Лъица гьабулеб бугеб квалквал?

 

 

   Ахираб заманалда школазда цIакъ дагьлъизарун руго рахьдал мацIалъул дарсал. Щай гьедин бугебин гьикъидал, цо-цояз абулеб буго добасан гьединаб амру бачIанин абун. «Доваги» кинго ватуларо школазе гьединаб амру гьабурав хIакимчи. Лъида бараб бугеб рахьдал мацIалде чан сагIат кьелеб абураб масъала? Гьелъул хIакъалъулъ бицине бокьун буго гьаб макъалаялда.

 

  Чамалиго сон буго школалда лъай кьеялъул стандартал хисаралдаса нахъе. Гьебги гьабуна улкаялъул, Лъай кьеялъул министерствоялъул хIукмуялда рекъон. Нилъер улка гIемермиллатазулаб кколелъул, рес гьечIо миллиял мацIазде кIвар кьунгутIиялъе. (Дагъистанияз рахьдал мацIазде мугъ рехулеб бугониги, улкаялъул цогидал миллиял ре­гионазда гьелде кьолеб кIвар цIикIкIараб буго). ЦIиял ФГОСал хIадурулаго, Лъай кьеялъул министерствоялъги кьочIое босула улкаялъул аслияб закон -Конституция.

  Конституциялъул №68 статьяялда рекъон, РФялъул тIолабго ракьалда пачалихъияблъун ккола гIурус мацI. Аслияб законалъул №26 статьяялъул кIиабилеб бутIаялда рекъон, щивав гражданинасул ихтияр буго рахьдал мацI хIалтIизабизе ва гара-чIвариялъегун тарбия кьеялъе жиндиего бокьараб мацI тIаса бищизе.

  Гьелде тIадеги, лъай кьеялъул идарабазда мацIал малъиялъул суалал рекъезарула 1991 соналъул 25 октябралда къабул гьабураб «РФялъул халкъазул мацIазул хIакъалъулъ» абураб № 1807-1 законалда рекъонги. Гьелда хиса-басиял гьаруна 2018 соналъул лъабабилеб июлалда ва къабул гьабуна № 185 федералияб закон (ФЗ). МацIалъул суалазул хIакъалъулъ бицунеб буго 2012 соналъул 2 декабралда къабул гьабураб «РФялда лъай кьеялъул хIакъалъулъ» абураб № 273 ФЗялдаги. Гьениб хъван буго, РФялъул республикабазул законодательствоялда рекъон, республикабазул пачалихъиял мацIал малъизе бегьулила гьезул ракьалда ругел пачалихъиялги муниципалиялги лъай кьеялъул идарабаздаян абун.

  РФялъул республикабазул пачалихъиял мацIал лъай кьеялъул идарабазда малъула, гьезул пачали­хъияб аккредитация бугони ва лъай кьеялъул федералиял пачалихъиял стандартаздаги рекъезарун. РФя­лъул республикабазул пачалихъиял мацIал малъизе бегьуларо, улкаялъул пачалихъияб мацIлъун кколеб гIурус мацIалъе зарал кколедухъ.

  «РФялда лъай кьеялъул хIакъалъулъ» абураб № 273 ФЗялъул 14-абилеб статьяялъул ункъабилеб бутIаялда рекъон, РФялъул гражданазул ихтияр буго школалда цебесебги, байбихьулги, аслиябги лъай РФялъул халкъазул мацIазул цояблъун кколеб мацIалда босизе ва, лъай кьеялъул идарабазул бугеб ресалъухъ балагьун, лъай кьеялъул суалазул рахъалъ законодательствоялъул нормабаздаги рекъезабун, РФялъул халкъазул мацIазда гьоркьобе унеб рахьдал мацI гьениб лъазабизе.

  Рехсараб федералияб законалъул 14-абилеб статьяялъул анлъабилеб бутIаялда рекъон, лъай кьеялъул идараялда цIали гIуцIиялъул суал тIубазабула лъай кьеялъул идараялъул локалияб акталдаги, гьелъ гIумруялде бахъинабулеб лъай кьеялъул программаялдаги ва РФялъул законодательствоялдаги рекъон.

   Гьебго № 273 ФЗялъул 44-абилеб статьяялъул лъабабилеб бутIаялда рекъон, кинаб мацIалда жиндир лъимералъе лъай кьелебали ва лъай кьеялъул идараялда кинаб мацI гьесда малъилебали, гьединго кинал факультативал тIаса рищилелали хIукму гьабула гьесул эбел-инсуца яги гьев хьихьулел гIадамаз. ЦIали гIуцIулеб мацIги школалда малъизесеб мацIги гьез тIаса бищула лъай кьеялъул идараялъул программаялда рехсарал дарсазда гьоркьоса.

 

Щиб абулеб бугеб Дагъистаналъул Конституциялъ? 

 

   2003 соналъул 10 июлалда къабул гьабураб ДРялъул Конституциялдаги рехсон руго рахьдал мацIал лъазариялъул хIакъалъулъ нормаби. Масала, 11-абилеб статьяялда хъван буго: «Дагъистан Республикаялъул пачалихъиял мацIаллъун ккола гIурусги Дагъистаналъул халкъазулги мацIал.

Дагъистан Республикаялъ ихтияр кьолеб буго гьелъул ракьалда гIумру гьабулел киналго халкъазул мацIал цIуниялъе ва гьел лъазариялъеги церетIезариялъеги шартIал гIуцIизе».

Статья 30: «Щивасул ихтияр буго рахьдал мацI эркенго хIалтIизабизе, гара-чIвариялъеги, лъай щвеялъеги ва творчествоялъеги жиндие рекъон кколеб мацI тIаса бищизе».

Статья 42: «Дагъистан Республикаялъул ихтияр буго пачалихъияб лъай кьеялъул стандарталъул регионалияб (миллиябгун регионалияб) бутIа чIезабизе».

 

ЦIали гIуцIиялъул къагIида

 

   Лъай кьеялъул идараялда цIализе ругел цIалдохъабазул эбел-инсуда дандги бан, лъай кьеялъул идараялъ къабул гьабула цIали гIуцIиялъулги, дарс хIисабалда мацI малъиялъулги суалал рехсараб локалияб нормативияб акт (масала, Школалъул устав).

   № 273 ФЗялъул 28-абилеб статьяялда рекъон, лъай кьеялъул идараялъухъе кьун буго, ФГОСаздеги рекъезарун, лъай кьеялъул программаби хIадуризе ихтияр. Гьезие кьочIое росизе бегьула лъай кьея­лъул аслиял программаби. Улкая­лъул Лъай кьеялъул министерствоялъ тасдикъ гьабуна буго ФГОСазулги цIалул планалъулги ункъо батIияб тайпа. Гьедин гьабуна рахьдал мацIалда лъай щвезеги рахьдал мацI школалда лъазабиялъеги Конституциялъ кьолеб ихтияралдаса лъимал махIрум гьарунгутIиялъул мурадалда.

   ГIаммаб лъай кьеялъул ФГОСазги байбихьулгун аслияб гIаммаб лъай кьеялъул программабазги (гьезда гьоркьоре уна мисалиял цIалул планазул чанго тайпаги) рес кьола РФялъул ва гьелда гъорлъ ругел республикабазул пачалихъиялги РФялъул халкъазул рахьдал мацIалги школалда малъизеги гьел мацIазда цIали гIуцIизеги.

 

Чан сагIат анкьида жаниб кьелеб рахьдал ва гIурус мацIал малъиялъе?

 

   Гьеб суалалъе жаваб кьола 2015 соналъул 31 декабралда РФялъул Лъай кьеялъул министерствоялъ къабул гьарурал №№ 1576, 1577, 1578 буюрухъаз. Гьезда рекъон, федералиял пачалихъиял лъай кьеялъул стандартазда гьаруна гIурус мацIгун адабият ва рахьдал мацIгун адабият школазда малъиялъул рахъалъ хиса-басиял.

   Байбихьул ва аслияб лъай кьеялъул ФГОСазда рекъон, школалда чара гьечIого малъизе кколел дарсазда гьоркьор рехсон руго «Рахьдал мацI ва рахьдал мацIалда литературияб цIали» ва «Рахьдал мацI ва рахьдал адабият» абурал дарсал. ФГОСа­лъул 18.3.1 пункталда рекъон, рехсарал дарсал чара гьечIого рукIине ккола лъай кьеялъул идараялъул цIалул планалда – щибаб классалда кьезе ругел сагIтазул къадарги чIезабун. ЦIалул планги ккола лъай кьеялъул программаялъул аслияб бутIалъун. ЦIалул планалъул чарагьечIеб бутIаялда гьоркьобе уна «Рахьдал мацI ва рахьдал мацIалда литературияб цIали» (байбихьул школалда) ва «Рахьдал мацI ва рахьдал адабият» (аслияб гIаммаб лъай кьеялъул идараялда) абурал дарсал.

   Лъай кьеялъул идараялъул ихтияр буго, цIалдохъабазулги гьезул эбел-инсулги мурадги хIисабалде босун, пуланал дарсазде кьолеб сагIтазул къадар цIикIкIинабизеги цIиял дарсал малъизеги.

  ТIадехун рехсарал дарсазе хIалтIул программа хIадурула ФГОСазда рекъон ва тасдикъ гьабула лъай кьеялъул идараялъ, ай школалъ. Гьеб гьабулеб къагIида рехсон буго 2014 соналъул 28 маялда РФялъул Лъай кьеялъул министерствоялъ къабул гьабураб № 594 буюрухъалда рекъон. ЦIа­лул программаби хIадуризе ва гье­зие къимат кьезе (масала, регионалиябгун миллияб ва миллиябгун маданияб хаслъи хIисабалде босун бугищали хал гьабизе) ихтияр буго цIалулгун методикияб цолъиялъул (УМО).

   Рахьдал мацIалъул мисалиял цIалул программаби хIадурула РФялъул субъектазда ва, субъекта­лъул лъай кьеялъул рахъалъ жавабияб пачалихъияб идараялъул хIа­ракаталдалъун. Гьезул экспертиза тIо­битIула федералияб УМОялъ — лъай кьеялъул мисалиял программа­базул сияхIалде росиялъул мурадалда.

    Гьаб макъалаялда рехсарал баяналги хъван, 2017 соналъул ичIабилеб октябралда РФялъул Лъай кьеялъул министерствоялъ регионалиял министерствабазухъе битIун букIана «Рахьдал мацIалда лъай щвезе бугеб гражданазул ихтияр цIуниялъул хIакъалъулъ» абураб № ТС-945/08 кагъат. Гьеб кагътида бицунеб буго, кинал классазда ва кинаб къадаралда, цIиял ФГОСаздеги рекъезарун, кьезе кколел рахьдал мацIалъул дарсал. Масала, 2020/2021 цIалул соналда 10 классалда цIиял ФГОСал хIалтIизе ругеблъиги хIисабалде босун, гьениб абулеб буго 2004 соналъул лъай кьеялъул стандарт (ГОС) кьочIое босулеб бугин абун. ГОС-2004 гIуцIун буго лъабго бутIаялдаса: федералияб – чIезабула РФялъ), регионалияб (миллиябгун регионалияб) – чIезабула РФялъул субъекталъ ва лъай кьеялъул идараялъулаб – чIезабула щибаб школалъ яги лъималазул ахалъ.

   Гьелдаса бичIчIулеб буго: школалда рахьдал, ай Россиялъул халкъазул мацI малъизе рес буго, федералияб базовияб планги регионалиябгун школалъулаб компоненталги кьочIое росун.

Сунцаха квалквал гьабулеб бугеб рахьдал мацIал школалда малъиялъе? Пачалихъалъ гьелъие кьураб ихтияралдаса пайда босуларел нилъецаго.

 

Кавсарат Сулейманова