухъа гьелъие ихтияр босизе кколин, улкаялъул президентасул бихьизабиялда рекъон, миллиял республикабазул школазда халгьабиял тIоритIана федералияб прокуратураялъги Рособр­надзоралъги. ГIажаиблъи – нилъер цIалдохъабазул умумузе хIажатцин батичIо рахьдал мацI. Татарстаналъул улбузги интеллигенциялъул къокъабазги рагьун лъазабуна, жидер лъималазда рахьдал мацI малъулареб школа хIажат гьечIилан. Нилъералин абуни, кIалдибе лъим босарал кинигин, руцIцIун чIана. Гьелде тIадеги, рахьдал мацI хIажат бугищан гьабураб цIех-рехалда гIахьаллъарал умумуз абуна, гьелъул бакIалда гIурус яги ингилис мацIалго бокьилин жидер лъималазда малъизеян.

Хиса-басиял

Ольга Васильевалъ щулияб рагIи кьун букIана учительзабазул харжалги хIакъикъаталда цIикIкIинаризе ругин ва къваригIелго гьечIел кагътал цIезариялдасаги гьел эркен гьаризе ругин. Амма гьеб иш жеги рагIалде бахъинчIо. Министралъ кьурал рагIабазул чангояб гIумруялде бахъинабунги бажарана. Масала, цогоял пачалихъиял экзаменазда гьоркьоса нахъе бахъана тестазулаб бутIа. Химиялъулги, биологиялъулги, физикаялъулги экзаменазул тIадкъаязда тIаде журана къокъаб жаваб кьезе кколел тIадкъаял. Экзаменалъул хIалтIи тIубазабизе кьуна 180 минуталъул бакIалда 210 минут. Экзаменазул тIоцересел бутIабазде тIаде журана таблицабазул яги схемабазул камун ругел бутIаби рахъизе. Улкаялъул цо-цо регионазда гIурус мацIалъул кIалзулаб бутIа кьезабуна. Гьелъул хIасилал лъикIал ккани, 2018 соналдаса нахъе кIалзулаб бутIа гьабизе буго киназего гIаммаблъун.
Байбихьана «Доступная среда» абураб программа гIумруялде бахъинабизе. Гьелда рекъон, лъайкьеялъул идарабазда гьаруна сакъатал лъималазе санагIатал шартIал: школазда ва вузазда чIезаруна пандусалги, классазда лъуна сакъатазе квалквал гьабуларел партабиги. ХIалтIизе байбихьана цIиял школал раялъул хIакъалъулъ программаби – гьезие бихьизабун буго 10 сон. Школазде тIадбуссинабулеб буго астрономиялъул дарс. ЦIалдохъабазда тIадкъалеб буго классаздаги школалъул азбаралдаги рацIцIалъи гьабиялъул ишги.
Исана байбихьана школазул цIалул тIахьазул халгьабиги. РАНалъул гIалимзабазул пикру хIисабалде босараб гурони цIалул тIехь школалда хIалтIизабизе гьукъана цIияй министралъ. Цоязул ракIбохизабуна гьеб пикруялъ: гьез абуна, хьул бугин кьочIолаб гIелмуялъул хIасил букIиналда цIалул тIахьазулъин. Цогидазул буго гIаксаб пикру: гьез абулеб буго, цIалул тIахьазул экспертиза гьабулинги бицун, пуланал чагIазул чванта цIезабизе багьана батанилан.
Советияб заманалда рукIарал пионеразулги комсомолалъулги къокъабазул бакIалда гIуцIана Россиялъул цIалдохъабазул хIаракат (РДШ). ГьабсагIаталда Россиялда буго 80 регионалияб отделениеги 200 хасаб школаги. ГIуцIана гьелъул бутIаби Дагъистаналдаги. Кинаб бакI кквелеб рехсараб хIаракаталъ цIалдохъабазе тарбиякьеялъулъ – жеги лъаларо.
Учительзабазул хIалтIи хIалу­ци­набуна ТIолгороссиялъул контролиял хIалтIаби (ВПР) тIоритIиялъги. Цин гьеб кьезабуна 10-11 классазул цIалдохъабазда (географиялъул). Ки­налго школазул цIалдохъабазе ча­рагьечIеблъунги кколароан гьеб. Хадуб ВПР хъвазе тIамуна байбихьул класс лъугIулел цIалдохъаби.

Щиб букIине бугеб
2018 соналда?

3-4 проценталъ цIикIкIинаризе­хъин руго вузазда бюджетиял бакIал. Бищунго хIажаталлъун рикIкIунел руго программирование (компьютеразул технологиял), промышленниябги гражданиябги бакIал рай, юриспруденция ва гь.ц. махщелчагIи.
БакIал цIикIкIинаризе руго къва­тIисел улкабаздаса Россиялде цIализе рачIунел студентазеги. Нилъехъе цIализе рачIине руго Китаялдасаги, Казахстаналдасаги, Туркменистаналдалдасаги, Тажикистаналдасаги студентал. Бищун гIемер – 13 проценталъ цIикIкIун – къабул гьаризе руго Сириялдаса студентал (455 чи). 20 студентасе букIине буго «ГIурус мацI ва адабият» абураб махщелалъе цIализе ихтияр.
2018 соналда школалда цебесеб лъай­кьеялъул идарабазда мализе бу­го «финансалъулаб лъай букIин». ГIи­син­лъималазда малъизе руго Россиялъул гIарцул сипат ва цогидал жал.
ЕГЭялда хиса-басиял рукIине гьечIо. Гьедин лъазабуна РФялъул Лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министерствоялда. БукIана хабар, историялъул экзамен чарагьечIеблъун гьабизе бугин абураб. ЦIалул стандартал хисизаризе кколеблъиялда бан, гьеб масъала нахъе бахъана. Гьединабго къисмат букIине бегьула физикаялъулги, обществознаниялъулги, адабияталъулги, къватIисел улкабазул мацIазулги. Бицунеб буго, чарагьечIел экзаменал рукIине ругин школалда кьурал киналго дарсазул, амма дагь-дагьккун. РакIалда буго, экзаменал кIиго бутIаялде рикьизе: цоял кьезе ккола ичIго класс лъугIараб мехалда, цогидал – 11 классалдаса хадуб.
2018 соналда 5-9 классазул цIал­дохъабазда малъизе буго «робототехникаги» астрономияги. Бицунеб буго, школалдаго малъизе кколин психологияги: хасаб дарс хIисабалда яги ОБЖялъул бутIа гIадин. Гье­лъие гIиллалъун рехсолеб буго цIал­дохъабазда гьоркьор гьекъолдулезулги наркотикал хIалтIизарулезулги къадар гIемерлъи.
2017-2018 цIалул соналда байбихьулеб буго «Основы кибербезопаснос­ти» абураб дарс кьезеги. Гьелъул мурад буго Интернеталдасан рукIунел хIинкъабаздаса лъимал цIуни.
ХIадурун буго хасаб проект – 23 сонил ригьалде рахинчIел, цо лъимерги бугел улбузе тIадегIанаб лъай щвеялда бараб. Гьеб проекталда рекъон, гIолохъанал улбузе рес кьезе буго заочно цIализе ва хадубккун очнияб къагIидаялде тIадруссине.
Кавсарат Сулейманова