Жакъасеб къоялъул къваридаб сарин

Дуе кьунищ тIехь?

Министерствоялъ халгьабулеб буго цIалул тIахьал школазде щвеялъул

ДРялъул Лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министерствоялде гIемер чи кIалъалев вуго жидее тIахьал щвечIин яги дагьал гурони рачIинчIин абун. Гьединлъидал министерствоялъ халгьабулеб буго кинал школазде ва кигIанасеб къадаралда рикьун ругелали цIалул пособиялги тIахьалги.
Халгьабиялъул хIасилалда баянлъана школазул нухмалъиялъ тасамахIлъи биччан букIин гьеб суал тIубазабулаго. Масала, заманалда кьун гьечIо чан тIехь хIажат бугебали баян гьабулеб кагъат, росун руго жидее къваригIунарел, цо-цо школаз, тIахьал хIажалъулин абун, кагъатго хъван гьечIо. Цо-цо школазда заманалда рикьун гьечIо жидехъе рачIарал тIахьал.
Министерствоялъ баян гьабулеб буго: цIиял ФГОСазда ре­къонкколедухъ, тIубанго цIи­гьабун буго кIиабилелги анкь­абилелги классазул библиотекаялъул фонд ва тIахьал щвезарун руго муниципалитетаздеги. «Министерствоя­лъул сайталда лъун руго кIи­­абилелги анкьабилелги кла­с­сазул тIахьазул рахъалъ республикаялъул щибаб школалдаса бачIараб заяв­каги школазде тIахьал ритIиялъул хIакъалъулъ кагъталги. Гьел классазе тIахьал гIолел гьечIин нижехъе бачIараб щибаб гIар­заялъул хасго халгьабизеги буго», — ян бицана ДРялъул лъайкьеялъулги гIелмуялъулги министрасул заместитель Темирхан Халиловас.
Гьединабго хIал букIана гъор­кьиса тIоцереселги анлъ­абилелги классазул тIа­хьал­гунги. Киназего гIураб къа­даралда рачIун рукIана гьелги. 2013-2015 соназда росун рукIана лъабабилелги, ункъабилелги, щуабилелги классазе тIахьал.
8-11 классазе цIалул тIахьал росиялъул масъала тIубазабизе захIмалъулеб буго. Республикаялда хIалкъан букIиналда бан, гьел росичIого бана анкьгониги сон. 2017 соналда гьездалъун цIалдохъаби хьезаризе кумек гьабулеб буго Россиялъул «Просвещение» издательствоялъ. Ноябралде гьелги щвезе руго республикаялде.