ЦIалдохъабаз буцIцIараб талихIалъул гьогьомиялъукь

Унго-унгоги, гьаб ракьалда ругелщинал лъикIал гIадамал. Гьединаз гурищ дунялго ккун бугеб. Гьезул лъикIлъиялъ кIигъеж гьабун баччун букIуна гIумруялъул кинабго захIмалъи. Гьединал рихьидалги, гьезул- гун лъай-хъвай ккедалги, гьезул бицунеб рагIидалги, кидаго ракIалде рачIуна Ф. М. Достоевскиясул «Берцинлъиялъ хвасар гьабула дунял» абурал рагIаби. Щиб лъалеб, гьесги бицунеб букIун батила рухIияб бер- цинлъиялъул хIакъалъулъ. Нилъер щивасул къисматалдаги нур базабун букIуна гьединал гIадамаз. ГIажаибаб парахалъи лъугьуна, гьел нилъер гIумруялъулъе рачIиндалги. Гьеле гьединазул цояйлъун ккола Индира ХIажароваги. Индира хIалтIулей йиго МахIачхъалаялъул № 11 гимназиялда инфор- матикаялъул учительлъун. Гьединго гьей ккола МахIачхъалаялда бу- геб рикIкIадасан сакъатал лъимал цIализариялъул республикаялъулаб централъул учительги. Дунги Индира МухIамадовнаги цадахъго гIадин рачIана гьеб школал- де хIалтIизе. БачIинахъего дир рекIелъ йосана гьей. Бокьана лъай-хъвай гьабизеги. Лъай-хъвай щула гьабизе, гьоболлъухъги ахIана гьелъ дун. Дида гьей лъала лъикIай магIарулай хIисабалда — магIарул гIумруялъеги, тарбиялъеги, гIадатал-гIамалазеги мукIурай чIужугIадан. Гьелъулъ гурищ бачун бугеб магIарул чIужугIаданалъул берцинлъиги. Амма дида лъалейго йикIун гьечIо гьей, учитель хIисабалда.

Гьаб гурищ учителасул талихI

Дагьал церегIан къояз социалиял гьиназдасан лъана Индира МухIамадовнаялъ Майкопалда босараб бергьенлъиялъул хIакъалъулъ. Гьей гIахьаллъун йиго Россиялъул югалъул математикаялъул учительзабазда гьоркьоб тIобитIараб ункъабилеб творческияб конкурсалда ва ккун буго тIоцебесеб бакI. Индирада бергьенлъи баркизе щвана гьелъухъе. 1983 соналда Хьаргаби районалъул ГIаймаки росдал школаги лъугIизабун, Индира цIализе лъугьана МахIачхъалаялде Дагъистаналъул пачалихъияб педагогияб институталъ- ул физикаялъулгун математикаялъул факультеталде. Гьений цIалулагоги, гIолилалъ бихьизабуна жиндирго пагьму-гьунар – гIахьаллъулаан институталда тIоритIулел гIелмиял конференциязда, цее яхъунаан докладалгун, жиндирго цIирагьиялгун. Чанго нухалда гIахьаллъана цогидал регионазда тIоритIулел студентазул данде- руссиназдаги.

Кидаго — цебесеб кьерда

Индираца институт лъугIизабуна багIараб дипломалда. Гьелда абулеб букIана гьенийго хIалтIизе чIайилан. Амма чIужугIаданалъе кидаго аслияблъун ва тIоцебесеб бакIалда букIана хъизан-рукъ. Росас тIаса бищана росу. Ва Индира гьесда цадахъ тIад юссана гIагараб росулъе. ХIалтIана гьений 19 соналъ. Гьелгощинал саназ гьелъ къватIире риччарал цIалдохъабаз жакъаги кьола Индирае баркала. Гьелъие нугIлъи гьабула учителалъухъе рачIунел рукIарал цIалдохъабазул кагътазги, баркиязги, адабалъги. Гьанжеяли кинабго социалиял гьиназдасан букIунелъул, дие асар гьабуна учителалъухъе рачIарал церегосел тIогьиллъарал кагътаз. Гьелъулъ гурищ бугеб учителасул талихI — цIалдохъабаз кьолеб баркалаялъулъ. Къиматаб хазина гIадин, цIунун ругоан учителалъ гьел. Гьале открыткабиги… — Зама-заманалдасан, гIолиллъиялъухъ гьоболлъи базе урхъарал лахIзатаз, дица цIидасанги цере рахъула дие хазиналъун лъугьарал дирго цIалдохъабазул кагътал. Гьездасан бачIунебщинаб хинлъилъ цIола ракI. Сверухълъиго гвангъизабураб гIадаб асар гьабула дие. ЦIалула, цIалула ва цоги нухалдаги цIалула. Щивав цIалдохъанасул сипатги бачIуна цебе. Гьезул жавабалцин ракIалда руго, — ян абуна Идираца. Рихьана гьелъ цадахъ рахъарал сураталги. Гьезул щивасул къисматалъулги бицана гьелъ дие. Гьединаб буго Индирал учителасулаб талихI. Гьеб талихIалъул гьогьомиялъулъ жакъа къоялъги хIухьбахъулеб буго учителалъ. Индира МухIамадовна санайил гIахьаллъула шагьаралда тIоритIулел математикаялъул учительзабазул творческиял къецазда. Ва кидаго ккола цересел бакIалги. Гьаб нухалдаги гьедин ккана. Цин — шагьаралда, цинги – республикаялда ва хадубги — Россиялъул югалъул учительзабазда гьоркьобги. Исана гьей гьединго гIахьаллъана Нижний Новгородалда тIобитIараб «Учитель ва гIелму» абураб учительзабазул форумалда. Гьенир гIахьаллъун руго Россиялъул 30 регионалдаса учительзаби. Гьеб тадбиралда гIахьаллъун вуго Россиялъул просвещениялъул министр Сергей Кравцовги, вузазул ректоралги, РАНалъул президент Александр Сергеевги. — Дун цIакъ йохана гьениб гIахьаллъи гьабизе щвеялдаса. Лъай-хъвай ккана Россиялъул цогидалги регионаздаса учительзабазулгун, бицана цоцазе жиде-жидер хIалбихьиязулги. Министрасги кIудияб кIвар кьун бицана Россиялъул лъай кьеялъул букIинеселъул хIакъалъулъ. Россиялъул президентас бачIунеб сон лъазабун буго ГIелмуялъул сонлъун. Гьелъие сайгъат гьабураб букIана гьеб форумги. ЦIалдохъанги, учительги, гIелмуги – гьеле форумалъул аслияллъун рукIарал суалал, — илан бицана Индираца. Индира МухIамадовна ккола педагогикиял гIелмабазул кандидатги, Россиялъул Лъай кьеялъул ХIурматияй хIалтIухъанги, тIаса бищараб махщалие ритIухъай учительги. Гьездаго хьолбохъ Индира ХIажаровалъ лъун буго цIалдохъабазул жиндехунго бугеб лъугIелго гьечIеб рокьиги. ГьабсагIаталда «ХIакъикъат» газеталда хIалтIулей йиго Индира ХIажаровалъул йикIарай цIалдохъан ПатIимат МухIамаева. Гьадин бицана газеталъул жавабияв секретарасул заместителалъ йокьулей учителалъул хIакъалъулъ: — ХIажаровазул тухумго буго гIелмуялде рокьи бугел, гIадамазулъ рукIа-рахъине лъалел, гIадамалги рокьулел, гIадамазеги рокьулел чагIи. Индираца дун школалда цIалулеб заманалда нижее дарсал кьолаан. Берцинго, хIеренго, щивасде нух батун бицунаан гьелъ дарс. Математикаялде цо кIудияб рокьиги гъираги букIунароан дир. Индира МухIамадовнаялъул лъикIлъиялъги гьелде бугеб адабалъги дарсги бокьанин абизе бегьула. КIудияб рохел букIуна нилъер лъале-хъвалев чиясе кинаб батаниги бергьенлъи, шапакъат щванин абидал. Дунги чIухIарай йиго дир йикIарай мадугьалалъ, росуцоялъ, учителалъ бергьенлъи босиялдаса. Хадур гIемерлъаги бергьенлъабиги, лъикIал лахIзаталги, мунго гIадал учительзабиги. Индира ХIажаровалъ рикIкIадасан (онлайн) дарсал кьола сакъатал лъималазеги. — Гьезие бицине ккола цIакъго недегьаб, хIеренаб мацI, щивасе батIибатияб. Гьедин ругьунлъарай дие захIмалъизехъин букIана гIадатияб школалда хIалтIизеги. Гьел лъималазеги додинабго мацI бицуней ятулей йиго. Дагьабниги кьвари гьечIого бегьилищха. Гьединлъидал дида ракIалдеги ккараб гимназиялда дар- сал дагь гьаризе, — янги абуна гьелъ. Бахиллъун йиго Индира МухIамадовнаялда, цIалдохъабазул рокьиялъ куркьбал гъурай, гьел куркьбазул кумекалдалъун учителасул гIадатияб талихIалде данде йоржуней йигей учителалда.