Учительлъи тун батIияб хIалтIи кIваричIо

 

   ДРялъул Лъай кьеялъул отличник, РФялъул ГIаммаб лъай кьеялъул мустахIикъай хIалтIухъан ПатIимат ХIажиева 50 соналъ хIалтIулей йиго ХашархотIа росдал школалда учительницалъун. Байбихьуда микьго соналъ гьелъ дарсал кьуна байбихьул школалда ва гьелдаса хадуб гьелъ кьолел руго чIахIиял классазе магIарул мацIалъул дарсал.

  Гьелъул эмен МуртазагIали вукIана байбихьул классазул учитель. Гьев хIалтIана Гумбет районалъул Бакьулъ Гьарадерихъ, Инхо ва цогидал росабазул школазда. ЦIунтIа районалде гочун хадуй хIалтIана ХашархотIа, ХIибиялъ, ВицIиялъ, Асахъ, АзилтIа росабазул школаздаги. Эбел йикIана колхозчIужу. Гьелъ тIубалаан рукъалъул хIалтIиги. Гьелъ абулаан: «Учительзабазе чед бежулаго ана дир гIумру», — ян. Эменги ункъабго лъимерги учительзабилъун рукIиндалха.

  ПатIимат, росулъ микьгосонилаб школаги лъугIизабун, ана Буйнакскиялъул педучилищеялда цIализе. Гьелдаса хадуй хIалтIана росулъ ва цадахъго цIалана ДГУялъул филологияб факультеталда, лъугIизабуна РДО. Заочно гьабулеб цIали бигьаяб букIинчIо: цадахъго тIубазе кколаан рукъги (росасе ун йикIун), хIалтIиги ва цIалиги. «Доб заманалда гIемер цIалдезе кколаан. Гьанже гIадин, цIаличIониги, лъикIаб къимат щолароан. Лъабилазда цIализе дир ракIалъги къабул гьабулароан. Дарсал рукIунаан къаденахъе. Гьениса рокъоре щведал, дагьаб мехалъ хIухьбахъи гьабулаан, кваналаан ва байбихьулаан цIалдезе, цебеккунго цIалараб такрар гьабизе. Гьедин рогьунаан сордо», — ян ракIалде щвезабуна ПатIиматица.

  Школалда дун цIалулеб заманалда ПатIиматицаги кьуна дие дарсал. Гьелъ бицунеб магIарул мацIалъги лъуна дир лъай камиллъиялъулъ кIудияб бутIа. Дун рухIдаллъулаан гьелъул бечедаб, мухIканго гьаркьал рахъулеб, берцинаб ва пасихIаб магIарул мацIалда. Нижерго хасаб мацI бугелъул, щивасухъа гуро гьедин бицун бажарулеб букIараб гьеб. Гьелъул мацIалъул берцинлъиялъ жеги бокьизабуна дие магIарул мацI. Гьелъ цIалулел адабияталъул асаразул багьадурал чIаголъулаан нижее дарсида. Гьайгьай, гьелда релълъун кIалъазе гъираги базабулаан. Амма гьанже гурони, дие таваккал гIечIо гьедигIан лъикI магIарул мацI лъаялъе гIиллалъун щиб ккарабин гьелда гьикъизе.

«Нижер хъизамалда букIана кIиго батIияб мацI: бежтIадерил (эбелалъул) ва литературияб магIарул (инсул). Эмен рокъов вугеб мехалда нижер рокъоб букIана авар мацI. Нижго хутIидал бицунаан эбелалъул мацI.

Дир эмен вукIана бацIцIадаб магIарул мацI бицунев чи. Нижедасаги гьебго тIалаб гьабулаан. Росулъ бугеб сверелалда ниж кIалъани, эмен семулаан. Гьев кколаан Гьарадерихъа. Эбел – ХашархотIаса. Гьел дандчIвана дагъистаниял Чачаналде гочинарураб мехалда. Эбелалъул хъизамалъ гIумру гьабулеб букIана Курен-Беной росулъ. Дида макьилъ гIадин цебетIамула Чачаналъ букIараб нижер гIумру. Гьениб букIунаан хьитазда рекIарулеб хIарщ. ГохIда гIадин, тIарада букIана нижер мина. Ахада, майданалда, букIана школа, библиотека, росдал центр. Гьенив школалда ва библиотекаялда хIалтIулев вукIана эмен. Гьениб ккун буго эбелалъулгун лъай-хъвайги», — ян бицана ПатIиматица.

Гьелъ щуго сон бараб мехалда, дагъистаниязе ихтияр кьуна ватIаналде тIадруссине. МуртазагIалил хъизамалъ лъагIелалъ гIумру гьабуна ХашархотIа, хадуб – Гьарадерихъ ва хадурги тIад руссана ХашархотIе.

«ГьабсагIаталда цIакъ захIмалъула лъималазда магIарул мацIалда хъвараб текстги грамматикаги бичIчIизабизе. Гьелъие гIилла буго сверухълъиялда гьеб мацIалда кIалъангутIи. Эбел-инсуца цIалуларо авар мацIалда я газета, я тIехь, я художествияб асар. Радиоялдаса кьолеб передачаги киназдаго гуро рагIулеб. ГIумру унеб буго, магIарул мацI лъалел лъималазе дарс кьезе анищгун. ТIубалеб гьечIо дир гьеб.

ГIажаиблъи – ингилис мацI лъазабизе гъира букIуна. Щай букIине кколареб магIарул мацIалде рокьи? Гьеб буго дида жаваб батулареб суал. Социалиял гьиназдаги ингилис мацI хIажалъулин абунгIаги батилаха гьелде рокьи бугеб», — ан ургъел бикьана П. ХIажиевалъ.

  Цо чанго соналъ цебе нижеца хъван букIана «МагIарул мацI рихарав директор» абураб макъала. Гьелъие гIиллалъун букIана ХашархотIа росдал школалъул директорас авар мацIалъул дарсал дагьлъизариги гьездаса цIалдохъаби эркен гьариги. БежтIа участокалъул цогидал школазде дандеккун, гьабсагIаталда гьадинаб хIал буго ХашархотIа росдал гьоркьохъеб школалда: байбихьул школалда магIарул мацIалъе кьун буго лъаб-лъаб сагIат щибаб классалда ва тIасиял классазда – ункъ-ункъ сагIат (5-9 классазда) ва 10-11 классазда – лъаб-лъаб сагIат. Гьелъие сабаблъун ккола школалъул администрациялъул магIарул мацIалде бугеб рокьи. Бокьун буго «ХIакъикъаталъул» рахъалдаса школалъул директор Ибрагьимхалилов АхIмадие гьелъухъ баркала кьезе.

  Жакъа школалда ругел масъалаби рехсолаго, ПатIиматица абуна, киналго школазда, хасго гIицIго магIарулаз гIумру гьабулел росабазулъ, чарагьечIого цIикIкIинабизе кколин рахьдал мацIалъул дарсазул къадар. Гьединабго масъалалъун рикIкIуна гьелъ цIалул тIахьал ва методикиял пособиял басмаялде рахъиги. Масала, ичIабилеб классалъе адабияталъул тIехь къватIибе бахъараб заман кIочанин жиндаян абуна гьелъ. ГьечIо 10-11 классазе мацIалъул тIахьалги – микьабилеб ва ичIабилеб классазе ругел тIахьал хIалтIизаризе кколел руго гьезул бакIалда. Щиб гьабунги, рахьдал мацIалде бербалагьи хисизабулеб закон ургъизе къваригIун бугоян абуна гьелъ. «Масала, цебе ичIабилеб классалда кьолаан рахьдал мацIалъулги адабияталъулги экзамен. Къоло цо билет букIунаан ва щибалда – кIиго мацIалъулги цо адабияталъулги суалал. Дир рукIунаан гьеб къоло цоябго билеталъе жаваб кьун бажарулел цIалдохъаби. Экзамен кьезе кколеблъи бичIчIулел цIалдохъабазул жавабчилъиги гьезул эбел-инсул тIалабчилъиги букIунаан. Гьанже гьеб гьечIо. Щай бегьулареб гьеб тIад буссинабизе?» — ян суал лъуна ПатIиматица.

  Исана ПатIимат ХIажиевалъул педагогияб стаж бахуна 50 соналде. ГIолохъанлъудаго гIадин, гъира-шавкъалда хIалтIулей йиго гьей жакъаги. Гьелъул хIалтIул аслулъун ккола класстун къватIирехунисел тадбиралги, республикаялъул къецаздегун олимпиадабазде цIалдохъаби хIадуриги, хъвадарухъабазулгун шагIирзабазул творчествоялъул сардал гIуцIиги. Гьеб хIаракаталъул хIасиллъун ккола республикаялъул къецазда ПатIиматил цIалдохъабаз кколел цересел бакIал. Масала, Расул ХIамзатовасул юбилеялда бан тIобитIараб «Дир ракI мугIрузда буго» абураб конкурсалда ХIажиевалъул цIалдохъаналъ хъвараб сочинение мустахIикълъана тIоцебесеб бакIалъе. «Учительлъи тун батIияб хIалтIи гьабун бажарилароан дихъа. БукIана моцIрол харж кватIизабулеб яги чамалиго моцIалъ кьолареб заманги. ХIалбихьана дармиде юссинеги. Амма дир жо ккечIо – ракIалъ къабул гьабичIо батIияб пиша», — ян абуна гьелъ.