ЦIале, цIале, дир цIодор… Сентябрь щолелъул, улбузде бегулеб ургъалил бакIлъи

 

     Хириял «ХIакъикъат» газета цIалулел. ТIаде щолеб буго цIияб цIалул сон. 1 сентябралде нужерго лъимал къачIалел, рекерахъдилел ратила гьабсагIат нужеда гъорлъги гIезегIан чагIи. Партаялда нахъа тIоцебесеб нухалъ чIезе руго нус-нус гьитIичал.

     Жакъа эбел-инсуе бигьаяб бетIер унти гуро лъимер цIияб цIалул соналде хIадури. Хасго кIиго-лъабго лъимер бугел хъизамазе махIниги бигьаго батиларо. Гьебги хIисабалде босун, нижеца хIукму гьабуна 1 сентябралъул хIакъалъулъ гьаб номералда гIатIидаб макъала кьезе.

 

 

ЛЪАЯЛЪУЛ КЪЕБЕЛЪУХЪ ЩИБДАЙ БУГЕБ ХIАЛ?

     Исана цIалул соналде цIияб анкьго школаги щуго ясли-ахги бан хIадурун буго республикаялда. 1 сентябралде 1600 лъимералъе жидерго каву рагьизе хIадурун чIун руго гьел.          Роспотребнадзоралъул баяназда рекъон, 451050 цIалдохъан къабул гьавизе ракIалда буго респу- бликаялъул школазда исана. Гьезда гьоркьор тIоцебесеб классалде унезул къадар буго 56888 лъимер. Гьел ккола жеги тIубан гургин гьаричIел тарихал, щайгурелъул, 1 сентябрь щвезегIан, школазде рачунезул сияхI жеги цIикIкIине бугелъулин баян гьабуна Роспотребнадзоралъ. Гьаб соналъул ахиралде жегиги 16 школаги 57 ясли-ахги бан бахъинабизе ракIалда бугин бицана 20 августалда тIобитIараб лъай кьеялъул хIалтIухъабазул данделъиялда Сергей Меликовас. Республикаялъул бетIерас гьенибго рехсана, биххун иналде ккун, жагъаллъун бугеб 200- гIан школаги.

     Миллияб проекталда рекъон, басриял къачIалеб, цIиял школал ралеб пачалихъалъул программаги гьоркьоб къотIун гьечIин абуна С. Меликовас. Гьединго гьес бицана исана цIалул цIияб соналде мугIалимзабазе харжал цIикIкIинаризе ресал ратаниланги — цоязе 20, цогидазе 25 проценталъ цIикIкIине руго гьел. Гьеб ккола кIиазаргоялдаса ункъазаргоялде щвезегIан гъурущ. БатIаго гIемераб гIарац гуреблъиги лъалин гьеб, амма бугелда ракI рази гьабизе ккелин нужецаян, яхI гъуна гьес лъай кьеялъул хIалтIухъабазда.

   Лъабго сменаялда лъимал цIализарулел школал республикаялда гIемер рукIиналъул хIакъалъулъги бицана данделъиялда. Бищунго цIикIкIун гьел руго МахIачхъалаялда.

    2023 соналде щвезегIан республикаялда рагьизе ругел школазул ва ясли-ахазул хIакъалъулъ бицана ДРялъул лъай кьеялъул министр ЯхIя Бучаевас. Хадуб гьес кIвар буссинабуна лъай кьеялъул даражаялде. Абуна мугIалимзабазул яшав лъикIлъизабизе ресал ургъулел ругиланги.

   Араб соналъ лъикIал хIасилал рихьизарурал лъай кьеялъул цо-цо хIалтIухъабазе шапакъаталги рикьана гьенир. Къокъго бицани, гьединаб букIана санайил тIобитIулеб мугIалимзабазул августалъулаб данделъи.

БАГЬАБАЦА ХIАНЧIУЛЕБ БУГО

     Гьанже нилъ рилълъина 1 сентябралде жидерго лъимер къачIалел ругел эбел-инсул щиб къо-мех бугебали цIехезе. МахIачхъалаялда лъималазул ретIел-хьит бичулел ва школалъул къайи-цIаялъул тукаби занкIун цIун руго гьал къоязда. Рекъараб багьаялде лъикIаб партал балагьулел руго улбулги.

    Гьезул цо-цоязда аскIове щун, гара-чIварана дун гьал къоязда. Киназего кьолел суалал цого рукIана: цIакъго къо бихьанищ исана лъимер къачIалаго, хъизамалда бугеб лъимер рикIкIун кьолеб Путинил 10000 гъурщица кумек гьабунищ, гъоркьисаялде дандеккун исана дагьабниги гъурущ тIокIлъичIищ абурал.

   — БитIараб бицани, харж гьабураб гIарцул хIисаб гьабизе жеги регIичIо дун, — илан бицана ясалъе портфель босулев ватарав МахIачхъалаялдаса Русланица.

    – Нижеца гьанжего-гьанже квер бана гьей школалде къачIазе. Гьединлъидал жеги нухлул байбихьуда вугин абизе бегьила. Амма ракIчIун лъала цохIо 10000 гъурщида дун чIоларевлъи. ТIоцебесеб классалде уней яс йигелъул, гIемераб жо босизе ккола гьелъие. ЦохIо гьаб портфелалъухъ инехъин буго 2500- 3000 гъурущ. ЦохIо моцIалъе босулеб жоги аб букIунарелъул, цIалул сон лъугIизегIан хвечIого букIине, лъикIаб, багьаяб босизе ккола абги. Узухъда, Путинил гIарцуца кIудияб кверчIвана дидаги цогидаздаги, хасго кIиго-лъабго лъимер бугеб хъизамалъе кIудияб кумек ккун батила гьелъул. Амма нижерго кисаялдаги лъикIго кьабизехъин бугоха.

БАРКАЛА, ПУТИН-ДАЦИ

    Цо вугев вас ункъабилеб классалде къачIалей Рисалатицаги абуна Путинил 10000 гъурущ щваниги, 18000 гъурущ хванин жиндир исанаян:

   — Гъоркьисала дир ун букIана 8000 гъурущ, исана гьелда чIечIо иш. Щайин абуни, цIакъго хиралъун буго кинабго жо. Гъоркьиса 800 гъурщиде босун букIараб гурде исана 1700 гъурщидаса гъоркье щолеб гьечIо. Гьебго къагIидаялъ хираго чIана дие тIажуги хьиталги.

    Школалде хIажатаб къайи-цIаги учузго гьечIо. Тетрадаздаса байбихьун хиралъун руго гьелги исана. Цо-цо жони босизе ккечIо дица исана. Мисалалъе, портфель гъоркьисаго букIараб хIалтIизабизе бегьула, гьединго хасалил куртка, араб соналъго букIараб, жеги басралъичIого буго. Амма гьедин чанги жоялдалъ- ун гIарац тIокI гьабилин исанаян хьулазда йикIаниги, багьаби рахун ратиялъ дир къасдал хIорго хутIана. Путиница 10000 гъурущ кьуниги, гъоркьисаго гIадин, дирго кисиниса гIезегIан гIарац харж гьабизе ккана дица. Цо лъимер бугей эбелалъецин гьеб дагьаб гIарац гуро. Гьанже хIисаб гьабе, кIиго-лъабго лъимер бугел хъизамазе букIине бугеб ур- гъелалъул. Лъица щиб бицаниги, бигьаяб жо гуро жакъа лъимер школалде къачIай.

   Дицани гIемерисебщинаб жо интернет-тукадасан босана. Гьедин гьабиялъул хайирги буго. Цо рахъалъ босани, цересан тукаби хъирщулаго заман хвезабизе кколеб гьечIо, дурго бохдузе хIалхьи буго. Дуе гъоркье-тIаде лъугьун багьабазул рахъалъ бигьалъиги гьабула гьез. Каспийскиялда гIумру гьабун йигей Рашидатил лъабго лъимер буго исана школалде хIадуризе кколеб. Путинил 10000 гъурущги жеги щвечIин бицана гьелъ:

    — Щвезе бугин абуна диеги гьеб. Гьелда хадуй лъугьине гьабсагIат дир заманги гьечIо. Босизе кколеб жоги гIемер буго, багьабиги гъоркьисала рукIарал гьечIо, хиралъун буго кинабго жо. Лъабго лъимер школалде къачIазе ккей кIудияб бетIерунти буго эбелалъе. Хасго нахъасан кверчIвазе чи гьечIел, пуланго хутIарал эбел-эменги чанги ругелъул. Цогидал лъималазул бугеб жо диразулги букIине бокьун, гIемераб яхI бахъула гьез лъимер школалде къачIазе. ИншаАллагь Путинил гIарацги щвелеб батила.

      МахIачхъалаялъул Сепараторазул поселокалда гIумру гьабун йигей Хадижатица, кIиго лъимер школалде хIадурулелъул, жиндиего букIунеб ургъелалъул гьадин бицана:

— Сентябрь тIаде щолелъул санайил тIаде бегулеб гьир бугоха гьаб щияй эбелалъе. Чан жо кколеб босизе, ручка-къаламалдаса байбихьун, гурдетIажуялде гIунтIун. Санайил хиралъулеб абги буго. Босизе кколеб жоги, цIикIкIун гурони, дагьлъулеб гьечIо. ЦIалул тIахьазухъги уна батанщинаб гIарац. Гьале дида ракIчIун лъалаха 20000 гъурщида дун чIоларейлъи. Гъоркьисаго босараб исанаги хIалтIизабизе бегьилин кканиги, цо-цо жо батула кингоги босичIого гIолареб. Щукру БетIергьанасе, исана Президентасул сайгъаталъги дагьаб кумек гьабуна. Амма кинисан балагьаниги, гIолеб гьечIоха гIарац.

    Гьединаб хIалалда руго школалде лъимал къачIалел эбел-эмен. Киназего бокьула жидерго рижи 1 сентябралъ, тIегь гIадин, къачIан букIине. Амма гьезда тIад хвезабизе кколеб гIарцуца чангиялда макьуги квенги кIоченабулеб буго.

    Бихьараб къоялдайищха бащалъилеб лъималазе щолеб лъай.

 Ашахан ЮСУПОВ