Гьудуллъиялъул кьо

Учителасул къоги Къарахъа гьалбалги

Ругъелда ва Гьочоб росабазул школаз гьудуллъиялъулал бухьенал тIезе толаро

Гьеб кIиябго росу ккола цо мегIералъ батIа гьарурал, мадугьалихъ ругел росаби. ЦIул къанагIатаб бакI букIиналъ, цIул-кан Къарахъе баччулаан Къелеса. ГIи-боцIиялъ бечедал рукIиналъ, Къелебе хIажалъулаан квас-гьан. Амма, гьоркьоб заман индал, цоцахъе щвей дагьлъана. Гьелде кIварбуссинабуна Гьочоб росдал школалъул завуч ПатIимат Сурхаевалъ. Гьелъ Ругъелде битIун бачIана гьадинаб магIнаялъул кагъат: «Нилъер росабазул умумузул заманалдаса нахъего рукIана лъикIал бухьенал. РукIана гIемерал гьалбалги, гьудулзабиги, дармилал гьоркьорлъабиги, ризго щолаан цоцахъе, къварилъи-гIатIилъи загьир гьабизе гIоло.

«Ахираб заманалда росабалъе нухалги рахъа-на, нилъер бухьеналги къанагIалъана. Нилъер гIадаталги, гIумру гьабиялъул къагIидабиги цоцада релълъарал руго, мацIгицин цоцада бичIчIула. ЛъикIаб букIинарищ нилъеца, умумузул нух кIоченчIого, бухьенал цIигьаруни», — ян. Жавабалъухъ гIемераб мехалъ балагьун чIезе ккечIо гьочосел. Гьебго соналъ Ругъелда школалъул учитель ИсмагIилов ГIалица гьочосел гьоболлъухъ ахIараб кагътие жавабги гьабун, учительзабиги школа лъугIун унел цIалдохъабиги рачIана Къелере. Гьелдаса нахъе гьоркьоб къотIизе течIо тIаде-гъоркье хьвади. Щибаб соналъ цин Гьочоб, цинги Ругъелда яги кIияздаго гьоркьоб магIарда тIоритIулаан школа лъугIун унезулгун дандчIваял. Хадурги гьел сверана школазул коллективалго дандчIваялде. Гьелги лъугьана кIиябго росдал жамагIатазул дандчIваяллъун. Гьоркьо-гьоркьор жамагIатазул вакилзабазул дандчIваял тIоритIула шагьараздаги. Щибаб соналъ учителасул къо кIодо гьабизе байбихьана цадахъ ва, масала, гьедин 2016 соналда Гьочобе ун букIана 45 чиясдаса гIуцIараб къелесезул делегация. Гьелда гъорлъ рукIана жамагIатазул вакилзабиги, культураялъул хIалтIухъабиги, спорталъул гIахьалчагIиги. Гьеб къоялъ Гьочоб кIодо гьабуна 3 байрам: Дагъистаналъул халкъияв шагIир ГIабдула Даганов гьавураб къоги, учителасул къоги, кIиябго росдада гьоркьоб вацлъи рагIизабуралдаса 30 сон тIубайги. Хадусеб, ай иргадулаб дандчIваялде гьочосел рачIана Къелере. Школалда тIоритIана рагьарал дарсал ва цогидалги тадбирал. Къокъго абуни, гьеб букIана цоцазул хIалбихьи цоцазе кьей, цоцазул гъалатIал ритIизари, гIолареб жо малъи. Гьелдаса хадуб школалъул азбаралда данделъана гьалбалги, цIалдохъабиги, росдал гIадамалги. Учительзабазда байрам баркун кIалъана кIиябго школалъул нухмалъулел. РакIалдещвезаруна гIемерал соназ цадахъ хIалтIарал, амма жакъа нилъгун гьечIел кIиябго школалдаса учительзаби. Гьалбадерие, араб соналъул хIасилазул хIакъалъулъги бицун, захIматалъул церехъаби кIодо гьаруна шапакъатаздалъунги: магIарул адабияталъул ва мацIалъул учительница МухIамадова ГIашурае кьуна райУНОялъул рахъалъ ХIурматалъул грамота, учительзаби ИсмагIилов АбулхIасан, ХIажимухIамадов МухIамад, ИсмагIилов ГIали — директорасул рахъалъ баркалаялъе мустахIикълъана. Данделъиялда кIалъарав Гьочоб росдал школалъул завуч АдухIов МухIамадсултаница гьадин абуна: «Гьаб гуро нилъер тIоцебесеб дандчIвай.
Нилъер гьудуллъиялъул кьалбал гъваридал руго. Гьел къо анагIан щулалъулелги руго. Биччай нилъер гьудуллъиялъул квар жеги щулияб, тIолареблъун букIине. Берцинаб гIумруги хIалтIулъ чIахIиял бергьенлъабиги нужее», — ян. Данделъиялдаса хадур гьалбал щвана Мусрухъ бугеб тарихияб памятник — чанго гIасруялъ цебе бараб си бихьизе. Гьалбадерие гьелъул кIудияб интересги букIана, гьелда хурхараб гьадинаб биценалъе гIологи: Гьочоса Ичалов абулев бечедав чиясе бокьун букIун буго гьеб си жиндиего бичун босизе. Гьелъухъ Ичалас росдае, рухI рикIкIун, куйги кьолеб букIун буго. Амма, Ичаласул сиян абизе бокьичIого, гьеб кьун гьечIо.
Гьочоб росдада аскIоб буго ГIурухъ-сотIа абулеб гьитIинабго росу. Абула гьеб бугин гьидерил ХIорода абулеб бакIалдаса гьенире гочараз кьучI лъураб росуйилан. Гьеб росу букIараб бакI бихьизеги бокьана гьалбадерие. Узухъда, гьезул мурадги тIубана. КIиго къоялъ гьоркьоб къотIичIо зурма-къололги кечI-бакъаналъулги гьаракь. РакIалдещвезаруна гьаб гьудуллъиялъе кьучI лъуралги, жакъа гьанире рачIине ва гIахьаллъизе рес ккечIелги, абадияб рокъоре аралги.
Гьалбал нухда регIулеб данделъиялда Ругъел-да росдал школалъул директорас абуна: «Ниж кидаго чIухIарал ва рохарал руго гьадинал дандчIваяздаса, къойидаса къойиде гIатIилъулеб ва тIегьалеб нилъер гьудуллъиялдаса. Баркала нужее, хириял вацалги яцалги», — ян. МухIамад ТIайгибовас Гьочоб росдал школалъул директор ГIабдулахIажи ГIабдулаевасухъе кьуна ракIалдещвеялъе къиматал сайгъаталги.
АбичIого гIоларо, кочIое бергьун махщел бугел гьочосезул учительзаби М. Насрулаевас, И. ЖабрагIиловас, М. АдухIовас ахIарал кучIдулги киданиги кIоченаро къелдерида.

ЖАКЪА БАЙРАМКЪО БУГО

Жакъа байрамкъо буго къелдерил агьлуялъе,
Къарахъа гьудулзаби гьанир сапаралъ щвараб.
РакIазулъ хинлъи буго, ханлъуда рохел буго,
Харбиде регIун гьечIо, кочIой гуреб нух гьечIо.

Нухазул свак лъаларо халатал сапаразда,
Хириял гьудулзаби рихьизе бугеб хьулаз.
Унтаби-ургъелазе замана батуларо,
Зодил нухлъун къокълъула къаралазе Къелеб нух.

Къо анагIан гIатIилъун, сон анагIан бечелъун,
Биччай нилъер гьудуллъи даим кибго рагIизе.
Ралъдалъ журалел гIадин, гIедерал нилъер гIорал,
Гьезул гIадаб цолъигун нилъ вацлъиялда тезе.

Къелеб туманкI кьвагьизе Къарахъ васал гьаригун,
Гьочоб жергъен кьабизе гьаниб хъизан гIуцIигун.
ГIолел наслабазухъе васигат гIадин кьезе
Кьурабаз нугIлъи гьабун, гьабураб нилъер къотIи.

Район батIияб бугин батIалъичIого чIезе,
ГъотIол кIиябго гIаркьел цо кьолбодаса бугин.
Кьварарал гIазул мугIруз рикьизе гьаруниги,
Риидал тIогьол цIолел, цIала гьез жидехъего.

Зобги гIахьалаб нилъер, бакъги зодихъ цо нилъер,
Цоцаздаса батIаго гьелъги хинлъи кьоларо.
РикьичIого, церехун цо нухдасан ина нилъ,
Аллагьасго цоцазе вацаллъун рижараб халкъ.

Сайпула ГьитIинамухIамадов