ЕГЭялъул хIасилал

Учительзабазе харж кьолеб къагIида хисизабизе буго

 

ДРялъул премьер-министр Артем Здуновасул нухмалъиялда гъоркь, республикаялъул Лъайкьеялъул министерствоялъ 2018 соналъ гьабураб хIалтIул ва исана гьабизе бугелъул бицун данделъи тIобитIана.
ДРялъул лъайкьеялъул министр Уммупазил ГIумаровалъ бицана республикаялда бугин 826000 лъимер цIалулеб 2745 лъайкьеялъул идара. Министерствоялъ исана церелъурал масъалабазул цояблъунги кколин лъайкьеялъул хIалтIухъабазул харжал рукIалиде ккезари. «Харжал цIикIкIинариялъе гIарац бихьизабун буго 2019 соналъул республикаялъул бюджеталда. Лъайкьеялъул министерствоялъ «Лъайкьей» миллияб проекталда рекъон, федералияб 10 проекталда гьоркьоса микьгоялъулъ гIахьаллъи гьабизе буго. Миллияб проект гIумруялде бахъинабиялъ лъайкьеялъул гIуцIабазда цIиял бакIал гIуцIизе (лъималазул ахазда – 23500 бакI, школазда – 31600 бакI), гьел цIиял техникиял алатаздалъун хьезаризе ва лъайкьеялъулъ тарихазулаб къагIида, лъималазе шартIал гIуцIизе рес кьола», — ян бицана Уммупазил ГIумаровалъ.
ЗахIматаб масъалалъун хутIулеб бугин абуна гьелъ, 3-7 сон барал лъималазе школазде иналде лъай кьезе ресал гьечIолъи. КигIан хIаракат бахъаниги, республикаялда кколеб къадаралда лъималазе гIурал ясли-ахал гIуцIун бажарулеб гьечIин абуна ДРялъул лъайкьеялъул министралъ.
«2018 соналда республикаялъул 117 школалда гьабуна ремонт. Исанаги 150 школа къачIазе буго, ва гьеб мурадалъе республикаялъул бюджеталда лъун буго 300 миллион гъуруш. Гъоркьиса «СанагIатаб сверухълъи» абураб программаялда рекъон, гIуцIана 41 лъайкьеялъул идараялда инклюзивияб лъайкьеялъе шартIал. 2019 соналда гьебго программаялда рекъон хIалтIаби гьаризе биччалеб буго 68,6 миллион гъуруш.
Исана республикаялъе щвана 140 школалъул автобус. РакIалда буго автобусал жеги росизеги.
Гьединго 2017 соналде дандеккун, 2018 соналда гIурус мацIалъул ЕГЭялъул хIасилал лъикIлъана 4 баллалъ ва математикаялъул – 7 баллалъ», — ан бицана ДРялъул лъайкьеялъул министралъ.
Артем Здуновас министралда цIехана педагогикиял хIалтIухъабазе харжал цIикIкIинариялъул хIакъалъулъги.
«Педагогикиял хIалтIухъабазе базовияб бутIаялде тIаде кьолеб букIараб харжалъул гъирабазабиялъул (стимулирующий) бутIаялъул къагIида хисизабизе буго. Лъайкьеялъул хIалтIухъабазул окладалъул базовияб бутIа ккола 7675 гъуруш. Гьоркьохъеб къагIидаялъ гIадамаз гIумру гьабиялъе хIажалъулеб (МРОТ) гIарцул къадаралде (11203 гъуруш) гьеб бахинабизелъун нижеца хиса-басиял гьарулел руго Дагъистаналъул хIукуматалъул кIиго проекталъулъ. Гьелъ рес кьола педагогикиял хIалтIухъабазул харжал цIикIкIинаризеги», — ян баян гьабуна Уммупазил ГIумаровалъ.
ДРялъул хIукуматалъул председателасул заместитель ХIажимухIамад ХIусеновас абуна:
«Окладалде тIаде кьолеб гъирабазабиялъул бутIа, лъайкьеялъул идарабазул нухмалъулезе жидецаго хIалтIухъабазда гьоркьоб бикьизе рес кьолаан цебе. Цо-цо идарабазда лъайкьеялъул хIалтIухъабазе кьолеб гIарац цIакъго дагьаб батулаан, цогидал бакIаздайин абуни, республикаялъулго гьоркьохъеб харжалдаса цIикIкIун батулаан. Лъайкьеялъул хIалтIухъабазе рекъараб къагIидаялъ харжал кьеялъул мурадалда, нижеца оклад цIикIкIинабулеб буго. Гьелъ рес кьола педагогикиял хIалтIухъабазул харжал цIунизе ва цIикIкIинаризе», — ян.
Педагогазул харжазул хIакъалъулъ бицунаго, Дагъистаналъул парламенталъул вице-спикер Елена Ельниковалъ абуна, цоги нухалъ гьеб суалалда тIад ургъани лъикI букIинин: «Базовияб оклад цIикIкIинаби лъикI букIинаан, амма гьелдаса хадуб харжалъул гъирабазабиялъул бутIалъун кколеб буго 10 процент, цебе 30 процент букIана. Гьеб цIакъ дагьаб буго, хIисаб гьабизе ккола гьелда гьоркьоре кколел цIаразулги, категориязулги ва цогидалъулги», — ян.
ПатIимат СултIанмухIамадова