Учитель, дур цIаралда цебе…

Байрамкъоялде рижарал пикраби

 

Валлагь, гьал учительзаби рукIун ругел хIалихьатал чагIиха! Пикру гьабеха, ришватчилъи нилъер улкаялда байбихьана учительзабаз. БожичIони, балагье официалияб статистикаялъухъ! РФялъул Верховный Судалъул председатель Вячеслав Лебедевас 2012 соналда гьабураб судазул делабазул хIасилалда рекъон, «Россиялъул ришватчагIазда гьоркьоб тIоцебесеб бакIалда руго тохтурзаби (гьелда бан судалде гъоркье ккаразда гьоркьоб тохтурзабаз ккола 22 процент) ва кIиабилеб бакIалда – учительзаби (10 процент). Ай ришватчи хIисабалда тIадго ккурав чиясул щивав лъабабилев ккола тохтур яги учитель».
Амма гьел хIалихьатал ришватчагIазе гьебги гIоларого буго. Гуребани, рищиязул комиссиязда тIад кверщел гьабилаанищха гьез? Комиссиялдаги рукIун, жидеего хIажатав кандидат бергьинавиялъул мурадалда, цадахъго гIемерал бюллетеналги рехула гьез къолонире. Лъикьаниги нечезегиха нечоларел! Гьеле гьедин рехарал бюллетенал сабаблъун бергьинчIо Россиялъул президентлъиялде коммунистазул кандидат Павел Грудинин. Гьесги телищха бецIичIого – киналго учительзаби туснахъ гьаризе кколин ахIи балеб бугоха гьанже гьес! Гьелги жанир тIамун, комиссиялде рачине ккола ракIбацIцIадал гIадамал… щалгIагидай рачинел? Жалго кандидатал рачани, щибдай ккела? Яги гьезул божарал гIадамал? Ялъуни, гьел рищиял гIуцIулел хIакимзабийищ? Гьезие гурищха гьанже «гъирабазабиялъул мурадалда» тIадеги кьезехъин бугеб 630 млрд гъуруш. Риччанте ракIбацIцIадго рищиял гIуцIизеги бищунго лъикIал, гьунар тIокIал, махщел камилал кандидатал Думаялдеги цогидал идарабаздеги рорчIизаризе хIаракат гьабизе. Щиб лъалеб, гьебмехалданиги улкаялда гIумру лъикIлъизеги батилеб, жиндир кисаби цIезариялъул гуреб, гIадамазул пикруги гьабизе байбихьилеб ва инсанасул ракIразиял законалги къабул гьарилел.
Амма гьанжесеб бада-гъудураб гIумруя­лъул гIайиб, гьайгьай, учительзабазда буго. Гьез цадахъго гIемерал бюллетеналги рехун рищарал хIалихьатал депутатаз къабул гьарулел руго жамгIияталъего заралиял законалги, кьолел руго гьаркьал НДСги пенсиялъул ригьги цIикIкIинариялъул ва капремонталъухъ гIарац бакIариялъулги рахъги ккун! Гьелъухъ батиларищха ракIбацIцIадал ва жамгIияталъул ургъалица керен кванарал депутатазги учительзабазе квешезего гьезул моцIрол харжаздаса гIарац къунцIулебго къунцIулебги бугеб! Гьелги хвезе чIелищха: цIалдохъабазухъа гIарац бакIарула, школалда яги классалда ремонталъеян абун; ОГЭялде яги ЕГЭялде цIалдохъаби хIадуризе заман гIоларилан зигардула (жидер классалдайилаха 40-ниги цIалдохъан вугила, гьезда гьоркьор камуларила сакъаталги, гьездаги цо щиб букIаниги малъизеги кколелъул, нужер лъималазда дарс малъизе заман кисадила балагьилеб, дарсилги 45 минут гурони гьечIеб мехалда); кIиго ставкаялда хIалтIула (хасго математикалги физикалги – учительзаби гIоларилан багьанаги батун).
Бегьилищха гьел хвезе! Гьез цIалдохъабазе тарбиягун лъай кьезе ккола, гьезул сахлъия­лъул тIалаб гьабизе ккола. Жеги гIемер жо гьабизе ккола: переменаялъул заманалда лъимал кваназе рачинеги, жанахIазда «дежурство» гIуцIизеги, дарсал лъугIун хадуб – гордал чуризеги, азбар бакIаризеги, цIалдохъабаз батIи-батIиял сайтазда хъварал чорокал мухъал яги «репостал» хъвагIазеги, классалъул лъималазухъе рокъоре гьоболлъухъе хьвадизеги, гьенире щвараб мехалда, хъизамалъул холодильникалда жаниб квен бугищали халгьабизеги, къаси, метерисел дарсазде хIадурлъун рахъараб мехалда, батIи-батIиял кагътал цIезаризеги…
20 соналъ цебе райОНОялда хIалтIулаан 4-5 инспектор. Гьезда лъикI лъалаан школалда церечIарал хIакъикъиял масъалаби ва гьезухъа бажарулаан районазул школазул халгьабизеги учительзабазе хIажатаб методикияб кумек гьабизеги. Жакъа инспекторазул къадар чанцIулго цIикIкIана ва щивас тIалаб гьарула кагътал: планал, программаби, хIисабал… Школалда цониги дарс кьечIев РУО­ялъул хIалтIухъанас тIалаб гьарула бищун гIемер кагътал. Учителасулги хутIуларо аслияб хIалтIуе заман – дарсазде хIадурлъизе. Гьеб зулму хIехьонги бажарула гIицIго пенсиялъул ригьалъул педагогазухъа. Гьезие гьечIелъулха цогидаб бакIалда хIалтIи балагьизе рес. Пенсия гIолеб буго гIицIго ЖКХялъухъ кьезе яги чедги Китаялъул лапшаги босизе. Гьединлъидал хIалтIизеги кколел руго гьел. Ни­лъер улкаялъул хIукуматалъ кигIан гIемер бицаниги (масала, РФялъул лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министр Ольга Васильевалъул баяналда рекъон, 2018 соналъул январалдаса июналде щвезегIан учителасул харж цIикIкIана 9,3 проценталъ ва гьабсагIаталда гьоркьохъеб харж буго 42,2 азарго гъуруш), учитель божулевго гьечIо жиндир моцIрол харж цIикIкIинабун бугин абураб пикруялда. Кинха божилев, школалъул уборщицаялъе учителасдаса цIикIкIун харж щолеб мехалда, амма гьелъул магIна кколароха уборщица цIакъ бечедай махщелчIужу кколин абураб.
Гьале гьанжеги Пачалихъияб Думаялда бицинехъин буго харжал цIикIкIинариялъул хIакъалъулъ. Кинабдай ккелеб гьелъул хIасил? Абиладай гьанжеги: «ГIарац гьечIо, амма нуж къвакIун чIа», — ян?
ХIурматиял учительзаби! Баркула нужеда Учителасул къо! Гьарула нужее щулияб сахлъиги кинабго лъикIабщинабги!
Кавсарат Сулейманова