МустахIикъав вугищ?

Учителасул хIалтIуе къимат кьеялъул цIияб къагIида

 

«ГIагараб кIиго соналъ учи­телас тIасабищизе бегьула гьабсагIаталда бугеб къа­гIи­даялъищ яги цIиялда рекъонищ жиндир хIалтIул халгьабизе бугебали. Психологиялъулгун педагогикаялъул рахъалъги, жинца кьолеб дарсилги гара-чIвариялъе бугеб бажариялъулги – гьел рахъаз лъаялъул халгьабизе буго цебеккун букIараб къагIидаялъ», — ан абуна Васильевалъ.
Министралъ абуна, хIал гьабун, цIияб къагIида тIасабищизе учитель тIамизе гьечIин, амма дагь-дагьккун гьелде рачIине кколин. «Щай гьедин гьабизе бугеб? Щайгурелъул, масала, цIияб хъулухъалда учитель толеб мехалда, басралъараб къагIидаялъ рес кьолароан, хIалбихьи гьечIев учителасе гьединаб хъулухъ кьезе. Учителасул хIалтIул стажалда бараблъун букIине гьечIо хъулухъалда теялъул иш – гьеб бараб букIина гьесул махщелалъул даражаялда», — ан бицана Ольга Васильевалъ.
Учителасул бажариялъе къимат кьеялъул букIине буго лъабго даража: диагностикияб (тесталъе жавабал кьей, методикияб лъабго масъала тIубазаби ва гьезие гIатIидаб жаваб кьей, махщелалда бан гIуцIараб масъалаялъе жаваб бати), 15 суалалъе жаваб кьей, дарсил видеозаписалъухъ халгьаби (гьелъ рес кьола учителасул хIакъикъияб хIалбихьи загьирлъизе, ай, махщалида бан, гьесие кьун букараб масъала кин тIубазабулебали бихьизабула).
Диагностикияб хIалтIи. Тесталъе жавабал кьей.
Гьезул хIасилалда учителасе щвезе бегьула махщалилаб бажариялъул лъабго даражаялъул цояб:
ТIоцебесеб даража. Жинца кьолеб дарсги гьелъул методикаги лъала; гьелъул кьучIалда ва хIалтIизабулеб программаялде (программабазде) рекъонккезабун, церелъурал масъалаби тIуразарун бажарула; хIалтIул хIалбихьиялдаса хIакъикъиял мисалалги рачуна.
КIиабилеб даража. Жинца кьолеб дарсги гьелъул методикаги лъала; гьелъул кьучIалда ва хIалтIизабулеб программаялде (программабазде) ре­къон­ккезабун, церелъурал масъала­би тIуразарун бажарула, хи­си­забураб ахIвал-хIал бугониги; хIалтIул хIалбихьиялдаса хIакъикъиял мисалалги рачуна.
Лъабабилеб даража. Жинца кьолеб дарсги гьелъул методикаги лъала; гьелъул кьучIалда ва хIалтIизабулеб программаялде (программабазде) рекъонккезабун, церелъурал масъалаби тIуразарун бажарула, жинда цебе кинаб масъала лъезе бугебали лъалеб гьечIониги; хIалтIул хIалбихьиялдаса хIакъикъиял мисалалги рачуна.
Диагностикияб хIалтIи. Махщелалда бан гIуцIараб масъала тIубазаби
Мисалияб ахIвал-хIал: Мун хIалтIулеб кабинет хьезабун буго гIаммаб лъайкьеялъул ФГОСалда рекъонкколел алатаздалъун. Щуабилеб ва 10-абилеб классазда лъай гIаммлъизабиялъул дарс кьолеб мехалда, дарсил алатазул кинал бутIабаздаса ва кин дуца пайда босизе бугеб? Кинаб батIалъи букIине бугеб гьел дарсазда гьоркьоб?
Диагностикияб хIалтIул тест тIубазабурав учителасе щвезе ккола 13-ниги балл. Гьеб ккола учителасул кьочIолаб компетенция букIин чIезабиялъе аслияб роцен. Гьелдаса дагьал баллал щварав учителасул лъайкьеялъул идараялда пуланаб дарс кьезе гIураб даражаялъул лъай гьечIин чIезабула ва гьев витIизе вуго лъай камил гьабизе.
Диагностикияб хIалтIул тIоцебесеб даражаялъе мустахIикълъизе ккани, учителасе щвезе ккола гъоркьияб къадаралда 15 балл, кIиабилеб даражаялъе – 21 балла ва лъабабилелъе – 25.
Кин гIуцIулеб къимат кьеялъул хIалтIи?
ABBYY Мониторинг порталалъул жиндирго кабинеталда халгьабиялъул гIахьалчияс иргадал тIуразаризе ккола цIех-рехалъул щибаб бутIаялъул тIадкъаял (гьел цереккун рехсон руго). Дарсил видеозаписьги гьес лъола гьебго порталалъул жиндирго «личный кабинеталда». Хадубккун гьенибго лъун бачIуна, кинаб даражаялъе мустахIикълъулевали бицунеб жавабги.
Кин кьолеб къимат
Диагностикияб хIалтIул тIоце­бесеб бутIаялъе къимат кьола гьеб параялъго, ай компьютералъго. КIиабилеб бутIаялъе къимат кьола экспертаз – гье­лъие чIезарурал критериязда ре­къон. Экспертазго къимат кьола махщеллъиялъул масъала тIубазабиялъеги видеодарсиеги.
Аттестациялъул цIияб къа­гIидаялъул исана хIалбихьизе буго Адыгеялда, Кабардино-Балкариялда, Чачаналда, Ингушетиялда, Татарстаналда, Хабаровск краялда; Ленинград, Курганск, Томск, Москва, Ярославль, Волгоград ва Рязань областазда.
Педсовет.орг
сайталдаса босараб