Авар мацIалъ рекIей кьунщинаб хинлъи

 

Аваразул пашманлъи –

Авар мацI лъачIел лъимал.

                         Р. ХIамзатов

 

Дир мацI хъизаналда ва жамгIияталда

 

Масъалалъун лъугьараб гьаб суалалъул рахъалъ дирго пикраби загьир гьариялъе байбихьи лъуна, гьаб ахир заманалъ нилъеца гIемер такрар гьаризе ккарал, кIудияв Расулил рагIабаздалъун.

 

Рахьдал мацI лъаларел наслаби берда цере гIолел рукIин, гьеб хIакъикъаталдаги кIудияб пашманлъи буго.

 

ГIумруялъего рохеллъун хутIана нижер рокъоб эбелалъ щибаб лъимаде кинидахъ ахIарал кучIдул, жеги гьитIинго, кIудияб тIимугъалда жаниеги ячун, инсуца рицарал маргьаби, сордо нахъалъизегIан гъасда харабазул накъит, мех-мехалъ пандрида биччалеб гьезул бакъан.. Бицун гIорцIиларо дие къиматаб авар мацIалъ рекIее кьурабщинаб хинлъи, рокьи. Дие къуват кьолеб бечелъилъун руго гьитIинаб къоялдаса нахъе магIарул мацIалда цIаларал халкъиял кучIдул, машгьурал шагIирзабазул, хъвадарухъабазул асарал. Жакъаги дир мугIалимлъиялъул махщалида куркьбал гъолеллъун рукIана ва руго, цIалдохъабазул рекIелъе риун тIезе гъира барал магIарулазул бахIарчилъиялъул, борхатаб гIишкъул бицун хъварал асарал.

 

Гьал дир мугIрузда гIурал гIадамалго гIадин кьварараб буго гьезул мацIги, жидеего хасаб гугьаралда рахъунел къ, кь, хI, лъ, чI, гI- гьаркьалгун, хIарпалгун!

 

Чам батIияб лугъат бугеб магIарул мацIалъул, гьел цоцазда ричIчIизе ккани, чара гьечIого хIажалъула болмацI.

 

Жакъа къоялъ миллиял мацIаздехун нилъер республикаялда лъугьунеб бугеб ахIвал-хIалалъ кутакалда ракI унтизабулеб буго. Кинаб рухIияб къуват букIинеб гьанже гIолел наслабазулъ гIасрабазго шулалъиялъе лъураб кьучI биххизабулеб бугони?! МацI гьечIони гьечIо миллат- гьеб дунялалдаго рагIараб пикру буго. Кин мигьлъизе тезе бегьулеб, берда бихьулаго, нилъет миллаталъул аслияб бечелъи?!

 

Дица гьитIинго магIарул мацIалда цIаларал, цIалулаго гьуинлъарал ГIанхил Маринил, Инхоса ГIалихIажиясул, ЧIанкIал, МахIмудил, Муса МухIамадовасул, Расулил асарал- сунда гьел бащалъулел?!

 

Балугълъиялде яхъараб мехалъ «Дие мун йокьула»-ян намусго гIолилас абураб рагIи тIокIаб батIияб мацIалъ рагIизеги кIваричIоан, абун магIнаги бичIчIилароан!

 

Расул ХIамзатов кIодогьавун кIудиял тадбирал тIоритIула нилъеца Дагъистаналда. Расулица авар мацIалда пикруги хIалтIун къватIире загьир гьарурал асараз гурищ жиндирго нилъ дунялалдаго рагIизарурал?! Кинав магIарулавха вукIунев гьев шагIирасул кечI цIализе лъаларев, цIалун магIна босуларев? Щал аваралха кколел, жидер халкъалъул кьибил, тарих, гIадат-гIамал, маданият лъалеб гьечIони?

 

МагIарул шагIирасул гьунаралъул бицунеб сордо-гIурус мацIалъ, машгьурав магIарул кочIохъанасул, магIарул мацIалда кучIдул ахIулеб концерт бачунеб буго гIурус мацIалъ, бахIаравги бахIарайги аварал ругониги тамадаяс бертин бачунеб буго гIурус мацIалъ, кибго тадбиразулъ рагIулеб буго гIурус мацI! Гьеб буго жамгIияталъул (обществоялъул) кIудияб гIунгутIи, масъала.

 

Рахьдал мацI билиялъе гIиллалъун рихьулел масъалаби

 

Щай дие къваригIун бугеб Дагъистан

Дир гьаракь бахъани дир лъималахъа?

Щай дий магIаруллъи, магIарул чагIаз

Чияр мацI бицунеб жидерго гъастIа?!

                                                      Расул

 

Сундулъха бихьулеб бугеб жакъа магIарул мацI мигьлъиялъе гIилла, тIагIун иналъе хIинкъи? ТIоцебесеб иргаялде магIарухълъиялдаса шагьаразде халкъ гочин. ГIемерал мугIрул росаби чIороголъиялде ккун руго. МугIул ракьандаса байбихьарал рацIцIадал ицазул лъугьараб гIор ралъдалъ билараб гIадин шагьаралъ гъанкъулеб буго росдалаб берцинлъи, гIадиллъи, гIадаталъул тIокIкIин, мацIалъул берцинлъи. Гьеб киналъулго кIвар тIоцебе щибаб хъизаналда, жалго эбел-инсуда бичIчIулеб гьечIо.

 

Бищунго кIудияб гIайиб, гIунгутIиги буго хъизаналда жаниб. Щай бицунеб жидерго гъасда чохьол лъимада чияр мацI, щай гIодобегIанаблъун бихьулеб жидер умумузул калам?! Хасго гьеб унти буго шагьаразда гIумру гьабун ругел хъизаназда.

 

Хадуб шагьаразул школазда мугIалимзабаз кин гьел, рахьдал мацIалда рагIиго абизе лъаларел лъимал, миллияб мацIалда гаргардизе тIамилел?

 

Гьебго, рокъоб гIурус мацI бицунеб, квешаб гIадат тIибитIулеб буго гьанже магIарухъги. Ясли-ахалдаса байбихьун гIурус мацIалде ругьунлъун руго гьитIичал. Жеги цIакъ ракI унтулеб хIужжа-гьелъул эбел-инсуе кIвар гьечIолъи. ЦIар-рец гьабун бицунеб буго лъагIел баралдаса нахъе жиндир лъимаца телефон, планшет килшаз хъирщулеб бугилан. Телевизоралдаса «Карусель» каналги лъималазе биччан жалго гаджетазде руссунел руго гIолохъанал эбел-эмен. ЦIалулеб магIарул кечI рагIуларел, кIудабаца бицунеб маргьу бихьуларел, кин ва кир гьел ругьунлъилел миллияб мацIалде, кин гьуинлъилеб гьезие гьеб?

 

Миллияб мацI цIуниялъе рихьулел нухал

«Дун кIудияб пикру гьитIин гьабизе

ГьитIинаб рукIниса кIалъалев гуро,

Ва пачалихъазул ансамблиялда

Авар мацIалъе бакI гьарулев гуро.

Амма гьал кьурабалъ улкаялъ рарал

Мактабазда гьеб мацI малъизе ккела

Гьеб рекъараб буго нилъер халкъазда

Черхалда борчараб рачел киниги..»

                                             Расул

 

КIудияв шагIир, гъваридав гIакъил Расулил гьал мухъазулъ буго нилъеца борхулеб масъалаялъе жаваб.

 

Росабалъ школазда тIоцебесеб классалде цIализе рачIарал лъималазда гIурус мацI рахьдал мацIалдасаги лъикI лъалеб буго. Байбихьул школа лъугIизегIан (гIурус мацIалъул дарс хутIун) киналго предметал магIарул мацIалда кьолел ругони лъикIаб кьучI лъелаан цIалдохъабазулъ.

 

Лъимерлъудасаго мультфильмазде, гаджетазде ругьунлъарал, байбихьул классазда гIурус дарсазде ругьунлъарал лъималаз балугълъуде рахун хадубги цIалилилищ миллияб мацIалда адабияталъул тIахьал?

 

ХIажат буго гьитIинаб мехалдаса байбихьун лъималазе жидерго миллияб мацI гьуин гьабулеб кьучIаб хIалтIи. Гьебги гIуцIизе ккола эбел-эмен, ясли-ах ва школа, жамагIат цадахъ лъугьун, байбихьудаса ахиралде щвезегIан бухьен тIезе течIого. Жидецагоги рахьдал мацI бицун лъималаздасаги тIалаб гьаби эбел-инсул кверщаликь буго. Школазгун росабазул библиотекабаз цадахъ лъугьун гIуцIизе ккела, нилъер шагIирзабазул кучIдул пасихIго цIалиялъул къецал, магIарул машгьурал хъвадарухъабазул творчество рагьулел маданияталъул, адабияталъул тадбирал.

 

«УргъелгьечIолъи»- ян абураб гIузруялъ ккун буго халкъ. Гьеб ургъелгьечIолъиялъул хIасил ккола жакъа школалда анкьие лъабго сагIат гурони миллияб мацIалъул дарсазе заман кьолеб гьечIолъи. ХIисаб гьабе нужецаго- магIарул росулъ анкьида жаниб гIицIго лъабго дарс рахьдал мацIалъе! Дица гьеб цIакъ гIей гьечIеблъун рикIкIуна!

 

Рахьдал мацIалъул дарсалги цIикIкIинарун гьезде жавабчилъи борхинабизе ккун буго цIалдохъабазул. Гьелъул кIвар чIахIияз бичIчIизабизе ккун буго гIолохъанал эбел-инсудаги. Рахьдал мацI-гьеб кIудияб рухIияб хазина буго, кьолбол харабазги, жамгIиял гIуцIабазги гьелъул тIалаб гьабичIого тей, гьеб цIакъ мекъаблъун бихьула дида.

 

Жидер ракьалде, миллаталде бугеб рокьиялъ гIасруялдасаги цIикIкIун заманаял чияр улкабазда гIолел магIарул наслабаз цIунун буго умумузул мацI. ГьездагIанги рахьдал мацI лъаларел наслаби нилъеда сверухъги гIолел руго.

 

Миллиял мацIазда гьарулел передачабазе цIакъго дагьаб заман кьун буго республикаялъул телевидениялъ. ГIисинаб гIелалъул ракI цIцIалел передачаби гьезего гьечIо. Щай бегьулареб миллиял мацIазде рокьи бижизабулел цIиял теле, радио-проектал ургъизе. Дир хIисабалда миллиял мацIал, хасго болмацI цIуниялъе хIажат буго жамгIиятго цолъараб, хIукуматалъги квербакъараб кIудияб хIалтIи.

 

Дирго пикрабазул ахир гьабила гьаб заманаялъул гIузраби гIужилго, пасихIго къватIире кьолев, нижер районцояв, Дагъистаналъул халкъияв шагIир МухIамад ХIамзаевасул рагIабаздалъун:

 

МугIрузда рекъараб, къватIиб берцинаб

Къадру тIадегIанаб магIарул калам.

Кинал ахIмакъаца къанунги бахъун

КъотIизе гьабулеб дур гьаракь нижей.

 

Аллагьас нилъее нигIматлъун кьураб

МагIарул мацI даим цIунизе буго.

ЦIиял гIелазда гьеб кIочон хутIани,

Хвана магIаруллъи, лъугIана миллат..