Школалдаса тIагIунеб буго гIаданлъи

ЦIалдохъабазул эбел-инсуда бичIчIулеб гьечIо лъималаздехун учительзабазул бергьалагьи щай хисарабали

 

Мадугьалихъ ругел магIарулазул вас хьвадулев вуго анлъабилеб классалде. Дагьалъ цебе ккараб гара-чIвариялда гьесул эбелалъ дида абуна, цере гIадал учительзаби хутIунго гьечIин школалда. Лъавукъалищ ругел, сундулъ хиса-баси ккарабан гьикъидал, гьелъ гьадин бицана: «Чанго соналъ цебе школа лъугIана кIудияв васас. Гьесул учительзабазда аскIоре араб мехалда, гIагарал чагIигун дандчIварал кинигин, роха-хинлъун лъугьунаан ниж. Гьанжейин абуни, пуланаб дарс дида бичIчIичIин абун, цIалдохъан аскIове ани, гьез абула, дарсаздаса хадув хьвадеян жидеда аскIове, гьадигIан мухьги кьезе ккелин гьелъухъ. Нилъер лъималазухъа щвезе ругел гъуршазул гурони, хIисабго гьабулеб гьечIо жакъасел учительзабаз. «Гьев вуго нужер вас, школа лъугIизегIан, дица хIехьон вуго гьев. Гьесие лъикIал къиматал щвезе бокьун батани, нужецаго хIаракат гьабизе ккола», — ян абула учительзабаз нижеда».

Мелги доскаги –
камилаб лъай кьолеб технология

Нилъ ругьунлъун руго, заманалде гIайибазул гъегъ базе: заман хисун бугилан, цебе гьедин букIунароанилан бицаризе. Учительзаби хисиялъе щиб гIилла ккарабали цо мисалалдалъун халгьабилин. Лъебергоялдаса цIикIкIун соналъ МахIачхъалаялда хIалтIулей йиго Меседу. Гьей ккола байбихьул классазул учительница. ХIалтIул хIалбихьи гуребги, камилаб лъайги, лъималаздехун гьуинаб бербалагьиги бугей учительница йикIиналъ, гьелъухъе лъимал кьезе бокьарал умумул гIемерал рукIуна. Учителасул тIабигIат хисиялда бан, гьадинаб пикру загьир гьабуна гьелъ: «Советияб школалда учителасул къад­ру кинаб букIарабали такрар гьабизе ккеларо. Нижее рес букIана тIадаб ишалде машгъуллъизе, ай дарсазде хIадурлъизеги, музеязде, театразде, шагьаралъул берциналги тарихиялги бакIазде лъималгун сапарал гьаризеги заман гIолаан. Гьанже нижедаса щибаб моцIалъ, хIатта щибаб къоялъцин тIалаб гьарула батIи-батIиял кагътал. Абизе бегьула, хIалтIи тIубанго сверун бугин кагътал хIадуриялде. Балъго гьабун щай, гIемерал соназги хIалтIун, рекIехъе лъала дида щибаб дарсил тема, гьединлъидал, дарсил къокъаб план хъвалеб заманги букIана. Гьанже квералъ хъварал планазде гIей гьабун чIоларо – букIине ккола компьютералда рахъарал, кьер-кьерал суратаз берцин гьарурал. Школалдаса свакан тIадюссарай дир хIал букIунаро хъизамалде регIараб. Интернет хъирщизе ккола, иргадулаб дарсие «дахIаби» хIадурулаго, заман уна. Гьединал дарсазелъидал гьанже лъикIаб къимат кьолеб бугеб. Лъималазул лъаялъул даража борцунеб шартIлъун лъугьун буго технологиял хIалтIизари. Амма мелги доскаги гурони технологиял рукIинчIеб заманалда цIалдохъабазул лъай камилаб букIана», — ян.

Нормативияб документалда

Учителасул гIаданлъи букIине кколин абун хъван гьечIо цониги нормативияб документалда. Педагогасул хъулухъалъул хIакъалъулъ хъварал кагътазда бихьизабун буго гьесул букIине кколин камилаб лъайги гьеб лъай цIалдохъанасухъе щвезабизе бажариги. Прессаялда гIемер хъвала, учительлъун хIалтIизе бажарулев чи вугин гIицIго гьелде рекIелъ рокьи цIикIкIарав чи. ГIурус мацIалъул учительница Светланаца гьадинаб жаваб кьуна гIаданлъи тIагIиналъул гьикъараб мехалда: «Учительги ккола чIагояв чи. АнцI-анцI соналъ ракIунтун, къасиги къадги хIалхьи гьечIого гьабулеб хIалтIи буго гьесул. Кинха гьев хисиларев? Гьединги хIалтIун, учителасе моцIрое щолеб харжалъул пикру гьабеха. ГIолохъанаб заманалда, лъималазде бугеб рокьуцаги бокьулеб пишаялде гъираялъги, батIияб жоялъул пикру гьабулароан, сардал рорчIунги хIаракат гьабулаан. Сонал цIикIкIанагIан, тIагIунеб буго гъираги – баркала гьечIеб, кири щолареб, жамгIияталдаги нижер хIалтIул кIвар бичIчIулареб иш гьабулеб бугилан пикру гIемерлъула. Нужеда вихьанищ цониги хъулухъчи, учительго гIадин, сардилъги жиндирго хIалтIуде машгъуллъарав? Гьебги ЗахIматалъул кодексалда чIезабураб заманалда гуреб, хIалтIудаса эркенаб мехалда. Гьединлъидал гIаданлъи цIунизе нижедаса тIалаб гьабуге. Гьединаб рагIи хъван гьечIо цониги нормативияб документалда».
ЦIалдохъабаздехун бербалагьи хисун буго ПатIиматилги (росдал шко­лалъул учительни­ца). Гьелъ бицана, цIал­дохъанасеги гьесул эбел-инсуеги камилаб лъай бокьун гьечIони, гьеб кьун бажаруларила учителасухъаги. «Росабазул школазда хIалтIулел учительзабаз рекIелъ жахIдагун бицуна, шагьаралъул школазда ругел ишцоязе рес букIунила цIалдохъабазе мухьдахъ дарсал кьезеян. Росулъги рукIун, киналго гIага-божаралги ругеб мехалда, дарсаздаса хадуб щиб букIаниги малъаралъухъ гьадигIанасеб гIарац кьеян абизе дида кIоларо. Амма бербалагьи дирги хисана – бижана ургъел гьечIолъи, бокьани – лъазабе, бокьичIони – гьедин рукIаян пикру гьабулей ятула дунги. Щай? Щайгурелъул хIалгьабун дарс бичIчIизабизеги гьеб хIажалъулеблъи рекIелъ хъинтIизабизеги цIакъ захIмалъулеб буго. Дида бадибчIвай гьабиларедухъ хIалтIаниги бегьула жакъасеб школалда».

Лъида бугеб гIайиб?

Дир пикруялда, учителасулъа гIаданлъи тIагIиналъе квербакъана цIалдохъабазул эбел-инсуца. Гьебги – ЕГЭ кьезе байбихьараб заманалда. Киназего хIажалъана жидер лъимал вузазде рорчIизаризе. ЕГЭялъухъ цIикIкIарал баллал лъеялъул мурадалда, байбихьана учителасе мухь кьезе. Киданиги божиларо, щибаб дарсида малъулеб жо ботIролъе биччаларев цIалдохъанас, дарсаздаса хадуб, анлъго сагIаталъ школалдаги вукIун, гьевго учителас мухьдахъ кьураб дарс гьесухъа лъазабун бажарулин абураб жоялда.
Цоги гIилла. АнцIила хадуб соналъ учитель ругьун гьавуна, жив цIалдохъанасе хъулухъалъе тарав чи кколин абураб пикруялде. Гьединал тIалабал рукIана лъайкьеялъул «цIиял» хIакимзабаз ургъун. Гьезда рекъон, «учителас кумек гьабизе ккола цIалдохъанасе хIажатаб лъай балагьизе», «учитель ккола цIалдохъанасе лъайкьеялъул хъулухъ гьабулев чи». Ай, лъай кьезе гуреб, гьеб балагьизе тIамизе ккола живго цIалдохъан. Аслияб иш гьабулевлъун вукIарав учитель ккезавуна щибали лъалареб бакIалде. БичIчIизе ккола, хъулухъалъухъ гIарац кьезе кколеблъиги мухь кьечIев чиясе хъулухъги лъицаниги гьабулареблъиги.
Лъабабизеги. ЦIалдохъабазул умумулги руго гьанжезаманалъул гIадамал, гьезда рагIула школалда цIиял технологиял рукIине кколинги дарсаздехун цIиял тIалабал рукIунинги абулеб. Гьез, гьелго тIалабал рукIине кколин, бадирчIваял гьарула учительзабазда. Учителасда гуро технологиязул хIакъалъулъ цIехезе кколеб – гьеб ккола лъайкьеялъул идараялда тIадаб иш. Кабинеталда лъезе къайи-алат кьолеб гьечIони, учителас кин чIезабилеб?
Ункъабизе. ЦIалдохъабаздаги гьезул умумуздаги мухIканго лъала жидерго ихтиярал, амма, щаяли лъаларо, кIочон толел руго жидеда тIадал ишал. Гьел мухIканго хъван руго «Лъайкьеялъул хIакъалъулъ» №273 федералияб законалъул 44-абилеб статьяялда. Цониги эбелалъ абулеб рагIичIо, лъагIалида жаниб жиндирго лъимадул анцIгониги дарсида йикIанилан, умумузул ракIарияздеги гьел хьвадуларо, къанагIат гурони. Школалда букIунеб жидерго лъималазул хьвада-чIвадиги бихьуларо гьезда. Гьеб унти цIикIкIун буго шагьаралъул школазда. Росабалъги, нухда дандчIвараб мехалданиги, учителасда жиндир лъимадул цIалиялъул хIакъалъулъ цIех-рех гьабулев чиги дагьлъун вуго.
Гьединаб буго жакъасеб школалъул пашманаб къиса. Учитель хисизавулев вуго сверухълъиялъги рукIа-рахъиналъул масъалабазги. Дида ракIалде ккола, хIалтIухъ мустахIикъаб харжги кьолеб бугони, учителасда цадахърекъон умумулги хIалтIани, нилъер гIолеб гIелалъул сипат кьучIдасанго хисилин.
Кавсарат Сулейманова