«ЦIияб цIалул соналде – 12 цIияб школа

 

    ДРялъул хIукуматалъул председатель ГIабдулпатахI ГIамирхановас тIобитIараб данделъиялда бицана «Демография» ва «Лъай кьей» абурал миллиял проектазда рекъон, республикаялда ран ругел бакIазе лицензия кьеялъул хIакъалъулъ.

 

   ГI. ГIамирхановас бицана, РФялъул хIукуматалъул бихьи- забиялда рекъон, 2021 соналъул тIоцебесеб сентябралде республикаялда хIалтIизе байбихьизе ккола рехсарал миллиял проектал гIумруялде рахъинарулаго бараб 12 объектин абун. Гьезда гьоркьоб буго: лъабго лъималазул ах (МахIачхъалаялда), кIиго школа (Хасавюрт районалда), лъималазул цо-цо ах (Хасавюрт, Дербент ва Гъизилюрт шагьаразда, МухIарамкент, Хъумторхъала, Казбек ва Дербент районазда).

     Амма, премьер-министрасул пикруялда рекъон, цо-цо бакIал ран рахъиналъул рахъалъ щаклъи буго – гьединал баянал кьолел руго ДРялъул Лъай кьеялъул ва гIелмуялъул министерствоялъ. Гьелъул министрасул ишал тIуралев ЯхIя Бучаевас бицана, киналго бакIал ран рахъун ругин абун. «Амма лъимал къабул гьарилалде цере лъай кьеялъул идарабазул объектазул цIарал хъвазе ккола пачалихъияб мулкалъул реестралда, гьезул рукIине ккола хIалтIизе ихтияр кьолел документал ва гьел рачине ккола муниципалитеталъул мулкалда гъорлъе. Гьелдаса хадуб тIобитIула лицензия кьеялъул мурадалда гIуцIулеб тадбир», — ан бицана министрасул ишал тIуралес.

    ХIалтIизе байбихьиялъул рахъалъ «хIинкъи» бугел объектаз- да гьоркьор данделъиялда рехсана МахIачхъалаялъул Ак-Гёл микрорайоналда бугеб 250 лъимадуеги, Хъумторхъала районалъул Учкент росулъ 100 лъимадуеги рарал лъималазул ахал. Заманалда гьелги рагьиялъе тадбирал гьареян лъазабуна премьерас.