«Дир Аваристан»

МагIаруллъиялъул къисматалъулги, мацIалъулги, тарихалъулги кIулал бетIергьаби ккола гIолеб гIел

 

ТIолго дунялалда машгьурлъараб дир магIаруллъи. Дур цIаралъе мустахIикъал васазги ясазги цIвабзазда хъвана дур цIар. Дур кьурабазул къебелъухъ лъадарарал гIолилаз ахIараб дур цIар цIвалъун кунчIана. Мун – дир чIухIиги бухIиги. Дур мугIрузул тIогьиб бусен лъураб бахIарчилъиги багьадурлъиги гIасрабаз чIаго рукIине руго. Дур цIар бахъидал, зобалазде цIаюцIуна. Пикрабиги твархола, хьулалги роржуна, каранда ракIалъги рохалил сариназде каву рагьула. Жеги лъиениги бутIрул къуличIел дур мугIрузул тIогьиеги яхун, ахIизе бокьун буго:

 

— Дие мун бокьула, дир Аваристан, — илан.

Дир гIумруялъул рогьелги мун, къисматалъул гьогьенги мун…

 

 

Гьадинал пикрабазулъги машгъуллъун уней йиго Н. Юсуповасул цIаралда бугеб республикаялъулаб лъималазул библиотекаялде. Библиотекаялъул директор Султанат Загьидовалъ, лъималазул отделалъул нухмалъулей НасихIат МухIамадовалъ гIемер тIоритIула магIаруллъиялъе сайгъат гьарурал тадбирал. Гьаб нухалдаги МагIарул кочIол гъасда гьез бакана иргадулаб цIа. МахIачхъалаялъул №№ II, 8, 50, 46 школазул цIалдохъабиги, учительзабиги, шагIирзаби ГIайшат Малачиеваги, Залму МухIамадоваги, ТубхIат Зургьаловаги, ГIалихIажи МухIамадовги гIедегIун рачIунел рукIана гьеб кIудияб цIадухъе жидерго цIаялги росун.

 

«Дир Аваристан» абураб тадбир рагьана ва нухда бачана библиотекаялъул хIалтIухъан ГIайшат МухIамадовалъ.

— Гьале дол цIумаз бусун лъолел рорхатал мугIрулги, нилъер щивасул гIумруялда мугьрулъун хутIарал мугIрул сухъмахъалги, мугIрузул каранда тIабигIаталъ угьарал хIайранал росабиги, жиндир щибалъул хасаб тарих бугеб щибаб росдал щибаб гамачIги. Унго, рес бугебани, гьел кIалъазе риччазе. Щибдай гьез нилъее бицине букIараб? Чан балъголъидай рагьизе букIараб?

Гьединал суалал кьолел рукIана дицаго диего, Аваристанлъул росабазул хIакъалъулъ видеофильмалъухъ ялагьидал. ЦIалдохъабаз «сапар» бухьана мугIрузул районазде. ГIумруялъул аслу Аваристаналъул мугIрузда бугел гьел хIайран гьарун рукIана магIаруллъиялъул берцинлъиялъ.

МагIарул мацIалъул байрамалде сверараб тадбиралда гIахьаллъарал магIарул мацIалъул учительзаби Шамай Хъазанбиевалъ, Элмира Жамаловалъ, Хатимат МухIамадовалъ, ПатIимат Расуловалъ, ПатIимат ГIумаровалъ бицана шагьаралъул школазда рахьдал мацIал малъиялъулъ иш кин бугебали.

Гьез ракIалдасан пасихIго цIалана, ахIана магIарул шагIирзабазул кучIдул, кьурдана. Гьединго гьез рихьизаруна хъвадарухъабазул асараздаса учительзабаз лъурал спектаклязул бутIабиги.

 

— Бугебдай дунялалда кинаб бугониги къуват, гьаб байрамалъул хIайранлъиги берцинлъиги нилъехъа бахъизе кIолеб? Щалха гьел – магIарул кьурабаздасаги къуватал кколел, гьез кьучI лъураб рокьи гьукъизе. Киданиги къине гьечIо магIарул кочIол хIасратаб гьаракьги, рорхатал мугIрул гурони тIасарищуларел цIумазул рорженги, гьеб роржадул борхалъуда бугеб магIаруллъиялъул ссиги!

Гьединал пикрабазда йикIана дун, гIагараб магIарул мацIалда кIалъалел лъималазухъги гIенеккун. Гьезда жеги бичIчIулеб гьечIо магIаруллъиялъул къисматалъулги, мацIалъулги, тарихалъулги кIул жидеда кодоб букIин.

«Лачен» журналалъул редактор ГIайшат Малачиевалъ цIалдохъаби рачана жиндирго адабияб дунялалде. Гьениб хасаб бакI ккола лъималазе хъварал кучIдузги харбазги. Бицана гьелъ журналалъулги гьелъул гьудулзабазулги хIакъалъулъ. ЦIалана жиндирго кучIдулги.

 

 

Лъималазул ракIазулъе даимго лъурал жиндирго нухалгун, анищалгун йигей шагIир ТубхIат Зургьалова кIалъазе яхъиндал, гIажаибаб чIаголъи лъугьана байрамалда. Гьей ячIана релъигун, рохелгун, лъималазул гIадаб рекIел тIиндаса бурун бачIунеб рокьиги босун. ЦIалана жинцаго лъималазе хъварал кучIдулги.

Хадусеб ирга щвана шагIир Залму МухIамадовалде. Гьелъги гьарана лъималазе гIагараб ракьалде рокьиги, магIарул мацIалде кIудияб гIищкъуги, гьезда мацI малъулел ругел учительзабазе сабруги. ЦIалана лъмалазе хъварал жиндирго асаралги.

 

 

ЦIалдохъабазде мацI цIунеян хитIаб гьабуна шагIир ГIалихIажи МухIамадовасги. Гьес цIалана жинцаго магIарул мацIалде хъвараб кечIги.

ГIалихIажиясул махщел буго кучIдул хъвазе гуребги, магIарул пандурги хъван кечI ахIизеги. Гьеб дандеруссиналдаги ахIана гьес чанго кечI. Нахъеги бохана магIарул пандур. Гьелъ гIенеккаразе бицунеб букIана унго-унгояб магIарул кочIол къисаги къисматги.

 

 

Байрам берцин гьабун букIана тадбиралда гIахьаллъарал магIарул кочIохъаби ПатIимат ГIабдулаевалъ ва Элдар ГьитIиновас. Гьез ахIарал кучIдулгун цадахъ байрамалъул гIахьалчагIаз цIцIуна мугIрузул цIияб гьаваги, гIенеккана хIанчIазул чIирчIириялъухъги, лъаразул чилиялъухъги. Цебесаго унеб букIинчIо, гьеб киналъго аххги бачун, сасун бугеб магIаруллъиялъул чIухIараб сипат.

ЛъугIана Аваристаналъул кIодолъиялъулги борхалъиялъулги бицунеб тадбир. МагIарул кочIол гъасда бакараб иргадулаб цIадухъ хинлъи батана гIисинал магIарулаздаги. Биччанте кIудияб цIаялде гъорлъе журарал гьезул гIисинал цIаялги абадияллъун ратизе.