Шурагьиб беролеб лъай кьеялъул ицц

 

         27 маялда «ХIакъикъат» газеталъул хIалтIухъаби щвана Буйнакскиялъул педучилищеялде гьоболлъухъ. Дагъистаналъе автономия кьуралдаса нусго сон тIубаялда данде ккезабун, кIудияб тадбир тIобитIана гьеб къоялъ училищеялъул азбаралда.

Бечедаб тарих буго гьеб цIалул идараялъул. 1975 соналде щвезегIан училищеялда абулеб халкъияб цIар букIана Авар педучилище абун. ГIадада лъураб цIарги букIун батиларо гьеб.

Шурагьиб цIалул идараялъ къватIире риччарал машгьурал магIарулазул, гьединго дагъистаниязул сияхI халатаб буго.

 

 

ИНКЪИЛАБАЛЪУЛ ЦЕРЕХЪАБИГИ ГЬАНИР ЛЪАДАРАНА

 

        Цебегоялдаса нахъе анищ букIана Буйнакскиялъул педучилищеялде щвезе. Республикаялдаго тIоцебе рагьараб тIадегIанаб цIалул идарайин абизе бегьула гьелда. XIX гIасруялъул 80-абилел соназда гьениб букIана реалияб училище, ай гьелдаса нахъе ана 140 сон.

     ГIасруялъул тарихалда жаниб Шурагьир цIаларал машгьурал дагъистаниязул сияхI гьитIинаб гьечIо. Байбихьул классазул мугIалимзаби хIадурулеб цIалул аслияб къебелъилъун букIана Авар педучилище.

       Гьениб лъай щвана инкъилабалъул машгьурал хIаракатчагIи МахIач Дахадаевасеги, СултIан-СагIид Казбековасеги, МухIамадмирза Хизроевасеги ва гьел гурел цогидазеги.

     Араб гIасруялъул 30-абилел соназда гьенир цIалана Социалистияб ЗахIматалъул БахIарчи, мугIрузул чанго районалъе нухмалъи гьабурав Хунзахъа МухIамад Махуловги, кIудияв шагIир Расул ХIамзатовги, гьесул вац, магIарулазул тIоцевесев академик ХIажи ХIамзатовги, хъвадарухъан МухIамад Сулимановги, бищун захIматал соназда республикаялъе бетIерлъи гьабурав Ругъжаса ГIабдурахIман Данияловги, гьесулго вац ХIажагIали Данияловги.

     «1880 соналда гьениб букIана реалияб училище. Гьелъул кьучIда рагьана хадуб училище. 1930 соналда Хунзахъ рагьараб педкомбинат 1933 соналъул ахиралде Буйнакскиялде бахъана. 1934 соналдаса нахъе байбихьанин абизе бегьула Буйнакскиялъул педучилищеялъул тарих. 1975 соналде щвезегIан гьеб лъалаан Авар педучилище хIисабалда. 1975-1994 соназда гьеб кколаан Буйнакскиялъул педучилище. 1994 соналда училище лъугьана Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб педагогикияб колледжлъун», — ан бицана педколледжалъул директор Бартихан ГIумаровас.

 

ХIАМЗАТИЛ РАСУЛИЛ СТЕНД ВА МИЛЛИЯБ КВЕН-ТIЕХ

 

       РоцIараб, хинаб ихдалил къо букIана ниж Буйнакскиялде щвараб къо. Педучилищеялъул азбаралъуб радалго чIаголъи бугоан. Кьер-кьерал гурдалги ретIун, хъахIал-хъахIилал гурмендабаз рахчун гьурмалгун, гIолохъанал ясал дандчIвана нижеда. Намусго гьимулаго, нижее рорчIами кьезеги нечон, аскIосан ана гьел. Педучилищеялъул минаялда цеве цIакъ разиго гьимулев, хъахIаб гурдилъ къамартIго вугев чи вачIана аскIове. Гьев вукIана колледжалъул директор Бартихан ГIумаров. Гьесул рази-ракилъиялъухъ балагьун, бичIчIулеб букIана гьалбадерие гьес кIудияб тадбир хIадурун бугеблъи.

     Газеталъул бетIерав редактор Г1умахан ГIумахановасулгун харбида вугоан ригь арав чи. Гьев ватана 61 соналъ колледжалда хIалтIулев ЧIикIаса ХIажи ИсмагIилович. Урхъарал гьалбадерида гIадин, цIакъ разияб дандчIвай гьабуна гьесги.

     Байбихьуда чай гьекъезеги ахIун, директорас ниж педколледжалъул тарихалъулгун лъай-хъвай гьабизе рачана.

      ТIоцебесеб тIалаялъул къадада чIван ругел суратазда цере лъалхъана киналго.

      «Йохъ, дун гьобол гуро гьаб минаялъул, дун даимав студент вукIана, вуго» абурал кIудияв шагIирасул рагIаби рукIана гьенир бетIералъе лъун. 1980-абилел соназда Расул ХIамзатов училищеялде гьоболлъухъ вачIиндал рахъарал суратал ругоан гьел.

     Араб гIасруялъул 30-абилел соназда гьенив цIалана шагIир. Гьанже колледжалъе гьесул цIар кьеялдасанги бихьула гьениб Расулил къимат гьабулеб букIин.

     Лъабабилеб тIалаялда гьалбадерие хIадурун батана тIагIамаб кванил тепси. Киналго миллатазул умумузул квен-тIехалъул чанго стол бугоан кIалбиччанкъоялде гIадин хIадурун. Щибаб столалда нахъа эхетарал берцинал ясаз къокъго бицана жидерго миллияб кванил тарих, щибаб нигIматалда цIар, гьеб хIадурулеб къагIида.

     Амма, хабаралдасаги нилъее хинкIал лъикIилан, лъарагIазул кициги ракIалде щвезабун, киналго столалда нахъе ахIана колледжалъул хIалтIухъаналъ.

 

УМУМУЗУЛ КЕЧI-БАКЪАН

 

     Гьединаб букIана тадбиралъул тIоцебесеб бутIа. Колледжалъул азбаралъуб зурма-къолол сас бугоан.

   Кьер-кьераб формаялъул миллияб ретIел ретIарал гIолохъанал руччабазул цIун бугоан колледжалъул гIатIидаб азбар. Гьеб къоялъгIан гIемерал, гьайбатго ретIа-къарал ясал жеги рихьун рукIаралищалиги ракIалда гьечIо. Умумузул ретIел гьезда рекъон букIараб куц. ХъахIал гурмендабазда гъоркьан намусго гьи- мулаго цересан унел гьел рихьидал, огь, дир гIолохъанлъи, букIарабани гIумрудул 18 сон, цIияй бахIаралда цадахъ инаан жакъа Шурагьисайилан абулеб рагIана гьенив вукIарав цояс.

     Студентаз бихьизабуна ГIахьвахъ некIо йокьулелъул гордухъе тIагърал рехулел рукIараб гIадат, магIарухъ тIобитIулеб оц баялъул байрам, бахIарай лъадае ячунеб куц.

     Шамил районалъул Гьоор росдал вакилзабазул букIана гIатIидаб церерахъин — ихдал тIоцебесеб рахъ бай ва некIсияб бертин.

     Гьединалго гIадатал рихьизаруна Дагъистаналъул щибаб миллаталъул вакилзабазги.

    Училищеялда цIалулев 900 студентасда гьоркьоса 700 чиги гIахьаллъун кIудияб тадбир хIадурун бугоан гьез.

 

РАКIАЛДЕЩВЕЯЛ ВА ЖАКЪАСЕБ КЪО

 

      Гьединаб аваданаб къо букIана Буйнакскиялда. Нижее цIакъ рекIее гIуна жибго тадбирги кIудияб даражаялда гьеб тIобитIизе хIаракат бахъарал педколледжалъул хIалтIухъабиги.

     Гьединго училищеялъул къадазда рарал суратазде тIад вуссине бокьун буго дие. Гьениб лъай щварал гIадамазда гъорлъ ругоан машгьуралги, машгьурлъи щвечIониги, чанги чиясул рекIелъ лъикIаб лъалкIги тун, гьаб ракьалдаса аралги гIадамал. Редакциялъул хIалтIухъабаздаги ратана гьенир цо-цо жидерго гIагабожаразул суратал. Гьез ниж тIад руссун лъимерлъуде рачана, гьулчун рачIана ракIалдещвеял.

      Дир эбелалъул имгIал ГIабдулхаликъил МухIамадги цIалана Авар педучилищеялда. ЗахIматал рагъул соназда ккана гьев Шурагьиве цIализе.

      КигIан вакъун-къечон хутIаниги, жиндир гIумрудул бищун талихIал соназул цоял Буйнакскиялъул Авар педучилищеялда анин абулаан. Гьениб щвараб лъаялъ квербакъанила хадуб тIокIлъиялда ДГУялъул химиялъулгун биологиялъул факультет лъугIизабизеги. 23 сон гурони гьечIев чи институт лъугIараб соналъго Гьонода росдал школалъул директорлъун витIун вуго ГIабдулхаликъил МухIамад.

       Гьебмехалда комиссиялда гъорлъ вукIарав республикаялъул бетIер ГIабдурахIман Данияловас, гьав гIолохъанчи Гьоноде витIизе кколин, дова школалъул директорги гьечIого, цIакъ санагIат гьечIеб хIал рагIулин абун буго. КIиго соналъул стаж хIажалъуларищилан ректор Абиловас абидал, гьонодисезе стаж гьечIониги бегьулин махсара гьабун буго Данияловас.

      Гьединаб лъай кьолеб къебелъи ккола Буйнакскиялъул педучилище.

     Вузал лъугIарал чагIаз жакъаги абула Буйнакскиялъул педучилищеялда жидее цIикIкIун лъай щванилан.

      ЦIалул программаялъул советияб заманалъ букIарабго гIадаб къуватаб даража жидеца жакъаги цIунун бугин бицана колледжалъул директор Бартихан ГIумаровасги.

     Гьедин хутIаги мун жеги нусго соналъги, Авар педучилище! МагIарулазе мунги дуе магIарулалги кутакалда хIажат руго.

   Ашахан Юсупов