ГIарзал гIемерлъидал бахъараб ахIи

ДРялъул Лъай кьеялъул ва гIелмуялъул министерствоялда тIобитIараб данделъиялда бицана Басрияб Аргъвани росдал школалъул масъалабазул хIакъалъулъ.

Гумбет районалъул Басрияб Аргъвани росулъ исана къачIана школалъул мина ва кьучIдасанго хисизабуна гьелъул сипат. Гьелъие квербакъана, «100 школа» абураб проекталда рекъон, ресалда ругел росдал гIадамаз. Августалъул ахиралда бачIараб «ХIакъикъаталъул» номералда нижеца хъван букIана рехсараб школалъе учительзаби тIаса рищулел ругин абунги. Гьелъул мурадалда Дагъистаналъул лъай кьей цебетIезабиялъул институталъ (ДИРО) гIуцIана ва тIобитIана къецги.
Школа цIигьабизе квербакъарал меценатазул букIана батIияб мурадги – росу чIунтизе тунгутIи. Гьединлъидал цIигьабураб школалда цIализе гьез ракIарана гIатIиракьалда гIумру гьабулел росуцоязул лъимал ва чIезаруна гьенир хIалтIизе разилъарал учительзабазе лъикIаб харжгун санагIатал шартIал. Проект лъикIаб бугин ва гьеб цогидазеги мисаллъун лъугьиналде хьул букIана нижерги.
Амма дагьалъ цебе бахъана ахIи. Абулеб букIана, къецалъул хIасилалда меценатаз директорлъун тIамурав чиясул бакIалда гьениве витIун вугин анлъго класс гурони лъугIизабичIев (хутIараб заманалда исламиял цIалул идарабазда цIаларав) чиян абун. Гьелда разилъичIел меценатаз жидерго лъимал рачунел рукIана нахъе.
Гьал къоязда ДРялъул Лъай кьеялъул ва гIелмуялъул министерствоялда тIобитIана хасаб данделъи. Гьениб бицана Басрияб Аргъвани росдал школалъул ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ. ДРялъул хIукуматалъул вице-премьер – ДРялъул лъай кьеялъул ва гIелмуялъул министр Умупазил ГIумаровалъ данделъиялъул гIахьалчагIазда гьарана, рехсараб хIужа политикияб рахънибе ккезабизе хIаракат бахъугейилан. «Масъала тIубазе ккола законалъул тIалабалги цIунун ва цIалдохъабазе зарал ккеларедухъ», — ан абуна гьелъ.
«Гьаб соналъул марталда администрациялде хитIаб гьабуна Аргъвани росдал жамагIатчагIаз. Гьез абулеб букIана, школа къаялъул хIинкъи букIиналда бан, школа-интернатги рагьун, гьенире шагьараздасаги мадугьалихъ росабалъаги лъимал рачани лъикIаб букIинаанин абун. Исана школа къачIана «100 школа» абураб проекталда рекъон. ТIубанго хисана тIох, чIабар, гордалгун нуцIби, бана котельная. Гьеб хIалтIи гьабун хадуб цIалдохъабазул къадар цIикIкIана – гьенив жакъа вуго 36 чи.
Амма хадубккун загьирлъана, 50 чиясе бакI бугеб интернат (гьелъул гIаммаб гIатIилъи буго 674 квадратияб метр) спонсораз бан буго, жеги ракь бичун босилалдего ва официалияб ихтияр кьелалдего. Гьединлъидал, депутатазул собраниялъул хIукмуялъул кьучIалда, районалъул администрациялъ тасдикъ гьабуна хасаб хIукму: лъай кьеялъул идараялъул ракь интернаталъе бихьизабураб ракьалдаса батIагьабиялъул хIакъалъулъ. Гьелъул мурадги букIана рехсараб бакIалда интернат базе ихтияр кьолел документал гьариялъе квербакъи. Гьелда бан хIадурун руго аукционалъе документалги. Амма тIад мина бан бахъараб ракь аукционалда кин лъелеб?
Нижееги бокьун буго школаги букIине, росуги цIунизе. ХIажатаб кумекалъе рахъине хIадурги руго ниж», — ан бицана Гумбет районалъул бетIер ХIажимурад МухIамадовас.
ГьабсагIаталда школалъул гьечIо «школа-интернат» абураб статус. Гьелда бан, Аргъвани росдал школалда сордо-къоялъ 24 лъимер тезе ихтиярги букIунаро. Гьарун гьечIо хиса-басиял школалъул уставалдаги. Гьединго къабул гьарун гьечIо цогидалги нормативиял актал.
Данделъиялда хIукму гьабуна муниципалитеталъул бетIерасда тIадкъазе рехсарал гIунгутIаби хехаб заманалда тIагIинариялъе нухал ратеян ва министерствоялъе баян кьеян абун. Гьелде тIадеги, гIуцIана хасаб комиссияги. Гьелъ халгьабизе буго нормативазде рекъонкколищали рехсараб объект. Комиссиялда гъорлъ руго ДРялъул Ралел бакIазулги, Лъай кьеялъулгун гIелмуялъулги ва Юстициялъулги министерствабазул вакилзаби.
ДРялъул Лъай кьеялъул ва гIелмуялъул министерствоялъул пресс-хъулухъ