Миллаталъул гъансито

Гъизляр районалъул Краснооктябрьское росулъ тIобитIана Рахьдал мацIалъул фестиваль

 

Гьеб тадбир нухда бачана Красный Восход росдал школалъул магIарул мацIалъулги адабияталъулги учительница Халисат ГIалиевалъги Дагъистаналъул мустахIикъав артист Къурбан КIулизановасги.

Рахьдал мацIалъул байрамалда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул бухьеналъулгун информатизациялъул ва гIаммал коммуникациязул министрасул заместитель МухIамадбег АхIмадовас, Гъизляр районалъул депутатазул собраниялъул нухмалъулев АхIмадпаша Амирилаевас, Краснооктябрьское росдал бегавул ШагIбан СагIидовас, Гъизляр районалъул учительзабазул профсоюзалъул председатель Турсун Имартовас, тохтур АхIмад Саламовас, Гъизилюрталда бугеб ЦОДОУ ЗОЖалъул (ТУОялъул) рахьдал мацIалъул методист Нуцалай Мирзабеговалъ ва цогидалги магIарулаз. Гъизляралъул ракьалда гIумру гьабулел магIарулазухъе гьоболлъухъе рачIун рукIана шагIирзаби СайгидахIмад АхIмаднабиевги Умарагьи СалихIоваги. Щвана гьенире «ХIакъикъаталъул» къокъаги, МагIарул мацIалъул учительзабазул ассоциациялъул нухмалъулей Баху МухIидиноваги, ГТРКялъул магIарул редакциялъул мухбир Хатимат МухIамадоваги.
Фестивалалда жигараб гIахьаллъи гьабуна Гъизляр районалъул киналго школазул магIарул мацIалъул учительзабазги цIалдохъабазги. Гьел мухIканго хIадурлъун ругоан миллияб байрамалде. РетIараб парталги, цокIалго бицунеб магIарул мацIги, сценаялдаса рихьизарулел миллиял хасияталги – киналъго нижее, Краснооктябрьское росдал гьоркьохъеб школалъул гьалбадерие, гьабуна кIудияб асар. Школалъул музеялда къачIан ругоан миллияб маданияталъул нахъраталил бокIналги. Сценаялде иргадал рахъунел рукIана батIи-батIиял школазул цIалдохъаби. Цин кIарчанго кечI ахIун, цинги гIажаибаб гугьаргун гьеб рикIкIун, цингиги кьурдун, лъималаз бихьизабуна магIарул мацIалъул берцинлъиги, гьелда загьир гьабулеб пикруялъул гъварилъиги, маданияталъулъ бессараб халкъалъул бечедаб тарихгун къуватги. БукIинчIо цониги хIужа цIалдохъабазда кочIол мухъ къосун ккеялъул ялъуни гьаракь мекъи бахъиялъул. Хасаб рокьи гьел лъималаздехун гьулчун бачIана гIисинал, амма магIна кIудиял сценкаби хIалеб мехалда! Унго-унгоял, ай театралияб искусствоялъе куцарал артистал кинигин, рагIудалъунги гьурмал сипаталдалъунги, гьаркьил хаслъабаздалъунги гьез бихьизабулеб букIана сценкаялда бицунелъул магIна. Лъималаз рихьизаруна гьанжезаманалъул тIекъал рахъал какулел, миллияб хаслъи цIунизе ккеялъул хIакъалъулъ гъваридал пикраби гъорлъе рачарал гIисиналго спектаклял.
Гъизляралъул ракьалда тIобитIараб Рахьдал мацIалъул фестивалалъул хIакъалъулъ гIатIидго бицина «ХIакъикъаталъул» иргадулаб номералда.
Кавсарат Сулейманова