«Маялъул» указ

Учителасул харж

Парламенталъул данделъиялда бицине буго цIалдохъабазул сахлъиялъулги учительзабазул гIарцулги хIакъалъулъ

ЦIияб цIалул соналде хIадурлъиялда бан, улкаялъул хIукуматалъ тIобитIараб данделъиялда РФялъул лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министр Ольга Васильевалъ бицана лъайкьеялъул идарабазул хIалтIухъабазул харжазул хIакъалъулъ.
Министралъул баяназда рекъон, 2018 соналда 11,6 проценталъ цIикIкIана школалда цебесеб лъайкьеялъул идарабазул педагогазул харжал: 2017 соналда гьезул гьоркьохъеб харж букIана 29,3 азарго гъуруш, 2018 соналда гьезие щола 32,7 азарго гъуруш. ГIаммаб лъайкьеялъул идарабазул хIалтIухъабазул харж январалдаса июналде щвезегIан цIикIкIана ичIго проценталъ: гъоркьиса букIана 38,6 азарго гъуруш – исана щола 42,2 азарго гъуруш. Школалда тIадехунисеб лъайкьеялъул хIалтIухъанасул харж цIикIкIана 20,7 проценталъ (2017 с. – 32,9 азарго гъуруш ва 2018 с. – 39,7 азарго гъуруш). Лицеязул мастерасегун преподавателазе исана щолеб буго 41,2 азарго гъуруш (цIикIкIана 16,4 проценталъ).
Амма хIукуматалъул хIисабал ри­тIухъ­лъичIо ГIаммаб Россиялъу­л хал­­къияб фронталъ тIобитIараб цIех-рехалъул баяналгун. Гьелъул хIа­ра­­катчагIаз абулеб буго, РФялъул 65 регионалда тIубазабун гьечIин президентасул «маялъул» указ. Гьезул баяналги кьочIое росун, РФялъул Пачалихъияб Думаялъул председатель Вячеслав Володиница лъазабуна парламенталъул данделъиялда цебелъезе бугин учительзабазул харжазул хIакъалъулъ суал. Гьелъие гIиллалъун ккана РФялъул Пачалихъияб Думаялъул лъайкьеялъулги гIелмуялъулги комитеталъул председатель Олег Смолиница Думаялда гьабураб кIалъайги. Гьес бицана учительзабазул хIакъикъиял харжал дагьал рукIиналъулги цIалдохъабазул сахлъи загIиплъиялъулги хIакъалъулъ.
ЦIалдохъабазул сахлъиялъул хIакъа­лъулъ бицунаго, Олег Смолиница рехсана Россиялъул бетIерав психиатр Зураб Кекелидзеца кьурал баянал. Гьезда ре­къон, сахлъи загIиплъун буго лъималазул ахикье хьвадулел цIалдохъабазул 60 проценталъулги школалъул цIалдохъабазул 70-80 проценталъулги. Парламентариясул пикруялда рекъон, «Лъайкьей» абураб миллияб проекталде тIаде жубазе ккола жеги лъабго федералияб проект: цIалдохъабазул сахлъицIуниялъулги, пе­дагогасул къадру борхизабиялъулги, лъай­кьеялъул рахъалда бюрократизация тIагIинабиялъулги хIакъалъулъ.
Вячеслав Володиница абуна, гьел масъалаби ругин улкаялъе цIикIкIараб кIвар бугел ва гьел парламенталда гьоркьор лъезе кколин. «Щайгурелъул заман щун буго масъалаби лъеялдаса гьел тIуразариялде гали тIамизе», — ян абуна гьес.

КIиго МРОТалда бащад гьабизе ккола

ГIагараб заманалда жаниб Пачалихъияб Думаялъул депутатал Олег Смолиницаги Николай Коломейцевасги парламента­лъул гъоркьияб палатаялда загьир гьабизе буго педагогиял хIалтIухъабазул ставкаялъухъ регионалда бугеб МРОТалъул кIиго бутIа букIине кколин абураб пикру.
«Учитель» абураб профсоюзалъ 2018 соналъул маялдаго хIадурана ва РФя­лъул президентасда цебе бугеб инсанасул ихтиярал цIуниялъул советалде битIана педагогазул моцIрол харжал кьеялъул къагIида камилгьабиялъул хIакъалъулъ жидерго пикру. ГьабсагIаталда хIал­тIулеб къагIидаялда рекъон, учителасе харж кьола гьес кьолел дарсалги гьелде тIадеги гьабулеб хIалтIул хIисабги гьабун. Гьелъул квешаб рахълъун депутатаз рикIкIунеб буго, цIикIкIараб харж щвеялъул мурадалда, учителас гIемераб хIалтIи жиндаго тIаде босиялъул хIа­си­лалда, цIалдохъабазе щолеб лъай хашлъулеб букIин. КIигогIанасеб ставкаги букIун, хIалтIулев учителасе рес щоларо щвалде щвараб лъай кьезе, амма гьеб къагIидаялъ хIакимзабазе рес кьола моцIрол харжал цIикIкIинарун ругилан хIисабал кьезе. Гьебго гIиллалъун ккола махщел камилал учительзаби школалдаса нахъе иналъе.
Рехсараб профсоюзалъул сопредседатель Всеволод Луховицкияс гьадин бицунеб буго жидеца кьураб проекталъул хIакъалъулъ: «Нижеца гIемераб хIалтIи гьабуна, гьеб проект хIадурулаго. Россиялда аслияб масъалалъун хутIулеб буго учителасул харж дагьаб букIин. МРОТалдаса дагьаб харж учителасе кьезе гьукъун буго, гьелдаго цадахъ лъазабун буго гьеб регионалда бугеб гьоркьохъеб харжалда бащалъизабеян. Амма гьеб гьабула гъирабазабиялъул бутIаялдасаги тIаде кьолеб цогидаб гIарцул кумекалда­лъунги. Гьеб бокьараб заманалда кьечIого тезе ихтиярги буго. Нижер пикруялда рекъон, учителасул аслияб хIалтIухъ кьезе ккола гьесие мустахIикъаб мухь: анкьида жаниб гьес кьолеб 18 дарсихъ. ГьабсагIаталда педагогал хIажаталлъун кколел руго, лъикIаб харж щвеялъул мурадалда, 1,5-2 ставкаялда хIалтIизеги ишцоясул бакIалда дарсал кьезеги. Гьелъ хашлъизабулеб буго лъайкьея­лъул гIаммаб даражаги», — ян.
Педсовет.орг сайталдаса босараб