Учителасул профессионалияб стандарталъул хIакъалъулъ жамгIияб бахIс

79 бадибчIвайги 89 пикруги

 

Учителасул профессионалияб стандарталъул хIакъалъулъ жамгIияб бахIс

Стандартпедагога.рф сайталда тIобитIулеб буго «Учителасул стандарт» ва «Учителасул цебетIеялъул миллияб къагIида (НСУР)» абурал док

ументазул бахIс. ГьабсагIаталде бахIсалда гIахьаллъун вуго 0,01 проценталдасаги дагьав учитель.

Учительзабаз сайталда хъвалел руго стандарталъулъ ратарал дандеккунгутIиязул хIакъалъулъ жидерго пикрабиги. Масала, «Стандарталда хIалтIизарулел терминал рукIине ккола чIванкъотIараллъун» абураб пикру загьир гьабулеб буго гIахьалчагIазул гIемерисез.

Учительзабазе рекIее гIолеб гьечIо учителасул хIалтIуе къимат кьолеб къагIидаги. ГIемерисез абулеб буго, стандарталда мухIкан гьабун гьечIила, кинал критериязул кьучIалда къимат кьезе бугеб учителасе, ведущий учителасе, кIудияв учителасе; кин тIобитIизе бугеб аттестация ва гьеб гIолищ жеги тIадегIанаб статусалъе мустахIикъавлъун рикIкIиналъе.

Марина Бернштейница (Ульянов областалдаса гIурус мацIалъул учительница) гьадинаб пикру хъван буго: «1. Учителасул хIалтIул хIасилазе къимат кьолаго, хIисабалде босизе ккола цIалдохъабазги гьезул эбел-инсуцаги гьесие лълеб къимат. 2. Учителасе къимат кьолаго, хIалтIул хIасилазул цебетIей, ай цIалдохъабазул лъаялъул даража хIисабалде босизе ккола. 3. Дир пикруялда, жинца кьолеб дарсил экзаменги кьун бажаризе ккола учителасухъа».

БадибчIваял руго моцIрол харжазул хIакъалъулъги. БатIи-батIияб даражаялъул учителасе моцIрол харж чIезабиги мухIкан гьабун гьечIо ва гьеб гьабизе бугищалиги бичIчIулеб гьечIо стандарталдасанин рикIкIунеб буго гIемерисез. «1. Лъайкьеялъул идараялъул штаталда чан ведущий ва кIудияв учитель вукIине кколевали мухIкан гьабизе ккола. 2. КIудияв ва ведущий учителасухъ рукIине ккола учителасухъаялдаса дагьал дарсал. Гьебго заманалда херлъиялда бан кьолеб пенсиялъул страховияб бутIаялдаса махIрум гьаризеги бегьуларо гьел. 3. Учителасе, кIудияв учителасе ва ведущий учителасе батIи-батIиял харжал чIезаризе ккола» — ян абулеб буго Пермь шагьаралъул СОШ № 120 МАОУялъул директор Оксана Склюевалъ.

Самара шагьаралдаса учительница Ольга Андреевалъ хъвалеб буго: «ОГЭялдаги ЕГЭялдаги гIахьаллъизе ккола учительва гIолохъанав учитель, кIудиявги ведущийги учительзаби гIахьал гьаризе ккола гIицIго хIалтIабазул халгьабиялъулъ».

Дагъистаналдаса цониги учитель гIахьаллъун ватичIо бахIсалда. БахIс букIине буго 20 сентябралде щвезегIан.

Стандартпедагога.рф сайталдаса