Пайдаявлъун вукIине гъирагун

 

 

ГъазимухIамадов СагIид ккола Дагъистаналъул пачалихъияб педагогияб университеталъул филологияб факультеталъул студент. Гьев гьавуна ЦIумада районалъул Метрада росулъ. СагIид вуго факультеталъул профсоюзалъул комитеталъул председательги. Гьесулгун гьадинаб гара-чIвари гьабуна нижеца.

— СагIид, щай дуца тIаса бищараб филологияб факультет?

— Гьелъие аслияб гIилла буго нилъерго гIаммаб болмацI, магIарул мацI, гIадатги гIамалги цIунизе бокьи. Рахьдал мацI лъаларев чи ккола миллат гьечIев чи. ЦIумада районалда руго багвалал, чIамалал, тIиндисел, цIунтIадерил мацI бугел хушетисел ва хъварщисел – гьезул руго жиде-жидер мацIал. Амма Метрада росулъ рахьдал мацIлъун буго магIарул мацI.

— Анлъго лъимералда гьоркьоса бищун кIудияв дуда эбел-инсуца батIияб махщел тIаса бищеян абулеб букIун батила…

— Гьез дида абуна я тохтурлъун, яги магIарул мацIалъул учительлъун вахъине кколин абун. Инсулги эбелалъулги эменал руго учительзаби: цояв – биологиялъул, цогидав – географиялъул. Диего бокьана магIарул мацIалъул учительлъун вахъине. Цадахъго лъазабулеб буго ингилис мацIги.

— Гьаб захIматаб заманалда квешлъиялде машгъуллъизе гурин абунги тола цо-цо эбел-инсуца лъимал цIализе ритIичIого.

— Школалда цIалулаго, дун вукIана жигарав цIалдохъан. ГIемер гIахьаллъулаан олимпиадабазда, батIи-батIиял къецазда. Гьединлъидал батила, эбел-инсуца инкар гьабичIо дун цIализе витIизе. КIудадабазги хIаракат гьабуна гьел мукIур гьаризе.

— Кинаб бугеб жакъасеб студентасул гIумру?

— АлхIамдулиллагь, кигIанги лъикI буго. Цин дун вукIана мухьдахъ рукъги ккун. Северияб автостанциялдаса цIалуде щвезе заман гIемер балаан. Гьанже вуго общежитиялда, гьебги буго университеталъул азбаралдаго. Дарсиде уна 10-15 минуталъ лъелго. Общежитиялъухъ лъагIалида жаниб кьола 6530 гъурущ (гъоркьиса кьолаан 4500). Исана гьениб ремонт гьабуна – багьаги бахинабуна.

Щибаб тIалаялда буго цIалдолезул зал –  гьениве ине бегьула цIалдезе. Дида цадахъ рукъалъ руго дирго вацгIалги Болъихъ районалъул Хелекьуриса васги. Гьел руго цIалдезе бокьулел, цоцазе квалквал букIунаро нижер.

— ЦIалиги лъугIила, хъизамги гьабила. ГIумру гьабизе киве инев мун?

— БитIараб бицани, магIарухъго бокьила. РакIалда буго, ингилис мацIалъул учитель хIисабалда, «Росдал учитель» абураб программаялда гIахьаллъизе. МагIарул мацIалъул цIакъ лъикIал учительзаби руго нижер.

— Щай магIарулазе ингилис мацI?

— Гьеб хадубккун лъугьине бегьула хъизам хьихьизе рес кьолеб хIалтIилъун. Щвалде щун ингилис мацI лъалеб бугони, рагьизе бегьула  хасаб школа, бегьула репетитор хIисабалда хIалтIизе. Гьедин школа рагьарал гIолилал лъала дида. ГьабсагIаталда ингилис мацI лъазабизе гъира бугел лъимал гIемер руго.

— ЦIали захIмалъулеб бугищ?

— Вижаралдаса нахъе кIалдиб ругьунаб магIарул мацI бугелъул, гьеб рахъалъ къварилъи гьечIо. Дун цIалулеб мехалда школалда ингилис мацI кьолароан – учитель вукIинчIо; батIиял росабалъа рачIун, малъулаан, цо-цо малъичIогоги хутIулаан. Гьелъ цо дагьаб захIмалъана.

— Профком хIисабалда кинаб хIалтIи гьабулеб дуца?

— Студентазул ихтиярал цIунула профкомалъ. Стипендия бачIунеб гьечIони, масала, социалияб стипендиялъе районалдаса справка кватIунин абун. Цоял рукIуна, кколареб стипендия тIалаб гьабизе лъугьун. Цогидал –эбел-эмен хIалтIулел ругин абун кьоларел, дозие щолеб мукъсанаб харж хIисабалдеги босичIого тарал. Къокъго абуни, студентазул масъалаби тIурала.

ГIуцIула факультеталда батIи-батIиял тадбирал, факультетазда гьоркьосел спорталъул, пагьмуялъул къецал, олимпидаби, студентазул гIелмиял конференциял  ва гь.ц.

ГьабсагIаталда СагIидица хъвалеб буго дипломалъул хIалтIи. Гьелъие босун буго «МагIарул мацIалъул басралъарал рагIаби» абураб тема.

Кавсарат Сулейманова