Шагьаралъул школазда — рахьдал мацIал

Анищазул ва кочIол куркьбазда

Дагъистаналъул мацIазул фестивалалда

25 апрель. МахIачхъалаялъул № 58 школалде (Семендер поселок) гIагарлъулаго, рагIулеб букIана магIарул зурмил гьаракьги къолол накуги. Гьелдаго цадахъ — пандрида рачунел бакъналги Дагъистаналъул цогидал мацIазда ахIулел кучIдулги. Гьениб тIобитIулеб букIана Дагъистаналда 27 апрелалдаса 6 маялде щвезегIан букIине бугеб спорталъул кIудияб байрам — эркенаб гугариялъул ра­хъалъ Европаялъул чемпионаталъе сайгъат гьабураб Дагъистаналъул миллиял мацIазул фестиваль. Байрамалда гIахьаллъизе рачIун рукIана дунялалда машгьурал Дагъистаналъул речIчIухъаби-спортсменал: эркенаб гугариялъул рахъалъ Европаялъул щуцIул чемпион, дунялалъул чемпион КъурамухIамад КъурамухIамадов, Олимпиялъул хIаязул гIарцул призер МухIамад Ибрагьимов, шагьаралъул Собраниялъул депутатал, МахIачхъалаялъул лъайкьеялъул управлениялъул начальник ТIагьир Мансуров, вузазул преподавателал, школазул нухмалъулел, журналистал, цIалдохъаби.
Школалъул азбаралъуб АсхIабгIали ХIасановас нухмалъи гьабулеб гьитIинал палугьабазул къокъаялъул цебебахъиналъ берцин гьабун букIана дандеруссин. Гьенибго гьитIинал къолохъабазул къокъаялъги бихьизабуна Дагъистаналъул миллиял бакъ­нал къолода ва пандрида рачине жидерго бугеб гьунар.
Гьелдаса хадуб данделъана школалъул жанахIалъур. Щибаб миллаталъул майдан. Сверухълъиялдего чIвалеб букIана миллияб тепсиялъул нигIматазул тIагIамаб махI. АскIобго- миллияб ретIелги. Киса-кирего гьеб ретIарал гIолилал — васалги ясалги.
Нилъер умумуз абулаан рокьул хинлъи букIунарила, богIол рокьи хьолбохъ гьечIонийилан. Цоцазул майданазда бугеб кванил хIалбихьулел ругел цогидал миллатазул гIадамазухъги балагьун, рухIдаллъизе бачIунеб букIана.
Гьадинал байрамазда дагьабги лъикI бичIчIула Дагъистаналъул халкъазул гьудуллъиялъул гучги къуватги. Ва аскIоре гIагарлъизего рокьуларо миллиял мацIалги, маданиятги, гIадаталги холел, тIагIунел ругин абурал пикраби.
Цинги данделъана школалъул данделъабазул залалда. Ва цIидасанги рагIана миллиял мацIазул гьаракь. Гьел мацIазда кучIдул ахIана ва рикIкIана №58 школалъул учительзабаз ва цIалдохъабаз. Кинаб нурха букIинеб байрамалда, кочIода аскIоб кьурдиги гьечIони. ГIисинал кьурдухъабаз кьурдул сверуда бицунеб букIана жал тIадегIанаб Дагъистаналъул чIухIараб букIинесеб бугилан.
Школалъул директор Шаганэ Баймурзаевалъ баркала кьуна байрамалда гIахьаллъаралщиназе.
ЛъугIана миллиял мацIазе сайгъат гьабураб иргадулаб байрам. Биччанте гьеб букIине миллатазул жавгьа­раллъун кколел мацIал цIуниялде ва цIилъиялде тIамураб иргадулаб галилъун.
Шамай Хъазанбиева

*** 

МагIарул адабияталъул букIинесеб
ГIолохъанал хъвадарухъабазулгун ва шагIирзабазулгун дандчIвай тIобитIана «ХIакъикъаталда»

Гьелгун дандчIвана ва гьезие магIарул адабияталъулги, тарихалъулги, классиказулги хIакъалъулъ бицана газеталъул бетIерав редактор ГIали Камаловас, ДНЦялъул ИЯЛИялъул профессор АхIмад МуртазагIалиевас, газеталъул мухбир Шамай Хъазанбиевалъ.
— МагIарул маданияталъул букIинесеб буго нужехъ. Гьединлъидал нужеца кIудияб кIвар кьун цIализе ккола миллияб маданияталъул классиказул асарал, лъазаризе ккола нилъерго мацIалъул, адабияталъул хаслъаби. Щибаб къойил цIалдечIони, нужер шагIирзаби рахъунаро. ЦIале гIурусги, магIарулги, Дагъистаналъул халкъазулги, къватIисел пачалихъа­зул хъва­дарухъаби-шагIирзабазулги асарал. КечI хъвазе ккола, гIарац къваригIун яги жакъасел кочIохъабаз ахIизе мура­далда гуреб. Унго-унгояб кечI хъвай — гьеб букIине ккола нужер рекIел ахIилъун. Гурони, нуж цIалдолезда ратуларо ва рихьуларо, — ян малъа-хъва­ял гьаруна гIолилазе.
Жидерго кучIдул цIалана ЧIикIаса Зайнаб ХIажиевалъги, Рамазан Халидовасги, ХIамзат Сурхаевасги, гьединго Гъуниб районалъул ХIутниса Рамазан ГъазимухIамадовас, Хунзахъ районалъул Сивухъа Шамсият ГIабасовалъ, Лаваша районалъул Урмаса НасихIат ГIабдурашидовалъ, ГIахьвахъ районалъул Изаноса Мадина Нуцалхановалъ ва Нечаевкаялдаса Фатима ТIагьировалъ. Гьединго гIолилаз бицана, жакъа тIахьал къватIире риччазе ккани, дандчIвалел ругел захIмалъабазул. Гьезул цо-цоязул руго тIахьалги. Масала, Фатима ТIагьировалъ къватIибе биччана «НасихIатазул квацIи» абураб тIехь. Руго тIахьал Мадина Нуцалхановалъулги. Живго бетIергьанаб гьечIониги,тIахьал къватIире риччана Рамазан ГъазимухIамадовасги. Гьес данде гьабуна магIарул классиказул асараздаса гIакъилаб калам, хъвана магIарул шагIир МахIмуд-Апандил кучIдузул хIакъалъулъ жиндирго пикраби.

ХадурагIи

Абизе ккола гьеб дандчIвай букIанин магIарул маданияталде тIоцересел галаби тIамулел гIолилазулгун бухьен гьабиялъул байбихьийилан. Гьез тIаде босун буго цIакъго жавабчилъи цIикIкIараб иш. ЧIанкIалги, МахIмудилги, ЦIадаса ХIамзатилги, Инхоса ГIалихIажиясулги, ХIамзатил Расулилги, Фазул ГIалиевалъулги ирсилазул цIаралъе мустахIикъаллъун рукIине ва хутIизе ккани, бигьаго букIинеги гьечIо.
Зубейрат Ибрагьимова