Учительзабазул августалъулаб совещание

Санайил тIобитIулеб иргадулаб данделъиялда МахIачхъалаялда Гьудуллъиялъул рокъор гIахьаллъана республикаялъул киналго шагьаразулги районазулги учительзаби

 

Гьудуллъиялъул рукъалъул жанахIалъуб рагьун букIана Каспийск
шагьаралъул С. Орджоникидзел цIаралда бугеб инженернияб колледжалъул ва Дербент шагьаралъул халкъиял промыслабазул колледжа-лъул студентаз гьарурал тIагIелазул выставка. Гьединго выставкаялда рукIана «100 школа» абураб проекталъул ва бесдал лъималазде кьолеб бугеб кIваралъул хIакъалъулъ бицунел стендалги.

Данделъи рагьана Дагъистан Республикаялъул хIукуматалъул председатель Артем Здуновас. Гьенив гьединго гIахьаллъана РФялъул Просвещениялъул министерствоялъул вакилги.
Республикаялъул Министразул кабинеталъул нухмалъулес абуна, тIоцебесеб иргаялда, кIваркьезе бокьун бугила жеги аттестат щвечIел цIалдохъабаздейилан.
«Нилъеца ургъел гьабизе ккола гьезул хадусеб къисматалъулги. КIиабилеб иргаялда, олимпиадаялда гIахьаллъулел ва гьенир цересел бакIал кколел цIалдохъабазул къадар цIикIкIинабизе ккола. Масала, араб цIалул соналда Дагъистаналдаса цIалдохъаби гIахьаллъана ТIолгороссиялъул олимпиадабазда. Лъабгояв бергьана. Нилъер ресал руго цIияб цIалул соналда хIасилал дагьалги цIикIкIинаризе. Гьелъие тIатинаризе ккола пагьму бугел лъимал, ва гьезулгун гьабулеб хIалтIи дагьабги камилгьабизе ккола», — ян абуна гьес.
Гьединго А. Здуновас бицана исана хIалтIизе биччараб «100 школа» абураб проекталъул хIакъалъулъ.
ЦIияб цIалул соналде рагьулеб буго 15 школа. Гьелда гIей гьабизе гьечIо. ЦIиял школаз рес кьезе буго лъабго сменаялда хIалтIулел школал лъугIизаризе.
Данделъиялда бицана лъайкьей цебетIезабиялъулъ интерактивиял
технологиязул бугеб кIваралъулги,
школалда цебесеб лъайкьей цебе-тIезабиялъулги, гIолилазе профессионалияб лъайкьеялъулги хIакъалъулъ.
Россиялъул Просвещениялъул правовояб департаменталъул директор Светлана Нуждиналъ бицана «Лъайкьей» абураб миллияб проекталъул хIакъалъулъ.
— Проекталда кIудияб кIвар кьезе буго миллиял мацIал малъиялде ва церетIезариялде. Гьелъие гIуцIизе буго хасаб фонд. КIвар кьезе буго гьединго миллиял мацIазда тIахьал ри-ччаялдеги. Нужедеги, данделъиялъул гIахьалчагIазде, кIудияб гьари буго — гIахьаллъе, кумек гьабе гьеб проект гIумруялде бахъинабизе. Жакъа жанахIалъуб гIуцIараб выставкаялъухъги баркала. Гьелда гIей гьабун чIезеги бегьуларо. Пагьмуял лъимал тIатинаризе хIаракат бахъизе ккола. Нижецаги кумек гьабизе буго. Владимир Путиница цебелъун буго цIакъго кIвар бугеб масъала — 2024 соналде Россия ккезе ккола лъайкьеялъул бищун лъикIал къагIидаби ругеб 10 улкаялъул сияхIалде гъорлъе. РагIалде бахъунеб буго Россиялъул электронияб школа цебетIезабиялъул хIалтIиги. Учительзабазе рес ккезе буго Эрмитажалдаса дарсал кьезе, ай чIагояб экскурсиялдаса пайда босизе. Дида лъала Дагъистаналдаса цIалдохъабаз ТIолгороссиялъул олимпиадабазда рихьизарурал тIадегIанал хIасилазул хIакъалъулъги. Масала, ингилис мацIалъул олимпиадаялда Казаналда дунги йикIана. Гьенир нужер лъималаз рихьизаруна лъикIал хIасилал. ГIумруялдаса нахъе ккезе ихтияр гьечIо учительзабазул, — ан абуна гьелъ.
Совещаниялда гьединго кIалъана ДРялъул бетIерасул ва администрациялъул нухмалъулев Владимир Ивановги.
Гьес баркала кьуна гIемер соназ ралел рукIарал школал ран рахъиналъе кумек гьабуразе — учительзабазе, волонтеразе, цIалдохъабазул эбел-инсуе ва цогидалги гIахьалчагIазе.
Учительзабазда баркана тIаде щолеб бугеб лъаялъул къо Дагъистаналъул парламенталъул вице-спикер Елена Ельниковалъги. Гьелъ абуна Халкъияб Собраниялъул ахирисеб сессиялда республикаялъул хIукуматалде хитIаб гьабунин учительзабазе харжал цIикIкIинариялъул суалалда тIад хIалтIизе.
Дагъистаналъул хIукуматалъул председателасул заместитель, рес-публикаялъул лъайкьелъул министр Уммупазил ГIумаровалъ жиндирго кIалъаялда тIадчIей гьабуна учительзабазда церечIарал масъалабазде, кIвар кьуна «Лъайкьей» абураб проект гIумруялде бахъинабизе ккеялде.
— Республика гIахьаллъизе буго ичIабго федералияб миллияб проекталда. Гьединго кIудияб хIалтIи гьабулеб буго «Будущие кадры для региона» абураб программа гIумруялде бахъинабиялъе гIоло. Гьединго хIалтIулел руго лъабго-анкьго сон барал киналго лъималазе ясли-ахазда бакIал рукIинариялда тIадги. Ясли-ахал рагьизе гIарцулаб кумек гьабулеб буго инвесторазги. Масала, МахIачхъалаялда хIадур гьабун буго «Билдинг-сад» абураб проект. Гьединго хIалтIаби гьарулел руго «100 школа» абураб проекталда рекъонги. ТIадеялъул проекталде гъорлъе ккезе буго 117 школа.
ГИАялъул хIасилаз бихьизабуна школазда гIурус мацI кьеялъул иш лъикIаб рахъалдехун хисулеб букIинги.
1685 цIалдохъанасе щвана 80-ялдаса цIикIкIарал баллал, микьгоясе щвана 100 балл.
Исана цIикIкIана 100 балл щваразул къадар: гIурус мацIалъе- микьго, химия — микьго, обществознаниялъе — лъабго цIалдохъан. Экзаменал кьезе кIвечIел цIалдохъабазул рес буго сентябралда цоги нухалда хIалбихьизе, — ян абуна гьелъ.
Гьединго данделъиялда бицана цIалул тIахьазул, пагьму-гьунар бугел лъималазул, дарсал кьоле-лъул интерактивиял технологиял хIалтIизариялъул, учительзабазул аттестациялъул, «ГIолохъанал профессионалал» абураб гIуцIиялъул хIакъалъулъги.
КIалъазе рахъана республикая-
лъул шагьаразул ва районазул лъайкьеялъул цо-цо идарабазул вакилзабиги. Данделъиялда къабул гьабуна хасаб хIукмуги.
Шамай Хъазанбиева