Школа – рухIияб гьулак

«Аркадий Гайдарил «Горячий камень» абураб хабаралда гIадин, гIумру такрар гьабизе рес кьурабани, батIияб къисмат тIаса бищила- роан дица. Дие квербакъана Аллагьасукьа хIинкъиялъги законалъе ритIухълъиялъги», — ян бицана нижеда, араб гIумруялъулги гьелда жа- нир ккарал хиса-басиязулги хIакъалъулъ гара-чIвари гьабулаго, Казбек районалъул Дилим росулъа Камилгерей Ибрагьимовас.

Рокьула дие чIахIиял гIадамазул сабураб накъиталъухъ гIенеккизе, гьезул гIумруялъул дарсазул гъварилъуде яккизе. Хасаб асар гьабула советияв учителасулгун дандчIваялъги: гьел руго хъизанрукъалъул къваригIелалги нахътIамун, жамгIияталъул масъалаби тIуразаризе куцарал, гьезда цере гIуна росдал гIадамазул чамалиго кьер, гьезул пикру хIисабалде босула кIудияб кIваралъул суалалъе жаваб балагьулеб мехалда. Гьединавлъун ватана Дилим росдал Херазул советалъул председательлъун вукIарав, ДРялъул мустахIикъав учитель, росуцоязул лъималазе бащдаб гIасруялъ гIакълугун лъай ва тарбия кьурав педагог Камилгерей Ибрагьимовги. Камилгерей гьавуна 1935 соналъул январалда Дилим росулъа Юсупилги Меседолги хъизамалда. ЛъагIалидасан гьев хутIана эбелги хун, амма граждан рагъул гIахьалчи Юсупица лъималазда бесдаллъи лъазе течIо. Гьесул хIаракаталдалъун лъималазе щвана гьанжезаманалде рекъараб лъайги тарбияги. Камилгерейица лъугIизабуна росдал школа ва 1952 соналда ана Сулейман Стальскиясул цIаралда бугеб Дагъистаналъул пачалихъияб педагогияб институталъул филологияб факультеталда цIализе. Ункъо соналдасан гьев тIад вуссана гIагараб школалде – гIурус мацIалъулги адабияталъулги учительлъун хIалтIизе. ВачIинахъего гьев тIамуна школа-лъул завучлъунги. Гьелдаса нахъе 51 соналъ Камилгерей хIалтIана учительлъун ва гьезда гьоркьоса 41 соналъ (1956-1997 с.с.) цадахъго гьабуна директорасул хIалтIиги. Гьесул хIалтIуе къимат кьола 1983 соналъул 23 декабралда «Дагестанская правда» газеталда бахъараб «Директорзаби цIалула» абураб макъалаялъул авторалъ. «Северияб Осетиялдаса, Кабардино-Балкариялдаса, Чечено-Ингушетиялдаса ва Дагъистаналдаса директорзабазул къокъа – Дагъи- станалъул пединституталъул Лъай камил гьабиялъул факультеталъул цIалдохъаби – дагьалъ цере щвана Казбек районалъул Дилим росдал №1 гьоркьохъеб школалде. Гьеб сапаралъ гьабураб асар нижеда киданиги кIочон теларо. Школалда жанире лъугьорабго, тIоцебесеб иргаялда бер тIаде цIала гьелъул къачIаялде.

Кинабго гьабун буго кIудияб рокьи- гун, жидерго квераца. Кабинетал хьезарун руго техни- киял алатаздалъун. ЖанахIазда цере лъун руго лъималазул техникияб гьу- наралъул тIагIел-алатал. Гьеб буго 25 соналъ школалъул коллективалъе нухмалъи гьабулев директор Ка- милгерей Ибрагьимовасул тIалабагъазалъул хIасил», — ан хъван буго СОАССРалдаса школалъул директор Р. Чихтисовалъ. К. Ибрагьимов директорлъун хIалтIана 1997 соналъул февралал- де щвезегIан. Директорасул хъулухъалдаса эркен гьавеян абун гIарзаги кьун, Камилгерей тIад вуссана рекIее хирияб пишаялде – гIурус мацIалъулги адабияталъулги дарсал кьеялде. Школалда хIалтIулел соназул хIакъалъулъ бицунаго, гьадин абуна Камилгерейица: «Педагогасул хIалтIи ккола учительги цIалдохъанги цадахъ рекъон гьабулеб иш. КIиялго хIалтIизе ккола жигаралда, гъираялда, сундего кIвар кьун, пайдаялъе. Гурони, хIасил букIунаро. Дун хIалтIана, жамагIаталъ бадибчIвай гьабизе кколаредухъ. Амма жакъа хIалтIилищан гьикъани, — лъаларо. Дида ракIалде ккола, лъицаялиго ургъунго хвезабулеб бугин улкаялъул лъай кьей. Масала, цебе 80-100 цIалдохъанасда гьоркьоса вузалда цIализе унаан 5-15 цIалдохъан. Школаги учительзабиги рохулаан, гьеб лъикIаб хIасил бугин абун. Гьанжейин абуни, гьоркьохъеб лъай щвеялъул аттестат кодобе щвелалдего студенталлъун рахъун ратула цо-цо цIалдохъаби. Киналниги выпускникал лъугьуна вузазда цIализе. Кин гьезухъа гьеб бажарараб? Школалъул лъай босизе гьунар гIоларел гьезие щола дипломал. Гьелда рекъараб букIинарищха гьезул хIалтIиги», — ян. Гьесул цIалдохъабазда гьоркьоса рахъарал къадруял хIалтIухъабазул сураталги гьезул хIакъалъулъ баяналги чIван руго жакъаги гьанже лицейлъун кколеб Камилгерейил гIумру араб школалъул азбаралда. Гьезул щивасе щвана Ибрагьимовасул гIакъиллъиялъулги, гIаданлъиялъулги, сахаватлъиялъулги дарсал. РакIалде щвезабулеб буго жакъа директорлъун хIалтIулей Язрапат Юсуповалъ: «РукIуна нилъ- ер гIумруялда жаниб кIудияб, хиси гьечIеб ва къиматаб лъалкI тарал гIадамал. Гьединавлъун вукIана дие школалъул тIоцевесев директор Камилгерей Ибрагьимов. Гьесда лъалаан киналго; лъалаан, кин гIумру гьабизе кколебали, кинаб нух тIаса бищилебали, жиндехунги цогидал гIадамаздехунги инсанасул ки- наб бербалагьи букIине кколебали. ГIисинлъималазул коллективалъе тарбия кьолев чи – гьев вуго дирижер: гьесул цо ишара гIола, оркестралъул щивас цогидасул талихIалъе гIоло хIалтIи байбихьиялъе ва гьедин инсанасул рекIелъ тIирщун бачIуна гIаммаб ишалдаса чIухIиялъул асарги гражданинлъиялъул тIоцересел тIерщалги. Гьединаб цокIалгохIалтIулеб коллективалда бижула цадахъ ругезул тIалаб гьабиги, ин- сан вохизавизе гъира байги, щибаб рагIуде кIвар кьезе гьунарги. Лъима- лаз гIадамазе рохел бикьулеб бакIалда гучаб къуватлъун букIуна тарбиячия- сул рагIи, калам. ЦIодорав ва гьабулеб ишалъе ракI кьун хIалтIулев директорасул нухмалъиялда гъоркь хIалтIизе рес щвей – гьеб буго дир гIумрудул бищунго к1удияб талих1. 

Камилгерейил малъа-хъваял

«ГIумруялда жаниб буго инсанас тIаса бищулареб, ай ТIадегIанав Аллагьасго гьесие кьураб, лъабго жо: эбел-эмен, ватIан ва къисмат. ХутIарабщинаб тIаса бищулаго, битIараб нух батизе кумек гьаби- зе ккола кIудияб гIелалъ гIолилазе. Гьединлъидал гьел, ай чIахIиял, жалгоги рукIине ккола мисаллъун – яхI-намусалъулги, къадруялъулги, ритIухълъиялъулги, законалъул ва диналъул тIалабал цIунун хьвадиялъулги рахъаз. Гьединал мисалазул кьучIалда куцазе ккола нилъеца гIолеб гIел – хъизамалда, лъималазул ахалда, школалда, вузалда», — ян бицана Камилгерейица. Буго гьесул гIолеб гIел куцаялъул рахъалъ хасаб «конституцияги». Рехселин гьелдаса цо чанго малъа-хъвай. Анкьида жаниб цо нухалъ школалде рачIа, кватIичIого ва камичIого, школалде ритIе лъимал. Лъималазул дневниказул, тетрадазул ва тIахьазул хал гьабе. Умумузул данделъабазда гIахьаллъе. Рокъоб цIалуда тIадчIезе, лъималазе хасаб рукъ яги бокIон чIезабе; гьел хьезаре тIахьаздалъун ва цIалул къайиялдалъун. Рокъоре кьурал дарсал хIадурулеб мехалда рукъалъул цоги хIалтIуде руссинаруге лъимал. Жиндир заманалда лъимал кьижиялда хадуб халккве. Лъазабе, нужер лъималаз цIалудаса эркенаб заман щивгун тIобитIулеб бугебали, щал гьезул гьалмагъзаби кколелали, къватIахъ ва жамгIияб бакIалда гьезул кинаб хьвада-чIвади букIунебали. Биччаге хъизамалда жаниб гьереси бицин, дагIба-рагIи гьаби. Лъимал аскIор рукIаго, биччаге дагьабниги хъачIлъи ва гьездаса тIалаб гьабе чIахIиязул – эбел-инсул, учителасул, мадугьаласул – адаб гьаби. Мекъал ишал гьарун ратани, жалго мекъи ккеялъе мукIурлъизаре лъимал. РитIухълъи хирияллъун, инсанасул адаб гьабулеллъун ва жамагIаталъе пайдаяллъун рукIине хIаракат гьабулеллъун куцана Камилгерейицаги гьесул хъизан ЗабихIатицаги жидерго лъималги – ункъо вас ва цо яс. Гьел киназго лъугIизаруна институталгун университетал, амма цонигияс тIаса бищичIо учителасул махщел. ГIагараб ракьалъул цебетIеялъулъ буго гьезулги бутIа. Гьебги ккола пе- дагог ва тарбиячи Камилгерей Ибра- гьимовасул хIаракаталъул лъикIаб хIасил. Гьал къоязда кIодо гьабизе буго К. Ибрагьимов гьавураб къо. РакI-ракIалъ баркула гьесда гьавураб къо ва гьарула щулияб сахлъи, рохел, аваданлъи.

Кавсарат СУЛЕЙМАНОВА