Гьасул цIар даимлъана Россиялъул ХIурматалъул хъорщода

 

   «Доска почета России» абураб федералияб электронияб сурсаталда цIар хъвай рикIкIуна пуланав чиясе тIолгороссиялъул жамгIияталъ кьолеб тIадегIанаб къиматлъун. Гьеб сияхIалда цIар хъвазе мустахIикълъана «Возрождение» абураб хасаб лъай кьеялъул идараялъул директор, психологиял гIелмабазул кандидат, Дагъистаналъул пачалихъияб педагогияб университеталъул психологиялъул кафедраялъул профессор, ДРялъул мустахIикъав учитель, РФялъул ГIаммаб лъай кьеялъул хIурматияв хIалтIухъан, гIемерал гIелмиял макъалабазулгун школалъе ва байбихьул классазул учительзабазе хIадурарал цIалул тIахьазулгун методикиял пособиязул автор, Дагъистаналъул Халкъияв БахIарчи МухIамадхIабиб Халидов.

  МухIамадхIабиб Халидов ккола Шамил районалъул ГIуриб росулъа. Микьго класс лъугIидал, цIализе лъугьана Буйнакскиялъул педучилищеялде. ГIолохъанав учитель кIиго соналъ хIалтIана росдал школалда байбихьул классазул учительлъун ва 1980 соналда цIализе ана Тарас Шевченкол цIаралда бугеб Киевалъул пачалихъияб университеталъул философиялъул факультеталде. ХIалтIана ДРялъул Культураялъул министерствоялда, ДГПИялъул психологиялъул кафедраялда ва 1988 соналъул октябралда цIализе лъугьана Москваялъул пачалихъияб педагогияб университеталъул психологиялъул кафедраялда цебе бугеб аспирантураялде. 1991 соналда цIунана психологиял гIелмабазул кандидатлъиялъе диссертация.

ДГПИялда хIалтIулаго, М. Халидов вукIана ГIалибег Тахо-Годил цIаралда бугеб ДНИИПалъул кIудияв гIелмияв хIалтIухъанлъунги. 1994 соналда гьес МахIачхъалаялда рагьана «Прогимназия – гимназия – лицей» абураб лъай кьеялъул комплекс. 2009 соналда лъугIизабуна Россиялъул лъай кьеялъул академиялъул докторантура. ЛъагIалидасан гьев къабул гьавуна ДГПУялъул психологиялъул кафедраялда доцентлъун ва 2015 соналда – гьебго кафедраялъул профессорлъун.

2011 соналда М. Халидовас рагьана «Возрождение» абураб живго бетIергьанаб школа ва гьабсагIаталда вуго гьелъул директорлъунги ДГПУялъул психологиялъул кафедраялъул профессорлъунги.

  КIудияб гIелалда ракIалда батила, МахIачхъалаялъул Ленинил къотIноб букIараб №2 гьоркьохъеб школалъул къисмат. КIудияб ВатIанияб рагъул заманалда рагъулаб госпиталь жаниб букIараб гьеб школаги къан, тахшагьаралъул бетIерас гьениб гIуцIана ГЕРЦ. ГьабсагIаталда гьениб буго РФялъул ЦIех-рехазул комитеталъул Дагъистаналда бугеб управление. МухIамадхIабиб Халидовасин абуни школа рагьана – риххун унел рукIарал бакIалги цIи гьарун, гьелги ижараялъе росун, ва ижараялъухъ мухь хIисабалда республикаялъул бюджеталде жакъа гьес щибаб моцIалъ кьола 970 азаргогIанасеб гъурущ. Гьесул школалда вуго 700 цIалдохъан ва 106 хIалтIухъан (гьезда гьоркьов 68 учитель).

  Байбихьул школалъул завуч ПатIимат ГIисаева 1994 соналдаса нахъе хIалтIулей йиго МухIамадхIабибида цадахъ. «Прогимназия рагьараб мехалда, гьелда аскIоб бугеб лъималазул ахил тарбиячIужулъун йикIарай дун цадахъ хIалтIизе ахIана М. Халидовас. ЙикIана гьес рагьараб прогимназиялда тарбиячIужулъун. Хадубккун, битIахъе кинабго хIалтIи рукIалиде ккезабураб заманалда, директорлъун тIамуна батIияй гIадан. Гьелдаги МухIамадхIабиб МухIамадовичасдаги гьоркьоб букIана зобалдаги ракьалдаги гьоркьоб гIадаб батIалъи. Масала, прогимназиялда цIализарулаан батIибатIияб рес бугел хъизамаздаса лъимал. Эбел-инсул гIарцухъ лъимал цIализарулел ругин абун, Халидовас нижехъа киданиги тIалаб гьабичIо гьезие лъикIал къиматал лъеян абун. Цогоял тIалабал рукIана киналго цIалдохъабазде. ЦIияй директоралъ байбихьудасаго бихьизабуна, цIалдохъанасул хъизамалъул ресалде рекъонкколеллъун, яги тIад ругел хIакимзабазул разилъи щолеллъун рукIине кколеблъи. Гьединаб къагIидаялда хIалтIулаго, цIакъ захIмалъула ритIухълъи цIунизе. Гьединлъидал МухIамадхIабибица цIияб школаги рагьизе бугин, хIалтIизе ячIинарищан абидал, разиго нахъе ана дун доб школалдаса», — ян бицана завучалъ.

  Гьелъ ракIалде щвезабуна школа рагьизехъин бугеб Радиотоваразул заводалъул мина бихьизе рачIараб мехалда (прогимназиялдаса ункъо педагог вачIун вукIана гьениве), гьаб бакIалда школа рагьун бажаруларин абун, кIигоял нахъе аниланги. «АскIор ругел гIемертIалаял минабазухъа гIадамал дандецин рахъун рукIана, гьениб школа хIажат гьечIинги абун. Амма директор къуркьичIо. ГIадамал рекъезаризе гIажаибаб гьунар буго гьесул. Г1емераб рищни баччизе ккана нахъе. КъачIана азбар, сверухълъи, рохьана къадал, чIана гъутIби. Гьаб бакI берцинлъулебги бихьун, чучана мадугьалзабиги – тIаса лъугьаян гьаризеги рачIана гьел», — ян бицана ПатIиматица.

  «Гьаб школалде ячIаралдаса нахъе дица байбихьана педагогазул бажари-гьунаралъул цIех-рех гьабизе. ТIоцебесеб соналъул аслияб хIалтIи букIана гьеб. Лъабго-ункъо моцIалъ хьвадана дарсазде – учителасул хIалтIухъ халгьабизе, гьезул методикаялъухъ балагьизе. Хадуй хьвадана, учителасул хIаракаталъе цIалдохъабаз кьолеб жаваб лъазабизе. Гьаб школалда ругел тIалабал данде кколареблъи бичIчIарал учительзаби жалго нахъе ана гьаниса. ГьабсагIаталда бугеб коллективалдаса рази руго ниж. Гьеб кинабго гьабизе дида тIадкъана директорас – гьеб буго гьес инсанасде, хIалтIухъанасде гьабулеб божилъиялъул мисал.

  Нилъер школалъе гьаб къагIида хIалтIизабизе лъикIан абун, аскIове вачIарав чиясухъ гIенеккизеги, щивасул пикруялъулъ пайдаяб къатIраниги батизеги, цIалдохъабазулги гьезул эбел-инсулги мурад-анищ бичIчIизеги – сундуего пагьму-гьунар Аллагьасго кьурав инсан вуго МухIамадхIабиб МухIамадович. Педагогасе лъай камил гьабизе ине кканиги, цIалдохъабигун сапар гьабиялъеги, батIи-батIиял къецазда гIахьаллъизеги ихтияр кьола директорас. Гьединаб хIаракаталъе гьес гъирабазабазула премия яги сайгъат кьун, педагогазул данделъиялда реццбакъ гьабун.

Школалда гIуцIун руго цIалдохъабазе камилаб лъай кьеялъе киналго шартIал – махщел тIокIал учительзаби, цIалулгун методикиял ва художествиял тIахьал, дарсаздаса хадур рукIунел тадбирал. Масала, Москваялдаса вачIинавун вукIана физикаялъул учитель. Байбихьул школалъул учительзабазул лъай камил гьабизе чанцIулго гьанире ахIана Валентина Мукина, Татьяна Меркулова ва цогидалги.

Учителасул цебетIеялъулъ халлъараб цо гьитIинабго жоцин кIодо гьабула М. Халидовас. Гьелъухъ сайгъат кьола, учитель вохизавула. Жеги лъикI хIалтIизе гъирабазабула. Гьединго кIодо гьарула цIалдохъабиги», — ян бицана гIемерал соназ МахIачхъалаялъул №5 лицеялда завучлъун хIалтIарай ва гьанже «Возрождениялъул» чIахIиял классазул завучлъун йигей Султанат ГIарабовалъ.

 

Дун талихIав вуго

 

   Школа жеги «гIолохъанаб» бугониги, руго гьелъул гIадатлъун лъугьарал байрамалги тадбиралги. ЦIалул рахъалъ босани, гьел ккола киналниги школазе хасиятал предметиял анкьалги моцIалги. Школалъул жанахIалъул къадазда ран руго щибаб предметияб анкьил заманалда цIалдохъабаз хIадурарал къадал газетал. Руго гьенир дарсаздаса хадусел тадбиразда хIадурарал тIагIелалаталги. Байбихьул ва гьоркьохъеб школазул корпусазда ратана «Донбассалъе кумек» абурал бокIонал: столаздагун бакIазда сокIкIун ругоан цIалдохъабаз рачIарал сайгъатал – кванил нигIматал, расанкIаби ва гь.ц.

«Дун талихIав вуго учителасул махщел тIаса бищиялдаса – гьеб букIана дир кидагосеб анищлъун. Вохула анищ гIумруялде бахъинабизе Аллагьас къуват кьеялдасаги.

   Дир кидагосеб мурад буго «сверухъ ругел гIадамал рохизариялдалъун Аллагь рази гьаве» абураб пикруялда рекъон гIумру гьаби. Гьелъ кумек гьабула нилъеда тIадаб масъала тIубазабиялъе – гIолеб гIелалъе лъайгун тарбия кьеялъе. Гьеб жавабияб ишалъулъ дие кумекалъе ратана пикруцоял, лъималазде рокьи камилал, махщел тIадегIанал гIадамал. Учительзабазул лъай камил гьабиялъе, масала, хIалтIизарула Москваялда, Петербургалда ва цогидал гIелмиял централлъун кколел шагьаразда ругел махщелчагIи. ГьабсагIаталда нижер щулияб бухьен буго Москваялъул «Точка ПСИ» абураб Психологиягун цадахъаб лъай кьеялъул централъулгун. Гьез школалда тIоритIула семинарал, мастер-классал, малъула теория ва бицуна лъай кьеялда ккарал цIи рагьиязул хIакъалъулъ. «Точка ПСИ» абураб централъги «Возрождениялъги» къотIиги гьабун, школалда рагьана «Школалъул методикияб лаборатория» — гьелъул аслияб мурад буго гьанже заманалъул пикруялъул педагог хIадури, проектияб хIаракаталъе ругьун гьари.

Школалда руго шахматазул, ITтехнологиязул, дизайналъул, актерлъиялъул, гIагараб ракь лъазабиялъул ва цогидалги кружокал, спорталъул тайпабазул секциял», — ян бицана МухIамадхIабиб Халидовас.

«Возрождениялда» гьабулеб хIалтIул хIакъалъулъ гIемер бицине бегьула. Рецц-бакъалъе мустахIикъаблъун батана гьелъул тIолабго коллективги цIалдохъабиги (масала, 2020- 2021 цIалул соналъул хIасилалда 10 цIалдохъан мустахIикълъана меседил медалалъе; гьезул гIемерисел цIализе лъугьана Москваялъул ва Петербургалъул вузазде). Школалъ басмаялде бахъула жидерго журналги – берцинаб, цIалдохъабаз рахъарал кьер-кьерал сураталги методистазул пайдаял баяналги ругеб.

«Дир гIадинав вац лъилниги ватиларо – меседил квералги Аллагь разияб гIамалги бугев. Гьесги дир вацал-яцазул лъималазги кумек гьабуна гьаб школа къачIазе – жалго хIалтIун. Гьудул-гьалмагъзабаз баччана гьаниса нахъе рищни. МагIарухъ цере минаби ралаан, жамагIатги данделъун. Гьедин гIуцIараб буго дир гьаб школаги – гIемерисеб хIалтIи гьабуна чIобого.

Гьеб буго дир гIумру, дир анищ, дир мурад. Шукру Аллагьасе, дир анищалда рекъараб школа базеги рекIел мурад тIубазеги квербакъана БетIергьанас», — ан бицана М. Халидовас.

КватIичIого буго МухIамадхIабиб Халидов гьавураб къо. «ХIакъикъаталъ» гьесда ракI-ракIалъ баркула ва гьарула сундулъго икъбал.

 

 Кавсарат СУЛЕЙМАНОВА