«Кий йигей нилъер Светочка?»

 

 

   Ленинкент поселокалъул №35 гимназиялъул байбихьул школалъул завуч, учитель Светлана Анатольевна Зайковская гьаюна, гIуна ва цIалана Приморский краялда, рагъул хъулухъчиясул хъизамалда. Гьелъул умумул кколаан рагъул лъимал. Гьениб гьелъул лъай-хъвай ккана заманалъ хIалтIизе вачIарав магIарулав ЦIумадаса МухIамадилгун. Гьел цоцазе рокьана, ригьин гьабуна ва, гьезул ясалъ ункъо сон байдал, ай 22 соналъ цебе, эбел-инсуе цо вугев вас хIисабалда, гьев хъизамгун цадахъ тIад вуссана ватIаналде. Гочана ЦIумада районалъул ТIаса Гьаквари росулъе.

Гьеб букIана 1999 сон, Дагъистаналъе бищунго захIматаб заман. ГIурус нус цIакъ лъикI къабул гьаюна росасул гIагарлъиялъ, ячIинахъего гьей киназего йокьана. Зайковская хIалтIана ТIаса Гьаквари росдал школалъул байбихьул классалъул мугIалимлъун. Росасе цо чIараб хIалтIи щвечIолъиялъ гьел гочине ккана Ленинкенталде, ва гьебсагIатго Светлана хIалтIуде йосана №35 школалде.

Школалъул директор Чакар Мажидовалъул тIадкъаялда рекъон, ай 18 соналъ цебе, тIоцебесеб октябралда, ригьалдаса арал чагIазул къоялда, сайгъаталги росун, лъималгун цадахъ гьей ана МахIачхъалаялъул «Ветеран» абураб херазул ва инвалидазул рокъое. Хадубккун гьеб акция лъугьана школалъул лъикIаб гIадатлъун, ва мех-мехалда гьел щола янгъизго хутIарал харабазухъе гьоболлъухъ. Светлана Анатольевналъ абуна, жиндир цIалдохъабазул улбузда лъалебго батичIила МахIачхъалаялда херазул гьединаб рукъ букIин. Гьединлъидал гьезие гьеб хIужаялъ кIудияб ракIбухIиялъулаб асар гьабунила. Херазул талихI къараб къисматалъ жиндие цIакъ квешаб асар гьабунила. Цее чIанила Приморский краялда хутIарай херай эбел ва нигат гьабунила гьей, кIванагIан хехго, жиндихъего ячине.

Сайгъатал, кечI-бакъан гуро гьел харабазе аслияблъун букIунеб, гьезул анищ букIуна жидерго лъималгун, гIагарал чагIигун дандчIвазе. Гьезие цIакъ бокьула школлъималазда къвал базе, гьезда баизе, гьел данде къазе, гьелгун гаргадизе.

Херазул байрам тIаде гIунтIулеб мехалда цIалдохъабаз мугIалималда ракIалде щвезабула: «Анатольевна, мы к старикам едем?» — ан абун. Харабиги рукIуна гьел рачIиналъухъ балагьун, цо-кIиго къоялъ кватIани, гьез «Кий йигей нилъер Светочка?» абун, директорасул санагIат хвезабула.

Зайковскаялъ, цо кинабалиго ра­зилъигун, ракIалде щвезабуна: «ТIоцере херазухъе рачIунаан цохIого цо нижер лъимал, гьелъги батила, харабаз абулаан: «Унго, №35 гурони, шагьаралда цоги школагойищ гьечIеб?» — ан. Нижер акциял гIемерисезда берцин рихьана ва, нижедаса мисалги босун, жакъа херазухъе уна тахшагьаралъул школазул лъимал, вузазул студентал, волонтерал, батIи-батIиял идарабазул хIалтIухъаби ва гIадатиял гIадамал. Масала, нижер гимназия лъугIун арав Адам вуго гьуинал тIагIамал режулеб ва ричулеб бизнесалда. Гьес рехун тун гьечIо жинцаго школалда гьабулеб букIараб гурхIел-рахIмуялъул иш. Щибаб хамиз къоялъ гьес херазул рокъоре щвезарула пирогал, капризал, булкаби… Дица кьураб тарбиялъул гьединаб хIасил ккеялдаса, гьайгьай, дун йохунги чIухIунги йикIуна», — ян.

     ГьабсагIат, ковид унтиялъул хIинкъи букIиналъ, гимназиялъул цIалдохъаби херазухъе ине бегьуларо, амма гьез гьеб гIадат рехун тун гьечIо. Кидаго гIадин, гьезул улбуца ракIарула сайгъатал, классалда тIобитIулеб концерталъул видео бахъула, гьелда букIуна херазде видеохитIаб. Херазе сайгъаталги росун, улбузул цояй йитIула гьезухъе видеокассета щвезабизе. Лъималаздаса жидерго бугеб рохелги разилъиги лъазабун, баркалаги загьир гьабун, гьезги гимназиялде битIун бачIуна жидецаго бахъараб видеохитIаб. Зайковскаялъ абуна, гьединал акциял кколила жиндир цIалдохъабазе гуребги, хIатта гьезул улбузеги кьолеб лъикIаб тарбияйилан. Светлана Анатольевнаялъ абуна, гьел акциязул къокъаб каламлъун цIалдохъабаз босанила «ЛъикIлъи сайгъат гьабе аскIов вугесе» абурал рагIаби. Лъималазулгун букIунеб щибаб дандчIваялда ва нух битIиялда магIил цIун рукIуна херазул берал.

     Цоял гIунсби гIунтIун, цоял коляскабазда рекIун, дандчIваялде херал ракIарула минаялъул кIудияб жанахIалде. Регаралъуса рахъине кIоларезда лъималазул кечI-бакъан рагIиялъе рагьун тола гьезул рукъзабазул нуцIби. Концерталдаса хадуб цIалдохъаби уна бусадаса рахъунарел херазухъе щвезе, лъималаз гьезда къвалал рала, гьезие сайгъатал кьола, цоцазулгун гьоркьоблъи щула гьабула. ХIасил-калам, гьединал дандчIваяз лъималазе кIудияб асар гьабула, херазул къварилъи, янгъизлъи гьез жидерго рекIелъан биччала. Мисалалъе, цо кIудадаца, гьесда цIар буго МухIамад, цо нухалъ лъималазда бицана, жиндир киналалиго захIмалъаби ругин багьанаги бачун, заманалъин абун, васас жив гьаниве щвезавунилан. «Лъабго-ункъго соналъ тIуран рахъунарел захIмалъабийищ рукIунел, нахъе вачине бокьун батичIони, щай дихъе щвезегIаги вачIунарев дир вас»,- абун, бадиб магIу хулана херасул.

Херазул рукъалъул директор Ма­жид Мирзаевас, рухIги хIалги кьун, херазе гIумру гьабиялъе гьенир чIезарун руго цIакъ лъикIал шартIал, гьезие тун гьечIо щибго къваригIунеб-камураб жо. Харабазе рес буго дандчIваязда рукIине, гьезие хIухьбахъиялъе гьенир тIоритIула концертал, машгьурал чагIазулгун дандчIваял, гьел рачуна театразде, музеязде, ралъдахъе… Амма, хилиплъи гьабун, лъималаз рехун тун ругониги, хараби урхъун рукIуна жидерго лъималазухъ ва гьезул лъималазухъ, къокъго абуни, гьезие аслияб жо ккола жидергун би жубарал чагIазул берцинаб калам рагIи, гьелгун дандчIвай, гьезда къочине щвей. Къокъго абуни, харабазе херазул рокъоб лъикI буго, амма гьел чIалгIун руго жидерго лъималазул лъималазухъ.

Зайковскаялъе бокьана «ХIакъи­къаталдасан» херазул тохал лъималазде гьадинал кочIол рагIабаздалъун хитIаб гьабизе:

Творите вы добрые дела,

Они скоро к вам вернуться.

Дай бог вам счастья и тепла,

И сострадания к вашим близким.

    Хадубги гьелъ абуна: «ГIумруялда жаниб щиб кканиги, кигIан кIудияб захIмалъи бугониги, херал чагIи рукIине ккола лъималазда аскIор. Гьезие чадил мочIу кьезе рес гьечIев чи щивго вукIунаро. Амма херал чагIазе аслияб жо ккола лъималазул рекIел хинлъи, гIагарал чагIазул адаб ва гьезие жал рокьулеблъи лъай», — ян.

Светлана Анатольевнаялъ, цо кинабалиго чIухIигун абуна: «Поселокалъулалги пишацоялги цIакъ рази руго нижер акцияздаса. Дир херай эбел цIакъ рази йикIуна дица гьабулеб гурхIел-рахIмуялъулаб ишалдаса, дир рос Александрги (СагIид) кидаго хIадур вукIуна дие кумекалъе вахъине. Гьес жиндирго гьудул-гьалмагъзабиги машгъул гьаруна гьеб ишалде», — ян.

С. Зайковскаялъул хIакъалъулъ би­цунаго, гимназиялъул завуч Па­тIимат ХIайдарбеговалъ абуна: «Шко­лалде хIалтIизе ячIараб къоялдаса нахъе Светлана Анатольевна лъугьана нижер талихIалъул цIвалъун. Сентябралда, лъимал клас­сазде хъвалеб мехалда, киназго тIоцее цIехола Зайковская. Улбуз кIудияб талихIлъун рикIкIуна гьелъул классалде лъимал ккей. ЯчIараб къоялдаса нахъе гьелъ бихьизабуна жиндирго гьунарги, лъималазде бугеб рокьиги. 1992 соналда байбихьул классазул учительзабазда гьоркьоб тIобитIараб «ЛъагIал учитель» абураб конкурсалда МахIачхъалаялда гьелъ босана тIоцебесеб, республикаялда кIиабилеб бакIал.

   Бищунго рокьулел чагIазул гIа­дин адаб гьабула гьелъул киналго поселокалъулаз, учительзабаз ва цIалдохъабаз. Гьединаб хIурматалъе мустахIикъайги йиго гьей. Дие цIакъ бокьила гьелъул гIадаб гIаданлъиги, адаблъиги, лъикIлъиги нилъер щияй магIарулалъул хасияталъулъги бу­кIи­не. Ниж чIухIаралги рохаралги руго гьадинай гIадан нижер пишацояй йикIиналдаса, гIодоб накуги чIван, бетIер къулула дица гьалъие», — ян.

Светлана Анатольевнаялда саламатго бичIчIула магIарул мацI ва цо-цо рагIаби абула. Гьелъ киданиги гIурус мацIалъ салам кьоларо, «ворчIами», «къо-мех лъикI» абун гурони ва, жиндиего щибниги лъикIлъи гьабуни, «кIудияб баркалаян» абула, гьимулаго.

Гьей цIакъ пашманлъизаюн йиго Украинаялда рагъ унеб букIиналъ, ва хьихьардилей йиго гьенир ругел жиндирго гIагарал чагIазда хадуй.

Нилъ рохизе ккараб хIужалъун рикIкIине ккола Светлана Анатольевнаялъги, гьелъул ясалъги, рос Александрицаги (СагIид – ислам босидал кьураб цIар) бусурбан дин босун букIин.

ХIурматияй Зайковская Светлана Анатольевна, «ХIакъикъаталъул» тIолабго коллективалъ кIудияб баркала кьолеб бу­го дуе дур лъикIлъиялъухъ, гIаданлъиялъухъ, гIадатлъиялъухъ ва, цIалдохъабигун цадахъ лъугьун, дуца гьабулеб кIвар цIикIкIараб гурхIел-рахIмуялъул хIалтIухъ.

Н. Нуриев