БукIинеселде гали

 

       ДРялъул Лъай кьеялъул ва гIелмуялъул министерствоялда «Шаг в будущее» абураб ТIолгороссиялъул гIолилазул гIелмияб форумалда бергьаралгун дандчIвай тIобитIана.

       Исана форумалъул финалалда нилъер республикаялдаса 11 цIалдохъанас гIахьаллъи гьабуна. Гьезда гьоркьоса микьгоял бергьана. КIигоял призераллъунги рахъана. Щугоязе щвана «Школьник изобретатель» ва «Школьник исследователь» абурал каранда ралел гIаламатал. Жеги щугоязе — КIудияб ва ГьитIинаб гIелмиял медалал.

    Форумалда бергьарал цIалдохъабазул хIалтIабазе министр ЯхIя Бучаевас лъикIаб къимат кьуна. ЦIалдохъабаз гьесда бицана жиде- цаго гIуцIарал адабияталъул, физи- каялъул, культураялъул, химиялъул проектазул хIакъалъулъ.

    «Бокьараб гIелмияб хIалтIул мурадлъун ккола хIакъикъат цIехей. Бищун лъикIаблъун ккола – цIехрехалъул хIалтIулъ жиндирго бакI бати. ТIолабго дунялалъулго цивилизация гьединал цIех-рехчагIазда барабги букIуна», — ян абуна ЯхIя Бучаевас цIалдохъабазде хитIаб гьабулаго.

    Министрас цIалдохъабазда жинцаго гьарурал гIелмиял цIех-рехазул хIакъалъулъги бицана.

    ДандчIваялъул ахиралда Бучаевас форумалда бергьарал цIалдохъабазе грамотаби, медалал ва цогидалги шапакъатал кьуна. Гьединго министрас баркала кьуна «Шаг в будущее» форумалъул Дагъистаналъул рахъалдаса делегациялъул председатель Зумрият Самедовалъе.