Щай школалдаса бачахъараб каллиграфия?

1959, 1962, 1980 ва 2011 соназул букварал данде ккураб мехалда бихьулеб буго ахирал соназда тIоцебесеб классалъул цIалул программаялдаса берцинхъвай, ай каллиграфия нахъе бахъун бугеблъи. Щай гьедин гьабураб ва кинаб кIвар букIараб каллиграфиялъул абураб суалалъе жаваб балагьулаго, гьадинал баянал щвана.

 

 

 Араб гIасруялъул 80-абилел соназда рукIа-рахъиналъе хIажатаб ва профессионалияб электроникаялъул къайи хIадурулел чIахIиял компаниязул цоялъ чамалиго улкаялда тIобитIана эксперимент. Гьелъул мурад букIана электроникаялъул рахъалъ церетIурал улкабазда махщелчагIи хIадурулеб мехалда хIалтIизарурал методикабазул цIех-рех гьаби. Эксперименталъул хIасил гьабидал, баянлъана электроникаялъул рахъалъ пагьму тIокIал махщелчагIазе бищунго хIажатаблъун каллиграфия букIин. Гьеб мехалда, цIех-рехчагIазул малъа-хъвайги гIадахъ босун, Япониялъул тIолалго школазул 1-11 классазда байбихьана каллиграфиялъул дарсал кьезе.

ГьабсагIаталдаги Япониялъул чIахIиял фирмабазда гIадатлъун лъугьун буго къалъул заманалда хIалтIухъабазе каллиграфиялъул дарс кьезе учительзаби ахIи (щибаб къоялъ бащдаб сагIаталъ). Компаниязул нухмалъулел барахщуларо учительзабазе кьолеб харжалда, щайгурелъул гьез кьолел дарсазул пайда букIуна хIалтIухъабазул сахлъиялъе гуребги, гьезул пагьму цIубаялъеги. Электроникаялъулги нанотехнологиязулги рахъалъ Япониялъул цебетIей бихьулеб буго дунялалдаго. Дир пикруялда рекъон, гьелъие квербакъула каллиграфиялъул дарсаз гуребги, жидерго тарихалдеги, гIадатаздеги, кьалбаздеги, миллаталъул рухIиябгун чорхол сахлъиялдеги гьезул бугеб цIодораб бербалагьиялъги.

 

Китаялдаги къадру-къимат гьабула каллиграфиялъул. «Каллиграфия ва сахлъи» абураб макъалаялда Пекиналъул институталъул графикияб коммуникациялъул доцент Юань Пуца бицунеб буго, гIадалнах жигаралда хIалтIизабиялда цадахъго инсанасул гIумруги халалъизабулин каллиграфиялъин абун.

Каллиграфиялъ гIадалнахул кваранаб бутIа куцала кIиго сурат данде кквезеги, бихьулелдагун рагIулелде кIвар кьезеги, пуланаб жоялда хадуб халкквезеги, сундулниги сипат цебе чIезабизеги. Юань Пуцаца абулеб буго, каллиграфиялъе цIалулел студентаз, цогидазде дандеккун, бицунеб жо хехго босулин ва ракIалдаги чIезабулин абун. Каллиграфиялъ гIумру халат гьабулеблъи тасдикъ гьабуна гIелмуялъги.

 

ГIемерал соназ гьарурал хIал-бихьиязул кьучIалда Китаялъул профессор Генри Каоца загьир гьабуна гьадинаб пикру: «Дунялалда цониги унти гьеч, каллиграфиялъул кумекалдалъун сах гьабун бажарулареб. Каллиграфиялъул упражненияз гIодобе биччазабула унтарасул рекIел хIалуцин, бигьалъизабула хIухьел цIазе, чучлъизарула бидул кьабиги дугъдарал ччорбалги ва хIалуцине толаро бидул тIадецуй. Гьелъул хIасилалда бигьалъула цере лъурал суалазе битIараб жаваб батизеги», — ян.

Практикиялгун клиникиял цIех-рехаздалъун чIезабуна, каллиграфияги цIунун хъвадаризе тIамиялъ аутизм ва гиперактивность бугел ва цо жоялде кIвар кьезе бажаруларел унтаразе, хасго лъималазе, кIудияб кумек гьабулеблъи. Гьелде тIадеги, цебетIола гIакълуялъул рахъалъ нахъе ккарал лъималазул мантIикъияб пикру; бигьалъизабула Альцгеймерил унти бугел гIадамазул хIал. Гьеб методика хIалтIизабула гипертония ва диабет, гьединго шизофрения, депрессия ва невроз бугел унтарал сах гьарулеб мехалдаги.

 

ГьабсагIаталда Россиялъул школазда берцинхъваялъе бихьизабун буго анкьида жаниб цо сагIат. Императорасул заманалда Царское село абураб росулъ цIалулев вукIарав Александр Пушкин анкьида жанив 18 сагIаталъ хьвадулев вукIун вуго каллиграфиялъул дарсиде.

Петербургалда 15 соналъ хIал-тIулеб букIана каллиграфиялъул кьучIалда гIакълуялъул рахъалъ нахъе ккарал лъимал сах гьарулеб школа – гьенир хIалтIизарулаан XIX гIасруялда Россиялъул школазда рилълъанхъарал методикаби. Гьезул аслияб пикру букIана гьадинаб: гIелмуги, искусствоги, махщелги щвезе ккани, гьелъие хIажатаб кьучI лъезе ккола каллиграфиялъул кумекалдалъун. Гьеб кьучIалъул аслиял бутIабилъунги рикIкIунаан сабурлъи, хIалтIизе лъай ва яхI бахъи. 1-11 классазул цIалдохъабазе гьукъун
букIана киназдаго лъалеб ручкаялъ (шариковая) хъвадаризе. Щибаб дарсида (математика, грамматика, физика – батIалъи гьечIого) 15 минуталъ тIуразарулаан каллиграфиялъул упражнениял. 7-8 классазде рахарал цIалдохъабазул рукIунаан лъикIал хIасилалги. Психикиябгун чорхол лугбазул унтаби ругел лъималаз гьедин хъвазе рес гьечIин абулаан педагогикаялъул махщелчагIаз – гьедигIан берцинаб ва мухIканаб букIана гьезул хатI. Гьеб школалда цIалун рахъарал лъимал хадурккун
цIалана Петербургалъул бищун лъикIазулъ рехсолел вузазда, гьезие щвана къватIисел улкабазда цIализе ине рес кьолел гранталги.

 

Гьединаб пайда буго каллиграфиялъул, ай берцинхъваялъул. Жакъайин абуни нилъер школазул цIалдохъаби гьелдаса махIрум гьарун руго.